«Хехаб кумек» хехго щола

Жамгӏияб транспорталда хӏалтӏулев кутакалда сабур бугев чи вукӏине ккола

Махӏачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас бицана автобусалъул шоферзабилъун гаражалда хӏалтӏулев вугила лъабго вац: Гӏалиасхӏаб, Зайирбег ва Ахӏмадрасул Мухӏумаевал. Гьел ругила лъайги махщелги бугел, хьвада-чӏвадиги берцинал, абухъего, унго-унгоял магӏарулал. Коллективалъги кутакалда адаб гьабула гьезул, Ахӏмадрасулида тӏокӏцӏарцин лъун бугила «хехаб кумек» абураб.

Махӏачхъалаялъул № 17 ПТУялдаги цӏалун, Хунзахъ районалъул Гьамуши росулъа Ахӏмадрасулие щвана штукатур-малярасул махщел. Хадув цӏалана шоферлъун ва 1995 соналаса нахъе вуго гьев автобусалъул рулалда нахъа. Чанго соналъ хӏалтӏана автобусалда, Москваялдаги. Гьес бицана Москваялда шоферасе лъикӏаб харж щолаанила, амма гьеб баракат гьечӏеб букӏанила.

Жакъа Махӏачхъалаялда хӏалтӏулаго балеб лъабго соналда жаниб Ахӏмадрасулил автобусалъ нахъа тун буго 250 азарго километр. Гьебгощинаб заманалда жаниб гьес бачунеб автобусалъул цониги алатцин хисизе ккун гьечӏо. Гьелъие бугеб гӏиллаги ккола «айгъир», жиндирго гӏадин, цӏунулеб ва щибаб къоялъ гьелъие хъулухъ гьабулеб букӏин.

Гаражалда бищун лъикӏав шофер хӏисабалда, Мухӏумаевасухъе рачӏуна гӏолохъанал шоферзабиги. Гьезда гьес бичӏчӏизабула кӏудияб хехлъиялда машина бачин ва сверабазда гӏадлу хвезаби авариял ккеялъе аслияб гӏилла букӏин. Малъула жамгӏиял автобусазда нусго батӏияб гӏамал-хасияталъул чагӏи рекӏунеблъи ва гьезулгун сабуралда, адабалда хӏалрекъезабизе кколеблъи.

«Москваялда дандеккун, Махӏачхъалаялда хӏалтӏизе шоферасе цӏакъ захӏмат буго. Нухазда доба гӏадинаб гӏадлу гьаниб гьечӏо, нилъер гӏадамалги руго тӏасанккарал, чӏухӏарал ва пахруял. Гьелъин республикаялда гӏемерал авариялги кколел. Масала, Москваялда жамгӏияб транспорталъ «свери босулеб бугин» абун чирахъ паркъезабуни, шоферзабаз машинаби лъалхъизарула ва автобусалъе нух кьола. Нилъеразин абуни, чирахъ паркъелеб букӏайилан тола», — ян бицана Ахӏмадрасулица. Гьев вуго хӏалтӏи гьечӏого чӏезе кӏоларев чиги. Гьелъги батила, шоферасул хӏалтӏудаса эркенал къояз гьес, гъираялда ва гӏадамал разияб хӏалалда гьабула штукатурлъиялъул ва малярлъиялъул хӏалтӏаби.

Ахӏмадрасулил буго захӏмат бокьулеб хъизанги. Гьес лъикӏаб тарбия кьун гӏезаруна кӏиго васги цо ясги.

Киве аниги нух битӏун вуссагиха, Ахӏмадрасул. Мун гӏадинал гӏадамаз бугин Дагъистан берцин гьабун, баркала дуе ракӏбацӏцӏадаб захӏматалъухъ.