Зурма музеялда лъезе гӏедегӏизе бегьиларо
нилъер умумузе, заманаялъниги жидерго язихълъи кӏоченабизе кумек гьабулаан батӏи-батӏиял сухӏматазда зурма-къолоцаги, пандрида ахӏулел кучӏдузги, чагъанаялда рачунел бакъназги. Зурмайин абуни букӏана аслияб алатлъун. Зурми-хъанги вукӏана щибаб росулъ гьечӏого гӏоларев гьунарчи. Гьидерица жакъаги хӏурматалда ракӏалдещвезарула зурмихъаби: Тӏидиса Дубухазул Мухӏамад, Мачӏадаса Кӏумело, Гьентӏаса Мухуласул Мухӏамад (Мухуло). Масала, Мухуло вукӏана Цӏоралдаги цӏар рагӏарав зурмихъан. Абулаан Дагъистаналда гьесулъе вахарав зурмихъан гьечӏинги. 1939 соналда, республикаялъул гьунарчагӏазул къокъаялда цадахъ, Мухулоца гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏобитӏараб Дагъистаналъул литератураялъул ва искусствоялъул къоязул байрамалдаги.
Ахирал соназда кьучӏдасанго хисана нилъер гӏумру, ракӏгъеялъе инсанас батӏи-батӏиял ресал ва алатал ургъун руго. Гӏолилаз жакъа зурма рикӏкӏунаро, гьелъул панаял бакъназ гьезие асарги гьабуларо. Гьеб иш гӏезегӏан квеш бугин рикӏкӏунелги гӏемер руго, масала, Мачӏадаса Ачилаев Мухӏамад. Гьев вуго Бетӏергьанас гьунар кьурав чи. Гьес «гӏодизабулареб» бакъназул алат гьечӏин абизе бегьула.
Мухӏамад Ачилаев хӏалтӏана Чирюрталъул
ГЭСалда мотористлъун, Махӏачхъалаялъул чед бежулеб заводалда цӏулал устарлъун, энергетиказул клубалда, культураялъул, спорталъул ва гӏолилазул кӏалгӏаялда. Кив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, Мухӏамадица зурма бачин рехун течӏо, рохалилал тадбирал тӏоритӏизе гӏадамазе кумек гьабуна, гьабулебги буго. Жакъаги Мухӏамадица жиндего тӏаде босула районалда тӏоритӏулел гьединал тадбиразда зурма пуялъул иш. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехунги.
— Мухӏамад, цо-цояз абула жакъа зурмаялъе мустахӏикъаб бакӏ музей бугилан. Хӏажат бугищ жакъа нилъее зурма?
— Зурма музеялда лъезе гӏедегӏуге. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гӏадал алатал рокьулел гӏадамалги гӏезегӏан хутӏун руго. Машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел кучӏдузул бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица гугьар базабула бакъаналда.
— Жакъа Гьидалъ мун гурев цоги зурмихъан хутӏун вугищ, гӏолилазул гьечӏищ зурма бачине ругьунлъулев чиго?
— Гьеб буго бищунго дир ракӏунтараб суал. Дун гьитӏинаб мехалъ щибаб росулъ вукӏунаан лъабго-ункъониги зурмихъан. Жакъа гьидерил росабалъ щиб гурин, районалдаго хутӏун вуго лъабго зурмихъан: Къелев — Исмагӏилил Мухӏамад ва Хӏажиев Мухӏамадтӏагьир, Дагъбашалда — Асхӏаб, Гьоорив — Хирасула, Хучада — Пазлудин, Гьентӏа — Хӏусенил Мухӏамад, Мачӏада — дунги. Гьезул гӏемериселги гӏатӏиракьалда руго. Дица цебегоялдаса абулеб буго районалда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял музыкалиял алатал рачине малъизе кколилан. Пайда щиб, гьелде кӏвар кьолев чи гьечӏо.
Школалда цӏалулев цо вас зурма бачине ругьун гьавун вукӏана. Эбел-инсуца биччачӏеб къагӏида, гьесги гьеб рехун тана.
— Зурмаялде рокьи дурго кин бижараб, гьелъие «гӏайибияв» щив?
— Лъимерлъудаса нахъего дида цӏакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь. Мачӏадаса машгьурав зурми-
хъан Махӏмутӏил Мухӏамадил (Кӏумело) зурмил гьаракь рагӏидал дир чорхолъ би гьелегьулаан, черхалда рас эхетулаан, хӏатӏал жалго кьурдизе лъугьунаан. Кӏумело ккола зурмихъ дир рокьи ккеялъе «гӏайибияв» чиги.
Бертабалъ, гваязда зурма бачине байбихьана 1964 соналдаса нахъе.
— Магӏарул театралда щиб хъулу-хъалда мун хӏалтӏарав?
— Байбихьана хъумуз бачиналдаса, «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спектаклязда зурмаги бачунаан, «Хваразул цӏаралдасан» абулеб спектаклялда хӏана асир гьавурав рагъухъанасул роль, гӏахьаллъана театралиял массовкабазда…
— Жакъа щиб хӏалтӏудаха вугев?
— Дун ккола гӏагараб росдал ясли-ахалъул музыкант. Школалда кечӏ ахӏиялъул дарсазде ун, лъималазда цо-цо алатазда бакънал рачинеги малъула. Районалъул художествияб коллективгун цадахъ гӏахьаллъула батӏи-батӏиял конкурсазда, байрамазда, щола гӏухьбузухъе хъутабазде.
— Зурма гуреб цоги кинаб алат бачине дур махщел бугеб?
— Дагъистаналда гьечӏо дица квегъичӏеб цониги миллияб алат. Машгьурал кочӏохъабазе дица бакънал рачана мандолинаялда, тӏамуралда, чагъанаялда, хъумузалда, балалайкаялда, киманчаялда… Бокьараб бакъназул алат дица кӏиго-лъабго къоялда жаниб мукӏур гьабула. Нижер росулъа вукӏана республикаялдаго цӏар рагӏарав филармониялъул ва Магӏарул театралъул бакъанчи Мухӏамад Гӏабдулаев (Уди Мухӏамад). Гьес «гӏодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кӏочана ва дун гьедана гьелда жеги берцинго бакънал рачине ругьунлъизе.
Мутай Хадулаевасде щварав чагъаначи Дагъистаналда гьечӏо, гьес бижизабуна дилъ чагъанаялде рокьи. Заман иналдего, дица гьеб бачунеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъанаги сайгъат гьабуна.
— Мухӏамад, гьел алатал гьаризего хӏалбихьанищ дуца?
— Дир квераз гьаруна гӏемерал зурмабиги пандуралги, дица гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.
— Гӏумруялъго гьеб ишалда вугев мун, хӏукуматалъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьавунги ватила…
— Дагьаб цебегӏан дие щвана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул хӏурматияв музыкант абун тӏад хъвараб грамота. Республикаялъул хӏукуматалда регун руго «ДРялъул мустахӏикъав музыкант» абулеб цӏар дие кьеялъе хӏажатал кагътал. Кватӏичӏого гьеб цӏар щвеялдеги хьул бугоха.
15 июналда Ачилаев Мухӏамадица бала 67 сон. Гьавураб къоги баркун, «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ гьесие жеги гӏемерал соназ гӏадамал рази гьаризе халатаб гӏумруги сахлъиги гьарула.
Нури Нуриев