Исана маялъул ахиралда республикаялъул кинотеатразда бихьизабураб «Аманат» киноялда хурхун «Хӏакъикъат» газеталда рахъарал Зульфия Хӏажиевалъул ва Ашахан Юсуповасул макъалаби цӏалидал, диеги бокьана дирго пикру загьир гьабизе.

Дица цӏалана РАНалда цебе гӏуцӏараб Бакъбаккул рахъалъул институталъул Кавказалъул отделалъул заведующая Патӏимат Тахӏнаевалъ гьелда тӏасан хъвараб рецензияги.

Узухъда, кино дидагоги бихьун букӏинчӏебани, гьел макъалабазда тӏасан пикру загьир гьабизе дун лъугьинароан. Зульфияца байбихьудасаго цӏалдолезулгун киноялъул лъай-хъвай гьабулеб буго. Жамалудинил биографиялде гьелъ квер «бегьулеб» гьечӏо, хӏакъикъаталдаги гьелда хӏажат гьечӏеблъун бихьулеб буго дора-гьаниса рагӏарал харбазда рекъон яги чияца хъварал асаралги хъирщун, гьесул хӏакъалъулъ киназдаго лъалеб чӏанда хъвай. Макъалаялъул авторалда рихун буго авар мацӏ балъаргъи ва гьелъ гьелъул бицун бадирчӏваял гьарулел руго кино бахъаразеги. Гӏицӏго цо жиндир гуреб, гьеб пикру цогидазул букӏин загьир гьабизе, журналисталъ макъалаялда кьолеб буго Гъуниб районалъул КДЦялъул директор Патӏимат Абакаровалъул баянги.

Ахиралдаги, Зульфияда бичӏчӏулеб буго «Аманат» киноялъе сценарий хъвалелъул продюсер Шамил Жафаровас ва гьесул гьалмагъзабаз Жамалудинил гӏумруялъул цӏех-рех гьабурав тарихчи гӏахьал гьавун гьечӏевлъиги, киноялда «реальные события» гӏицӏго Жамалудин аманаталъе кьейги, 16 соналдаса гьев нахъе витӏун вачӏинги тун батӏиял гьечӏеблъиги.

«Аманат» киназего рекӏее гӏуна… Тарихчагӏазе хутӏизегӏан» абураб макъала хъваялъе Ашахан Юсуповас гӏиллалъун бихьизабун буго «…24 маялда Москваялда букӏараб премьералда гӏахьаллъана гӏемерал хӏакимзаби: республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадсалам Мухӏамадовги. Гьез фильмги беццана», — ян.

Ашахание гӏолеб буго гӏицӏго чиновниказе фильм бокьи, гӏадатияб халкъалъул пикру рагӏизецин бокьун гьечӏо гьесие. Кин бугониги, жиндирго макъалаялде кунчӏи рехизе А. Юсуповасухъе кодове щун вуго тарихчи Зураб Хӏажиев. Гьев гӏалимчияс киноги какун буго. Дицаги гъулбас лъола Зураб Хӏажиевасул щибаб рагӏуда гъоркь, амма дун рази гьечӏо гьес Николай Тӏоцевесесул хӏакъалъулъ абулел цо-цо рагӏабазда.

Императорасул Жамалудиниде букӏараб инсулаб бербалагьиялдаги, Кавказалда рагъ халат бахъиялдаги, гьесул букӏараб хъачӏлъиялдаги гьоркьоб кӏудияб батӏалъи буго.

