Маккал
Азбаралъул бакьулъ вахъунги чӏун, рукъалъул маккал роржине риччалев вукӏана Самад. Гьенивго туманкӏ бацӏцӏунев вукӏана кӏудада Патахӏги.
Берцинго куркьбалги хьвагӏезарун, гьаваялда сверабиги рахъулаго, роржунел рукӏана маккал. Росдада тӏад тӏавап гьабулаго, гьел зодире рикӏкӏалъанагӏан гӏисинал жал хутӏулаан. Цинги, куркьбалги дандекъан, гӏодоре рортун рачӏунаан, зобалазул хъахӏилаб хӏоринир чверделел ругел гӏадин. Рукъзабазул тӏохазда тӏад хъвалалде, нахъеги гьаваялде унаан.
Киналго маккалги роржине риччан, кӏудадада аскӏове вачӏана Самад.
— Кӏудада, дир хъахӏаб миккиялъ цоги хоно гьабуна, — ян абуна гьес разиго.
— Лъикӏ, дир вас, цӏакъго лъикӏаб тайпаялъул микки буго доб, — ан абуна кӏудадацаги.
Хӏакъикъаталдаги бищунго лъикӏаб тайпаялъул, тӏубанго хъахӏаб кьералъул миккиялъул бицунеб букӏана гьез.
«Гьадаб кӏиябго ханилги тӏанчӏи рахъани, анлъго хъахӏаб микки гӏола дир, — ан пикру гьабулеб букӏана Самадица, жакъа хоно гьабураб миккиялда хадувги валагьун. – Додинал хъахӏал маккал къанагӏатги рукӏунаро».
Цогидал макказдаго цадахъ берда бихьулареб борхалъуде бахунеб букӏана хъахӏаб миккиги. Цойидасан макказул тӏелалдасаги батӏалъун, жегиги эхеде боржине лъугьана гьеб.
Кӏудадаги Самадги лъикӏалан мехалъ хутӏана гьаваялда гьайбатго боржанхъилеб бугеб хъахӏаб миккиялда хадур ралагьун.
Цо заманалдасан макказул тӏелалда гьоркьоб цо кинабалиго рихха-хочи лъугьана. Гьури гӏадин роржун рачӏунел рукӏана гьел. Щибдай ккарабилан рукӏана кӏудадаги васги. Щобда нахъасан боржун бачӏунеб хъарчигъа речӏчӏун букӏун буго макказул тӏелалда гъорлъ.
Маккал тӏурун рорчӏидал, хъахӏаб миккиялде чан гьабизе лъугьана гьеб. Гьелдаса борчӏизе хӏаракат бахъулеб бугоан миккиялъги. Гьебгун басандулеб бугеб кинигин, дагь-дагьккун гӏагарлъулеб букӏана хъарчигъа. Цинги цо параялда жаниб миккиялда тӏад речӏчӏана гьеб.
— Кӏудада! Кӏудада! – ян гьаракь гьабуна Самадица. Амма кӏудада жиндаго аскӏов ватичӏо гьесда. Ццидалъ заралги хьвагӏулаго, ахӏделев вукӏана Самад хъарчигъаялде. Гьебсагӏат туманкӏ кьвагьулеб гьаракь бахъана. Миккиги хъарчигъаги – кӏиябго цадахъ бортун бачӏана Рукъият-кӏодол азбаралде. Пиригӏан хехго векерана гьениве Самад.
Хъарчигъаялда аскӏоб гӏодоб ккун бугоан хъахӏаб микки. Кваркьи лъукъун бугоан гьелъул. Хъарчигъа багъарулебцин букӏинчӏо. Рокьукъго хъарчигъаялъухъги валагьун, бигьагьабун кодобе босана Самадица микки.
Гӏабдул Ражабов