Гьал къоязда хиса-басиял ккана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда. Лъабго соналъ газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев вукӏарав Гӏумахан Гӏумаханов, жиндиего бокьун, сахлъиялда бан хӏалтӏудаса нахъе ана. Гьесул бакӏалде ячӏана газеталда гӏемерал соназ хӏалтӏарай, махщел камилай журналист Зульфия Хӏажиева.
Гьайгьай, цӏиял анищалгун, цӏиял къасдалгун тӏаделъаниги, магӏарул цӏалдолезе бокьулеблъун жакъа газета цӏунун бажари — гьеб бигьаяб иш гуро. Амма магӏарул интеллигенциялдаги гӏадатиял магӏарулаздаги гьоркьоб бугеб къадру-къимат тӏадегӏанаб тахида лъезе рес щвана З. Хӏажиевалъе.
Биччанте цӏияб хъулухъалда дагьалъги загьирлъизе гӏагараб миллаталдеги, гьелъул гӏадатал-гӏамалаздеги, тарихалдеги бугеб кӏудияб рокьи.
Миллаталъул газеталда дагьабги цӏилъи чӏвазе З. Хӏажиевалъ лъолел ругел тӏоцересел галабиги баракат цӏикӏкӏарал, икъбал гьарзаял ратаги.
Газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула гьелда жавабчилъи цӏикӏкӏараб хъулухъ.
ГАЗЕТАЛЪУЛ КОЛЛЕКТИВ