Рамазаналъул чодронир

Москваялда ругел дагъистаниял кӏалбиччазелъун

данделъун рукӏана мажгиталда

Гьеб дандеруссиналъул мурадлъунги букӏана «Аварагзаби ва гьезул гӏамалал» абураб темаялда тӏасан хабар бицин.

Тадбир рагьана Къуръаналъул аятал цӏалиялдалъун, Москваялда йигей Дагъистаналъул вакил Изумруд Мухӏудиновалъ абуна данделъаразде киназдего салам битӏун бачӏун бугин Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасгиян. Гьенирго рихьизаруна Сулейман аварагасул гӏумруялъул ва рамазан моцӏалъул хиралъиялъул хӏакъалъулъ бицунел фильмалги.

Кӏалбиччаялъул тадбиралда кӏалъаял гьаруна Москваялъул муфти Илдар Алягӏудиновасги, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имамасул заместитель Мухӏамад Къурбандибировасги, цогидазги.

Тадбиралда нашидал ахӏана Хӏамзалав Хӏамзаловасги Гӏали Мухӏамадовасги. Гьединго гьеб тадбиралде рачӏарал ралагьана Расул Хӏамзатовас «Росдал мажгит» абураб кечӏ рикӏкӏунеб видеороликалъухъги.

Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул «ННТ» телеканалалъул журналист Мухӏамадрасул Абакаровас.