Нугӏаздаса цӏуниялъе цӏодорлъи гьабизе тӏадаб буго щивав чиясда
Ихдал ва риидал нилъеца гӏемерисеб заман тӏабигӏаталда тӏамулелъул, кӏочене бегьуларо гьеб заманалда нугӏазул хӏаракатчилъи цӏикӏкӏунеблъиги ва гьездаса инсанасе хӏинкъи букӏунеблъиги. ДРялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, нугӏалъ хӏанчӏиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай гьабуразул къадар исана лъабнусго чиясде бахун буго. Тохтурзабаз абулеб буго нугӏалъ хӏанчӏунилан бицине гӏураб унти букӏунарила, амма хӏинкъи бугила крымалъул геморрагикияб гъаргъар (сири) абулеб унти ккезабулеб вирус инсанасул бидулъе ккеялъул. Нугӏаздаса инсанасе бугеб хӏинкъиялъул, гьелъ хӏанчӏани, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул рахунел унтабазул централъул эпидотделалъул заведующая Гӏайшат Гӏабдусаламовалъулгун.
— Гӏайшат, кинал районазда нугӏал тӏиритӏун ругел, дандчӏвалищ гьел мугӏрузул районазда?
— Дагъистаналда тӏоцебе гьеб унти тӏатараб 2000 соналда унтана 47 чи, ва гьезда гьоркьоса кӏигояв хвана. 2016 соналда чи унтиялъул лъугьа-бахъин тӏатинчӏо. Исана нугӏаз хӏанчӏун буго 279 чиясда, амма жеги цониги унтарав чи гьечӏо. Нугӏал тӏиритӏун руго республикаялъул 24 муниципалитеталда. Къанагӏат ругониги, нугӏал дандчӏвала мугӏрузул районаздаги.
— Аслияб къагӏидаялъ кир гьел рукӏунел?
— Нугӏал рукӏуна рохьахъе унел нухазда аскӏор. Гьезие данде ккола чӏахӏ-хералъ ккураб бакӏ, ай рохьил майданал, хӏоразул, гӏоразул ва лъаразул рагӏаллъаби.
— Шагьаразда букӏунищ нугӏалъ хӏанчӏиялда хӏинкъи?
— Букӏуна, нугӏал рукӏине бегьула чӏахӏилъ. Тӏаса къунцӏарал газоназулъ гьел къанагӏатги рукӏунаро.
— Нугӏалъ хӏанчӏиялдаса кин цӏуна-къай гьабизе кколеб?
— Тӏабигӏаталде ине къачӏалаго, щивав чияс ретӏине ккола халатал къвалал ругеб канаб кьералъул ретӏел. Гьелъ нугӏаздаса цӏунула ва тӏад бугеб нугӏги хехго бихьула.
Кӏусизе яги регизе бегьуларо нугӏал ругеб ракьалда бугеб харда тӏад. Чадир чӏвазе ккола чӏахӏ-хер гьечӏеб бакӏалда. Регилалде цебе, кӏваркьун балагьила ратӏлида, черхалда, расуда тӏад нугӏ бугищали.
Рокъобе жанибе босизе бегьуларо гьанжего гьанже бетӏараб чӏахӏ, тӏад букӏараб ретӏел, гьезда тӏад нугӏ букӏине бегьула. Ретӏине ккола ботинкаби яги чакмаял. Щибаб 15 минуталдасан халгьабила черхалда тӏад нугӏ рещтӏун бугищали. Халгьабизе ккола рукъа-
лъул хӏайваназулги, масала, тира-сверун рокъоре щведал балагьила гьведа, катида тӏад нугӏ бугищали.
— Черхалда тӏад нугӏ батани, щиб гьабизе кколеб?
— Черхалдаса нугӏ, гӏучӏаз гурони, квераз батӏа гьабизе бегьуларо. Гьеб чӏинтӏизе бегьуларо, бухӏизе ккола. Гьелъ хӏанчӏараб бакӏалда тӏад спирт, йод яги одеколонги бахун, сапнаца кверал чурила, гьеб бакӏалда чӏегӏераб тӏанкӏ хутӏун батани (гьеб ккола тӏомолъ хутӏараб нугӏил бетӏер), тӏад йод бахине ккола. Черхалда хӏанчӏараб нугӏ цӏех-рех гьабизе лабораториялде щвезабизеги ккола.
— Крымалъул геморрагикияб гъаргъар унтиялъул кинал гӏаламатал рукӏунел?
— Черхалда сири бай, бетӏер, мугъ ва ччорбал унти, 38-39 градусалде цӏа-кан бахин, лагӏдезари.
— Нугӏаздасан гурони, гьеб унти цоги сундасан бугониги бахиналда хӏинкъи бугищ?
— Аслияб къагӏидаялъ гьеб унти тӏибитӏизабулел рухӏчӏаголъаби ккола Hyalomma marginatus, Dermacentor marginatus, Ixodes ricinus тайпаялъул
нугӏал. Унтул аслу ккола гӏисинал гӏалхул хӏайванал ва унтарав чи. Вирус чорхолъе ккезе бегьула унтараб хӏайван хъолаго, гьелъул бидаса. Гьединлъидал гӏемериселъ унтула гӏухьби, гӏакатохтурзаби ва къасабханаялда хӏалтӏулел чагӏи.
— Крымалъул геморрагикияб гъаргъаралъ унтарав чи сахгьавиялъе кинал ресал ругел, гьелъие хӏажатал специалисталги гӏурал дарабиги ругищ больницаялда?
— Аслияб масъала ккола кватӏилалде унти тӏатинаби ва унтарав кӏванагӏан хехго больницаялде щвезави. Кватӏани, нугӏалъул загьруялъ хвезабула бидурихьазул цолъи ва гьезул гьин гӏадин лъугьарал хьалбаздаса къватӏибе би бецӏцӏула, унтарав хвалдаса хвасар гьавизе захӏмалъула. Гьединаб лъугьа-бахъин ккана цо пуланаб росдал хъутаналда. Лъабго лъимадул эбел, жиндир заманалда кумек щвечӏолъиялъул хӏасилалда, хвана. Цӏех-рех гьабидал баянлъана Казахстаналдаса бачӏараб гӏияда тӏад букӏараб нугӏалъ хӏанчӏиялдалъун гьей хвараблъи. Больницаялда руго гьеб унтуде данде къеркьон бажарулел тохтурзаби. Амма дарабазул гьарзалъи гьечӏо. Гӏемерал чагӏи цадахъ унтараб лъугьа-бахъин ккани, дарабазул къанагӏалъи букӏиналъ, ракӏалдаго гьечӏеб хӏасилги ккезе бегьула.
Нури Нуриев