Патӏимат Тахӏнаевалъ «Аманат» киноялъе хъвараб рецензиялъул бицунаго, дица абила 15 гьумералда хъвараб гьеб рецензия гӏелмияб хӏалтӏи бугилан. Дида лъаларо, рецензия гьедин хъвалеб жоги батила, амма гьедигӏан халатго гьеб хъвазе «Аманат» кинго мустахӏикъаб гьечӏо. Тӏадежоялъеги, гӏалимчӏужуялъ кинаб бугониги цӏияб жоги гьениб хъвалеб гьечӏо. О. А. Мимотинил, П. Оленинил, Н. А. Краловасул, А. П. Николайил, В. Б. Каширинил, Н. Н. Муравьевасул ва цогидазул церего цӏаларал тӏахьаздасагун цогидал асараздаса росарал мисалаздаса данде гьабураб очерк буго гьеб. Гьел киналго цӏалун лъалел рукӏиналъ батила дие П. Тахӏнаевалъул гьеб очерк цӏакъ чӏамучӏлъараб. Жамалудиница гӏумру гьабулеб заманалда, абухъего, Россиялда мода букӏана руччабаз гуребги, бихьиназги дневникал хъвалеб. Россиялда гӏурав, тарбия-лъайги гьенив щварав Жамалудиница дневник хъвазе бегьулеблъи гӏадаб пикру нилъер цониги гӏалимчияс аскӏобе къазецин биччачӏо, гьединаб «несерьезный» иш имамасул васас гьабуларинги абун.

«Аманаталъе» кьуралдаса чанго нухалъ хӏаракат бахъулеб буго Шамилица вас нахъ вуссинавизе. Гьеб живго Жамалудинида лъалеб букӏунаро, Дагъистаналде нахъ вуссине Жамалудинилгун къо-лъикӏ гьабулаго, императорас абулеб буго: «Жамал, не один раз пробовал твой отец вернуть тебя, но я под разными предлогами отказал. А всё это ради тебя, не хотел, чтобы твоя жизнь закончилась там среди этих гор и в этой проклятой войне. Я желал тебе хорошего будущего, хотел, чтобы ты стал большим человеком, потому что ты этого заслуживаешь. И после войны у меня насчёт тебя были другие планы», — ян.

Гьеб мехалъ виххун, Жамалудиница императорасе суал кьолеб буго жив Кавказалде наместниклъун витӏизегӏаги ракӏалда букӏинчӏищилан. Гьеб мехалъ, ццимги бахъун, Николай Тӏоцевесев Жамалудиниде ахӏдола гьел харбазда божизе кин дуда кӏварабилан. Тӏаса лъугьайинги гьарун, Жамалудиница абула жив божулев гьечӏин, гьеб пикру ботӏролъе гӏицӏго жакъа бачӏараб бугилан. П. Тахӏнаевалъ И. А. Крыловасул (Жамалудинида цадахъ цӏалулев вукӏарав кадет) хъвай-хъвагӏаяздаса босарабиланги бихьизабун хъвалеб буго, Жамалудин киданиги императорасул дворалда вукӏинчӏила. Дида лъаларо, дун мекъи кколевги ватила, Н. А. Крыловасул «Кадеты сороковых годов» абураб макъалаялда гьединаб хъвай-хъвагӏайго бихьичӏо. Жамалудинилги Елизаветалги рокьул хӏакъалъулъ абуни, тарихчи Хӏажимурад Доногъоца, Л. Т. Тимофеевасул хъвай-хъвагӏаялда бихьизабухъе, кинаб бугониги хӏай букӏинчӏо гьезул. Гьеб букӏана унгоунгояб рокьи, кӏиязго дневниказда хъвалеб буго жидерго дандчӏваязул, гьенир рукӏарал кӏалъаязул хӏакъалъулъ. Царское село шагьаралда Оленинал дачаялда хӏухьбахъулеб заманалда Жамалудиние Елизавета гьаризе вачӏуна гьенивго императорасул резиденциялда вукӏарав Николай Тӏоцевесев, цадахъ жиндирго кӏиявго вас Николайгун, Михаилгун ва Жамалудингун.

Гьениб императорас рагӏи кьола берталъ Жамалудиние эменлъи гьабизе. Доногъоца хутӏизегӏан цогидаз хъвалеб буго Елизавета ячине ккани, гьес насраниязул дин босизе кколаанила ва гьеб босизе Жамалудин хӏадур вукӏанилан.

