Финалалде йорчӏарай Элвираца кечӏ ахӏана Валерияда цадахъ

НТВ каналалъ тӏобитӏулеб «Ты супер» абураб музыкалияб конкурсалда гӏахьаллъулей йикӏана Махӏачхъалаялдаса 13 сон барай Элвира Яхӏяеваги. 82 гӏахьалчиясда гьоркьоса Элвираеги рес щвана конкурсалъул финалалда гӏахьаллъизе. Гьелъие щвана ункъабилеб бакӏ.

Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьелъ гӏумру гьабулеб буго ункъгӏалалда цадахъ. Гьелда бихьана Элвирал бугеб пагьму ва гьелъ яс цӏализе кьуна музыкалияб школалде. Элвира гӏемер гӏахьалъулаан батӏи-батӏиял музыкалиял конкурсазда. Гьелъул анищ букӏана рехсараб конкурсалда гӏахьаллъизеги. Щуго моцӏалъ халккун букӏана россиялъулаз Элвирал ва цогидалги гӏахьалчагӏазул церерахъиназда хадуб.

Конкурасалъул финал тӏобитӏана 26 маялда. Элвираца кечӏ ахӏана Россиялъул халкъияй артистка Валерияцагун цадахъ. Балугълъиялде рахинегӏан конкурсалъул финалистазе ва бащдаб финалалде рорчӏаразе «Ты супер» фондалъ кьезе буго стипендияги. Августалда гьел гӏахьаллъизе руго «Артекалда» букӏине бугеб концерталдаги.

Махӏачхъала шагьаралъул

администрациялъул

пресс-хъулухъалъул управление