Туристазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъул шартӏал чӏезариялде кӏвар кьолеб буго республикаялда. Хунзахъ росулъ ккараб гӏадаб талихӏкъосараб иш ккечӏого букӏиналъул мурадалда гьарулел тадбирал ккола гьел.
Дагьав цеве Хунзахъе щун вукӏарав ДРялъул премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги бадибчӏвай гьабуна бакӏалъулаб нухмалъиялъе рукӏине кколел шартӏал чӏезаричӏогойиланги абун.
Щибха гьабулеб бугеб тӏадехун бицен гьабураб гӏадинаб лъугьабахъиналдаса хадуб туристазул гӏумру цӏуниялъе? Гьеб суалалда сверухъ цӏех-рех гьабуна нижеца. Масала, республикаялъул Туризм цебетӏезабиялъул министерствоялдаса нижее кьучӏаб баянго щвечӏо. Гьезул пресс-хъулухъалъ битӏун бачӏараб жаваб буго, цогидал киналго идарабаз кьолеб, официалияб пикруялда релълъараб.
2019 соналдаса байбихьун, гӏезегӏан туристал республикаялде рачӏунел ругониги, нилъер гьаниб гьезие чӏезарурал шартӏал гьечӏин рикӏкӏунеб буго туроператорлъун хӏалтӏулев Гьашим Каримовас. Бищун къваригӏунел хӏажатханалцин гьечӏила. Ахираб заманалда лъил хӏаракаталдалъун гьабун батаниги, Гьоор росулъ лъун ругин туристал рачӏунел мухъазда хӏажатханаби, амма гӏемерисеб бакӏалда шартӏал гьечӏин рикӏкӏунеб буго гьес.
— Чанго сон буго дир туристалгун хьвадулев вугелдаса. Амма гӏемерисел бакӏазда квегӏенлъаби гьечӏо. Мисалалъе, жакъа туристазда гьоркьоб бищун машгьураб маршрут буго Сулахъ-къварилъи. Гьенире жанире лъугьунаго, КППялдаса бахъараб, Цӏобокь-Миякьобе катеразда рекӏине унелъул нахъа тезе ккола 15 км нухлул. Ганчӏазул, гохӏазул цӏураб, хъил тӏечӏеб, цӏакъ хъарцинаб хӏалалда буго гьеб нух. Гьелде тӏадеги, цӏад банщинахъе хӏинкъи букӏуна гьарчал гирун рачӏиналъул.
Кӏиабизе, киназдаго рагӏана Цӏобокь-Миякьо хӏорихъ катералги цоцалъ речӏчӏун цо туристасе къварилъи ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьанже абулеб буго гьеб катер бачунезул лицензия букӏун гьечӏин абун. Сунда банха гьеб тун букӏараб, кьеха гьезие лицензияги, гьабе хъвай-хъвагӏайги, бакӏаре магъалоги.
Гьединго цӏуна-къаялъулал шартӏал гӏуцӏун гьечӏо магӏарухъе ругел маршрутаздаги. Гӏемерисел бакӏал руго гӏицӏал авлахъал, мугӏрул, щобал. Амма цо рахъалъ босани, чанги бакӏал руго щибго хӏинкъи гьечӏолъиялъул шартӏал гӏуцӏизе рес гьечӏелги. Мисалалъе, Гьоор росдал сиял ругеб бакӏ. Гьеб буго кьурул рагӏалда. Щиб гьениб гьабилеб, кин гьеб бакӏ къалеб? Гьеб буго ралъдал рагӏал сверун чали гьаби гӏадаб жо.
Амма цо-цо туристалги руго тӏасан ккарал. Нижер гьаниб тӏадагьаб ретӏа-къай бегьуларин, хъалиян бухӏизе, чагъир гьекъезе гьукъараб бугин абуниги, гӏенеккуларо. Квешаб бакӏ бугищ-гьечӏищали пикруго гьабичӏого, кьурул рагӏалде рекерула сэлфи гьабизе, видео бахъизе, — ин бицана Гь. Каримовас.
Къокъго абуни, чанги жо бугин туристазда хурхун гьабулеб хӏалтӏулъ тӏаса квер босун хутӏарабин рикӏкӏунеб буго гьес.
Хунздерил Цӏолбокь рагӏалда ккараб хӏужаялда хурхун гьадин бицана райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Хӏамид Гьитӏиновас:
— Гьеб хӏинкъи бугеб бакӏ бугилан бицунел игӏланалги чӏван, кьурул рагӏалде щвелалде цебе бугеб бакӏ сверун къан цӏуна-къаялъул тадбирал гьарун рукӏана нижеца. Гьеб иш ккун хадуб жеги тӏаде цӏикӏкӏинаруна гьелго игӏланалги щулалъабиги. Амма гьаруниги щиб, гьезда тӏасанги кӏанцӏун унел ругелъул гӏемерисел туристал. Бегьуларин, хӏинкъи бугин абуниги, санцин гьабулеб гьечӏо. Низам цӏунулел хӏалтӏухъабицин тана нижеца гьенир (Цӏолбокь). Аза-азар туристазул щивасда аскӏов эхетун, гьезие насихӏатал гьаризе нижерги ресги, заманги, къуватги букӏунаро.
Гьединал ишал ккедал хӏакимзабазде гӏайиб гьабизе гӏедегӏула. Нижги тӏатӏала квералги лъун чӏун гьечӏо. Хунзахъ къварилъиялъул халалъи буго 130 метр. Гьеб кинабго сверун къазе гӏураб гӏарцул сурсат районалъул администрациялъул гьечӏо. Исана лъазабун буго тендер гьеб сверун къаялъул хӏалтӏаби гьаризе, 4 миллионгун 300 азарго гъурущ харж гьабизе ккола. Гьеб гӏарац щведал тӏубан сверун къала гьеб.
Ашахан ЮСУПОВ