Жамалудин императоргун тӏоцеве дандчӏвалев вуго Москваялъул кадетазул тӏоцебесеб корпусалдаса Александрийский корпусалде витӏулелъул. Гьеб мехалъ Жамалудиница гьесда гьарула жив зулмуялдалъун жиндирго диналдаса инкар гьабизе тӏамугеян. Гьениб императорас рагӏиги кьола Жамалудиние бокьичӏеб цониги жо гьабизе гьечӏилан. Исламияб дин лъазабизе рес бугеб Александровский корпусалдеги императорас гьев бокьун витӏулев вукӏуна. Польшаялде инелде цеве Тверцы гӏурул рагӏалда букӏараб дандчӏваялда Жамалудиница Елизаветада абула килисаялде инелде цин нилъ магьари лъезе мажгиталде ине кколилан, цогидазда лъазе гьеб тӏадабги гьечӏилан. Императорас гьукъулин нилъ мажгиталде ине ва гьеб лъани ратӏаги гьарилин Лизаца абидал, дос жиндирго яс Ольгаги православиябгун католиказул — кӏиябго къагӏидаялъ кьунин росасе, жиндиеги гьес кумек гьабун гурони, квалквал гьабиларин жаваб кьола Жамалудиница.

Гьес гьеб бакӏалдаго абулеб буго: «Если моя религия не станет моей, у нас семья не получится, и мы не будем счастливы», — ян.

Гьес дневникалда хъвалеб гьечӏо кинай йигониги «светлая деваялъулги» насраниязул дин исламияб диналдаса битӏараб бугиланги.

Жамалудиние кинго бокьун букӏинчӏо Дагъистаналде нахъ вуссине. Хӏакъикъаталдаги гьес гӏурабго заман бана васвасдулаго. Жив инарин абизе командир Н. Н. Муравьёвасухъе унев вукӏарав чиясде дандеги вачӏун, цо офицерас гьесухъе Чавчавадзел кагъат кьола.

«Умоляю Вас, Ваша светлость, спасите мою семью. Через несколько дней они станут рабами наибов. Ваш отец хочет детей отделить от матери и отдельно по одному отдать каждому наибу, как награду. Одна надежда на Вас, милостивый государь, спасите безвиных детей от рабства» — гьеб бакӏалдаго кагъатги цӏалун, нахъ вуссинчӏого Жамалудиница абула жив асирлъуде ккаразухъ хисизе рази вугилан. Амма гӏолохъанчиясда ракӏалда букӏуна кӏиго-лъабго моцӏидаса жиндирго хӏалтӏудеги цӏалудеги нахъе вуссине…

Нилъер гӏалимзабаз жидеего суалги кьолеб гьечӏо императорас Дагъистаналде нахъвуссин-вуссунгутӏи живго Жамалудиниде тӏамун щайдай тун букӏарабилан. Щайха Жамалудинил гӏумруги гьесул къисматги кӏудияб балъголъилъун хутӏараб?

Балъголъилъун букӏуна Жамалудиница бащалдаса цӏикӏкӏараб гӏумру Зимний Дворецалда тӏамулеб букӏараблъи. Кадетазул корпусалде гьесда хадув унев хасав чи вукӏана. Гьес каретаялдаги рекӏинавун гьев вачӏунаан Кавказалъул солдатаздаса (гьезда черкесал абулаан, тӏад ретӏун бугеб ратӏлихъ балагьун) гӏуцӏараб императорасул конвоязул отряд чӏараб рахъалде. Гьениса гьез гьев виччалев вукӏун вуго жидецаго цӏунун ругел кавабаздаса жанивеги. Корпусалъулаз толеб букӏун буго гьев жиндирго ракьцоязухъе унев вугилан.

Жамалудиница хъвалеб буго гьениса жаниве вачӏун жив маххул болъодаса дандвитӏун Михаилил аппартаментазда жаниве лъугьунев вукӏанилан.

