Цӏидасанги – магӏарухъе. Гьаб нухалда — Цӏумада районалъул Гъоркьияб Гьаквари росулъе, Мухӏамад Гӏабдулхабировасухъе гьоболлъухъ. Лъугьунеб рахӏатха тӏолабго черхалъе, магӏарухъе щолелъул. Гьале – гьаб цояб рахъалда мугӏрул сухъмахъал. Гьез рачуна магӏарулал мугӏрузул тӏогьазде. Гьаб цояб рахъалдайин абуни, рикӏкӏадасан найил тӏулбузда жал релълъунел, тӏабигӏаталъ мугӏрузул каранда сокӏкӏарал хӏайранал росаби.
Гӏумруялъул цӏамги гьел, гьелъул гьоцӏоги гьел – мугӏрузда гӏумру гьабун ругел магӏарулал. Гьел кӏодо гьаризе, гьезул тӏадегӏанлъиялъе цоги нухалда кьолеб бугеб къадруяб къимат бихьизе унел рукӏана ниж — дун, «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиева, шагӏир Тубхӏат Зургьалова, профессор, республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов. Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏаракаталдалъун рагьулеб букӏана мугӏрузда гӏумру гьабун ругел руччабазе ва бихьиназе памятник.
Кӏудияб ракӏалъул инсан вуго Мухӏамад. Хъахӏаб савуялъ ботӏрол расазда накъишал угьанагӏан, цӏикӏкӏунеб буго гьесулъ гӏумруялдеги, магӏаруллъиялдеги, магӏарулаздеги рокьи. Гъоркьисаги щвана дун гьаб росулъе. Гьелъги гьелда сверухъ бугеб тӏабигӏаталъги диего гьабураб хӏайранлъиялъул хӏакъалъулъ хъван букӏана газеталда. Гьале гьаб нухалдаги салам кьуна нижее Мухӏамадил инсул минаялъ. Доб заманалъул хаслъиги цӏунараб, магӏаруллъиялъул махӏги жаниса лъугӏичӏеб, инсул цӏаралъе мустахӏикъав ирсиласул сариназ дагьабги берцин гьабураб гьеб свери- ялда рещтӏине бокьула.
— Гьалеха Тӏадегӏанас хъван букӏун буго исанаги гьаб ракьалде дун вачине. Гьаниб гӏадаб гьуинаб макьуги букӏунаро. Нужедаго рагӏизе лъикӏан гьаб рукъалда цебесан чвахулеб лъаралъ дие рачунел лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялъул саринал. Гьез херлъизе толев гьечӏо. Гьанив вугебгӏан мехалда, щибаб рогьалилъ тира-сверула росу ахадаса тӏараде щвезегӏан. Гӏенеккула гьелъул сухъмахъаз диего гьурщулел балъголъабазухъ, щибаб ганчӏил къисаялъухъ. Гьадале, росдал парахалъиги цӏунун, гьелде тӏаде къулун ругел кьурабалъ ва мугӏрузда ана дир лъимерлъи, дир гӏолиллъиялъул нугӏлъун жакъаги ккола росдал годекӏан. Гьанир щварал гӏумруялъул дарсаз нуха регӏана дун росдадаса рикӏкӏада дие къисмат хъван батараб гӏумруялде. Ва щибаб лахӏзаталъ цӏидасанги ахӏула мугӏрузде. Цоцо ракӏ къварилъунги лъугьуна, пашманал пикрабазги кӏутӏула гӏумруялъул кавуялда – щвеладай дун тӏадеялъулги гьаб хӏикмалъиялъухъе, хъван бугебдай Тӏадегӏанас цоги сапар яги дир сапаразул ахирдай гьаб!? -илан гьес абидал, магӏуго кквезе кӏвечӏо. Ва цӏидасанги Мухӏамадил лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялъул сариназ ниж рачана росдал аслияб къотӏноб буго чӏагояб къадал иргадулаб къисаялъухъ гӏенеккизе. Гьениб гьеб къоялъ кунчӏизе букӏана цоги гӏажаибаб къисмат – рагьулеб букӏана хӏикматаб памятник – мугӏрул руччабазе ва бихьиназе.
Тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана районалъул бетӏер Шамил Гӏумаров, администрациялъул вакилзаби, республикаялъул хӏукуматалъул вакил Мухӏамад Юсупов ва цогидалги гьалбал.
Гьеб берцинаб дандеруссин гьаквадерида баркана Мухӏамад Мухӏамадовас, Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Гӏумаровас, Цӏияб Сасикьа Ахӏмад Гӏамирхановас ва тадбиралъул цогидалги гӏахьалчагӏаз.
Унго-унгоги, кӏудияб хӏарпалдалъун жиндир цӏар хъвазе мустахӏикъаблъун лъугьун буго гьаквадерил машгьураб къед.
Чӏагояб къед. Гьале гӏун бачӏунеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисал. Чӏагояб къадал анкьабилеб къиса — рагъдаса руссинчӏел васазухъ магӏу, репрессиялъул къурбаназухъ угьди, кулаби ракӏалде щвезари, ва гьале ахиралдаги – мугӏрул руччабазе ва бихьиназе къулулеб бетӏер.
Анкьабилеб къиса. Биччанте гьеб къадал тарихги къисаги соналдаса соналде бечелъизе.
Рухӏдаллъизе бачӏана гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьи бидулъ бессун бугев хӏикматав инсанасда. Мухӏамадил гьеб рокьул руго щулиял кьалбалги гӏемерал гӏаркьалаби. Гьеб рокьул тӏогьиб буго Дагъистанги Россияги. Гьеле гьенире рачӏунел гьел гӏаркьалаби.
Кӏудияб Ватӏаналде бугеб хӏасратаб рокьиги байбихьула гьитӏинаб ватӏаналъул тӏалабаздасан.
Лъугӏана берцинаб байрамалде сверараб гьеб тадбир. Тӏадруссун унелъул, дагьабго пашманлъиги рещтӏана пикрабазулъе.
Ва цӏидасанги рагӏулеб букӏана Мухӏамадил калам:
-Нилъеца пикру гьабизе кколаро ватӏаналъ нилъее щибдай гьабилеб, гьабураб ва гьабизе бугебилан абураб суалалъул. Нилъ ургъизе ккола нилъехъа щибдай бажарилеб ватӏаналъе гьабунилан абураб суалалда тӏад.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА