Махӏачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул призалъе гӏоло санайилго тӏобитӏулеб шахматал хӏаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гӏахьалчагӏазе битӏккей гьаризе рачӏарал гьалбадерида гъорлъ рукӏана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва Хӏайдарбег Хӏайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хӏаязул чемпион Загъалав Гӏабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул председатель Мухӏамад Суменов ва цогидал.
Исана турниралда гӏахьаллъи гьабулеб буго 60-ялдаса цӏикӏкӏун чияс. Гӏахьалчагӏазе бергьенлъиги битӏккейги гьаризе турниралде вачӏун вукӏана Мухӏу Гӏалиевги:
«Дун цӏакъ вохарав вуго пандемия сабаблъун ккараб гьоркьоб къотӏиялдаса хадуб, цӏидасанги турнир тӏобитӏизе рес щвеялдаса. Цебеккунго гӏадин, ритӏухълъиялда, гьудуллъиялъул ахӏвал-хӏалалда инин хьул буго исанаги. Шахматазул аналитик гьечӏониги, гьаб ахираб заманалда республикаялда шахматазул рахъалъ цебетӏей халлъулеб буго. Гьеб бицунеб буго нилъер гьитӏинав, гьунар бугев шахматист Таймаз Темирбековас Россиялъулги Европаялъулги даражаялда тӏоритӏулел турниразда росарал бергьенлъабаз. Хӏакъикъаталдаги, гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хӏужа ва хьул буго гьадинал турниразул кумекалдалъун жеги цӏи-цӏиял гьунарал тӏатинин», — абуна М. Гӏалиевас. Турниралъул хӏасилалги Дагъистаналъул лъикӏал шахматистазул цӏаралги лъазе руго 11 августалда. Турниралда бугеб ахӏвал-хӏалалъул «Хӏакъикъаталъе» бицана чемпио- наталъул бетӏерай секретарь Саният Шагӏбановалъ.
«Дагъистаналда шахматазул чемпионат тӏобитӏулеб буго къогогӏан соналъ. 2015 соналъ, Мухӏу Гӏалиевасул юбилеялдаги хурхинабун, тӏобитӏизе пикру ккана нижер. Гьевги гьесул гӏагарлъиги гьеб пикруялда разилъана.
Исана турниралда гӏахьаллъи гьабулеб буго машгьурал шахматистаз. Гьезда гьоркьор руго халкъазда гьоркьосеб даражаялъул ва СССРалъул спорталъул мастерал, къогогӏан спорталъул мастерлъиялде кандидатал, регионалиял ва Россиялъул даражаялъул къецазда чӏел босарал ва призераллъун рахъарал лъималги.
Щибаб тур — гьеб буго цо хасаб лъугьа-бахъин. Щив бергьиневали лъалеб хӏал гьечӏо — цӏакъ хӏалуцарал къецал руго. Турниралда гӏахьаллъи гьабизе бегьула Дагъистаналда гӏумру гьабулев бокьарав чияс, амма аслиял гӏахьалчагӏилъун рихьизарун руго жидерго районаздаги шагьараздаги чӏел босарал шахматистал. Кинавниги вуго 68 гӏахьалчи: 20 чӏужугӏаданги 48 бихьинчиги. Чемпионат тӏобитӏула руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьоб батӏабатӏаго. Амма лъималазе батӏаго гӏуцӏараб номинация гьечӏо. Гьелги къеркьолел руго чӏахӏиялгун. Гьезие гьеб ккола жидеего хӏалбихьи щвезе бугеб лъикӏаб ресги, гьелдаго цадахъ дагьаб хадуб тӏобитӏизе бугеб лъималазда гьоркьоб СКФОялъул турниралде хӏадурлъиги. Амма гӏисинал гӏахьалчагӏи чӏахӏияздаса къун хӏалел гьечӏо. Масала, тӏоцебесеб туралда Каспийскиялдаса гьитӏинав Айдан Гъафуровас машгьурав шахматист, СССРалъул спорталъул мастер Руслан Хӏусенов къезавизе дагьав хутӏана. Руго жеги чӏахӏиял дандиязда тӏад чӏелги босун церехун унел лъималги. Лъимал рукӏаниги, хӏалбихьи бугел шахматистазулго даражаялъул хӏайги хӏасилалги рихьизарулел руго гьез. Гьелъ интересаблъун гьабула гьаб турнир, — ян бицана С. Шагӏбановалъ.
Мухӏамад МАНАПОВ