Заман щвана киса дихъе Жамалудинил дневник щварабали бицине. Гьелъул баян гьабиялде дие бокьун буго Елизавета Оленинал дневник киса дихъе щварабалиги баян гьабизе.

1982 соналда дир лъай-хъвай ккана нилъер машгьурав хъвадарухъан Ахӏмадхан Абу-Бакарил «Медовые скалы» гӏурус мацӏалде буссинабурай хъвадарухъан ва таржамачӏужу Ремида Григорьевна Радовскаялъулгун. Гьелъул рокъове щварав дида библиотекаялъул къадада чӏван бихьана кӏиго сурат. Гьелъ бицана гьадав гӏолохъанчи вугин имам Шамилил вас Жамалудин ва гьадай гӏолохъанчӏужу — гьесул абурай яс, Елизавета Оленина кколилан. Гьеб суратги 128 соналъ цебего бахъараб бугин.

Дида гьелъ рихьизаруна къеда чӏварал сураталги, йокьулелъухъе битӏулеб мехалъ Жамалудиница хъвараб кагъатги, жийго Елизаветал дневникги. Радовскаялда ракӏалда бугоан гьезул кӏиязулго рокьул хӏакъалъулъ къиса хъвазе. Ва Дагъистаналде араб мехалъ Жамалудинил хӏакъалъулъ материал бакӏареянги гьарана гьелъ дида. Дица Ремидада гьарана дневник дихъе кьеян ва магӏарул мацӏалда макъалаги хъван, нахъбуссинабилин. Кьечӏо ва дица тӏаса бищун жиб аслиябин рикӏкӏунеб жо хъвана.

Дагъистаналде вуссиндал, гьелда тӏасан макъалаги хъван, дун «Багӏараб байрахъ» газеталде ана. Амма дир макъала гьениб бахъичӏо, гьез жаваб кьуна жидер газета маргьаби рахъулеб бакӏ гурилан. Редакциялда кодобецин босичӏо дица хъвараб жо. Дихъаги босун, «в архив» абунги хъван, нахъе лъуна. Кигӏан гьараниги, нахъеги кьечӏо.

Бахъараб цциналъ гӏураб заман аниги, дида тӏубанго кӏочон тана Жамалудинги гьесул абурай яс Елизаветаги. Дун вуссана магӏарулазул шагӏир Кьохъа Мухӏамадил гӏумруялъулгун творчествоялъул цӏех-рехалде.

Санкт-Петербургалда Елизавета пансионаталда йигеб мехалъ гьелъухъе яккизе ячӏуна вац Алексейил яс, машгьурай операялъул кочӏохъан А. Мария Оленина-д Альгейим. Гьелъухъе кьола Елизаветаца жиндирго дневник. Гьебго соналъ (1918- 1919) Парижалде гочарай Марияда гьеб цӏунизе кин кӏварабали лъаларо, Россиялде юссун хадуй гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазе арай «Звезда» журналалъул мухбир Ремидахъе кьола гьелъ Елизаветал киналго хъвай-хъвагӏаял, «гьел кагътазда щиб гьабилебали дида лъаларо» янги абун.

1986 соналда Болъихъ районалъул редакциялде бачӏараб газеталда (гьеб букӏине ккола Гӏахьвахъ районалъул яги «Багӏараб байрахъ» газетазул цояб) хъван бугоан:

«Имам Шамилил вас Жамалудинида аскӏов унтараб ва холеб мехалъ дир кӏудияв инсул эмен Гӏалихӏажи тун батӏияв чи вукӏун гьечӏо. Унтун бусада вугев гьев гӏолохъанчиясда аскӏов кӏиго моцӏида жаниб цо нухалъ Гъазимухӏамадил чӏужу Кариматги щун йиго, хвезе бащдаб сагӏат хутӏидал, Гъазимухӏамадги тӏаде щун вугоан. Гьеб заманалда унел рукӏун руго цӏа бакарал рагъал, гьелъ Гъазимухӏамадги виччан, Шамил рагъулъа нахъе ине рес щун гьечӏо. Хъвалеб буго гьесда аскӏой чӏужу йикӏанилан ва цоги (цӏар рехсоларо) наиб вукӏун вугилан. Гьеб кинабго гьереси буго. Жамалудиница Талхикӏил яс гурони, ячун йикӏун гьечӏо. Гьейгунги хехго ватӏалъун вуго.

