Ракъугарцӏазде данде тӏоритӏулел тадбиразул хӏалуцин цӏикӏкӏинабуниги, гьел кинго къуркьулел гьечӏо
Исанаги Дагъистаналъул ракьалде гьужумалъ рачӏарал ракъугарцӏазде данде букӏине кколедухъ рагъ гьабун бажарунгутӏиялъе гӏилла ккола гьезде данде гьабулеб хӏалтӏи кватӏун байбихьи. Гьединаб хӏал лъугьун букӏиналъ, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев В. Васильевасул указалда рекъон, ракъугарцӏал тӏиритӏун рукӏиналда бан, гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал лъазабун буго Нугъай, Бабаюрт, Гъизляр ва Тарумовка районазда.
Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул баяназда рекъон, гьанжелъизегӏан халгьабун буго росдал магӏишаталъул 252 азаргогӏанасеб гектаралъухъ, гьелдаса 145 азаргогӏанасеб гектаралде щун буго ракъугарцӏ. Гьелде данде лъазабун бугеб «рагъде» бахъун буго загьру речӏчӏизабулеб чанго машина, трактор ва цо тӏадагьаб тайпаялъул самолет. Бугеб хӏинкъиги букӏине бегьулеб заралги хӏисабалде босун, Дагъистаналда ва Ставрополь краялда цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏи мурадалда, гьал къоязда тӏобитӏун букӏана хасаб данделъи. Кӏиябго регионалъул Росдал магӏишаталъул министерствабазул жавабиял хӏалтӏухъабаз тӏадаблъун гьабуна цадахъаб хӏалтӏул хӏасил букӏинабиялъе хӏаракат бахъизе.
Гӏабаш Гӏабашилов