Нижер кӏудияв инсул инсуца Арчо росу рагӏалда мина босун буго ва Жамалудиние гӏоло Кӏаратӏаса гочун вуго гьениве. Абулеб буго мина живго Жамалудинил гӏарцухъ босараб букӏанилан.

Гӏалихӏажи Гӏалиасхӏабов Кӏаратӏа росу».

Гьеб макъала цӏалидал, дида ракӏалде щвана Р. Г. Радовскаялъул гьари ва тӏадкъай. Лъабабилеб къоялъ дун ана Кӏаратӏе ва дол соназ Гӏахьвахъ районалъул газеталъул редакторлъун хӏалтӏулев вукӏарав Мусабегица (фамилия кӏочана) дандчӏвазаруна ниж. Гӏалихӏажихъ дида батана Жамалудинил квералъ хъвараб дневник, жаниб Елизаветал суратги лъураб, меседил рахсида бараб кулон, дугъ (зонт) ва персазул хвалчен. Гьес абуна гьеб кинабго Жамалудинил къайи буги- лан. Кулоналда тӏад бугоан къиматал ганчӏаз къачӏараб хъанч. Гьеб тӏасан бикӏунги бугоан (хъанч на- хъе хъвагӏазе къваригӏараз бикӏун бугоан гьеб). Гӏалихӏажица бицана Жамалудиница рахас горбода балеб букӏун гьечӏилан. Гӏалихӏажица дихъе кьечӏо дневник ва тӏубараб моцӏгӏанасеб заманалъ, шамат-гьатӏан къояз, хьвадана дун гьелдаса хъвай-хъвагӏаял гьаризе. Жамалудинил васигат тӏубазаби кколеб букӏун буго Гӏалихӏажил кӏудияв инсул инсуца гьеб къайи Мухӏамад-шафигӏихъе щвезаби. Гьес тӏубазабичӏеб васигат тӏубазабизе тӏаде босун буго жакъасев Гӏалихӏажица, Мухӏамад-шафигӏил бищун цевесев чиги кодове щвезавун, гьесухъе кьезе бугила жинца дневникги гьелда цадахъ бугеб цогидаб къайигиян бицана Гӏалихӏажица.

Дневникалдаса гьарурал хъвайхъвагӏаялги росун, Москваялде вачӏарав дида Ремида хун ятана. Дневникги босун дун ана Гӏабасил Махӏамадихъе, гьес дида абуна: «Гьеб буго кӏудияб хӏалтӏи, дуца гьелдаса пайда боси тезе бегьуларо, цинги тӏехьги къватӏибе биччазе ккола. Мун гьелдаса хӏинкъуге, чанго нухалъ цӏале дневник, цӏехе цогидал дуе пайда щолел материалалги. Гьеб тӏехь хъвазе байбихьизегӏан, лъиданиги бихьизабуге ва бицуге духъ дневникалдаса хъвай-хъвагӏаял рукӏинги», — ян. Махӏамадица абухъе гьабуна ва тӏаделъана тӏехь хъвазе.

Цӏакъ къваридаб ва захӏматаб къисматалъул чи вуго Жамалудин. Аманаталъе кьураб мехалъ Жамалудинил ичӏго сонги букӏинчӏо, гьес хъвалеб буго жиндир жеги анкьго сонцин тӏубан букӏинчӏилан.

Гьединлъидал дневникалдаса хъвай-хъвагӏаялги киноги дандеккун балагьани, кино кколеб буго цо лъилалиго мурадал тӏуразаризелъун бахъараб маргьу.

Хӏажи САЙПУЕВ, РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член