Кавказ! Балагье мун, дир Дагъистаналъ

Огъохъатиниб лъун зодой борхараб,

Дур пикруялъулги чӏухӏиялъулги

Чӏагояб матӏудахъ! Бакъ щолеб буго!

Гьедин хъвана магӏарулазул гьунар тӏокӏав шагӏир Гӏумархӏажи Шахтамановас «Гӏандадерил хӏор» абураб жиндирго кочӏолъ. Гьеле гьеб «чӏагояб матӏуялъухъе», гӏандадерил хӏорихъе, «Гӏандадерил буртина» абураб фольклорияб фестивалалде ракӏарун рукӏана 30-31 июлалда гӏемерал магӏарулалги чачаналги.

Гӏандадерил ясал, салам нужеде,

Нужеца самулеб квасгӏан хӏеренаб,

Гьеб гӏадинаб хъахӏаб, гьебгӏан тӏадагьаб,

Гьеб гӏадаб недегьаб, гьебгӏан мутӏигӏаб.

Чӏегӏераб буртина бартул кьолода

Кьварараб гьороца парпазе гьабун,

Цӏудул куркьби гӏадин бихьана дида,

Пирилъун воржунев бахӏарчиясда.

Цӏар арав багьадур гуллид восидал,

Чӏегӏераб буртина, биги тӏад бетун,

Бесдаллъун хутӏараб лъимер гӏадинан,

Гьесда тӏаде къулун бихьана дида.

Чӏегӏераб буртина мугӏрул вехьасул

Риидал рагӏадлъун, хасало печлъун,

Релъедал ургулъун, къад халичалъун,

Къваригӏиндал рукълъун лъугьун бихьана.

Гӏандадерил ясал, салам нужеде,

Нужеца бугӏараб буртина гӏадаб,

Гьеб гӏадаб къвакӏараб, гьебгӏан щулияб,

Гьоркьой цӏад унареб, цӏа хъатӏулареб!

— илан хъвана халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъги. Гьеб кечӏ цӏалани, бичӏчӏула буртинадул магӏна лъаларезда гьелъул пайдаги, берцинлъиги, квегӏенлъиги.

«Гьаб фестивалалъул мурад буго мадугьалзабазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул бухьен щулалъизаби, цоцазул адабият, маданият, гӏадатгӏамал бихьизаби, гьеб цӏуни, гӏолеб гӏелалда гьелъул берцинлъи бичӏчӏизаби, гьелде рокьи бижизаби. Умумузул аби буго, халкъ букӏунила гьеб халкъалъул мацӏги, цӏарги, маданиятги, тарихги нахъе цӏунун бугебгӏан мехалъин абураб. Нилъецаги гьабизе ккола нилъеда кӏванщинаб гьеб рухӏияб бечелъи, нилъехъе нилъер умумуз кьураб гӏадин, гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабизе», — йилан абуна Болъихъ районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовас.

Гьединабго пикру загьир гьабуна ва гьадинал тадбирал кӏванагӏан гӏемер тӏоритӏизе кколин, кумекалъе живги хӏадурав вугин абуна Дагъистаналъул спорталъул министр Сажид Сажидовас.

Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамад Муртазгӏалиевасги, гьадинги тагийила нилъ, гьалдасаги лъикӏги тагийилан, баркана гӏахьаллъаразда гьеб берцинаб байрам.

Чачаназул абун, нилъер абун, магӏнаял кӏалъаял гьаризе рахъаралги камичӏо. Палхӏасил, гьеб тадбиралдасан бичӏчӏана мадугьалзабиги нилъги вацал-яцал рукӏин.

Болъихъ районалъул бетӏерас ва гьалбадерица щибаб росдал свериялде аскӏореги ун, квентӏехалъеги, къайи-свериялъеги, цӏа-рагӏалъеги, гӏуцӏа-кӏутӏиялъеги, гьеб берцинлъиги тӏагӏамги нилъее хӏадурарал ва цебе лъурал гӏадамазеги кӏудияб къимат кьуна. Болъихъ районалъулги цогидал магӏарул районазулги къогоялдасаги цӏикӏкӏун майданал рукӏана гьенир гӏуцӏун. Щибалъул букӏана цоялдаса цояб тӏагӏамаб ва гьарзаяб, некӏсияб цӏа-рагӏалдалъун къачӏараб, сурпа-тӏутӏ. Миллияб ратӏлица берцин гьарурал горсвериязда, бакӏ-бакӏалъан рагӏулеб букӏана ун- го-унгояб зурма-къолол къва-къвайги, пандрида ахӏулеб унго-унгояб магӏарул кочӏол гьаракьги. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ гӏадамазул ракӏазе гуребги, мегӏер-гӏалахалъеги, гъветӏ-хералъеги, хӏинчӏкъедалъеги, хӏориниб ччугӏиегицин асар гьабулеб бугилан кколеб букӏана. Чан гьудул-гьалмагъха гьенив дандчӏварав, чан цӏияб гьудуллъи гьениб ккараб? Гьедин цолъун хутӏаги киналго Кавка- залъулго халкъал кидаго. Амма, гӏун бачӏунеб гӏелалъул тарбиялъул рахъ дагьаб загӏиплъун букӏин бихьулеб бугин гьадинал тадбираздай- илан, жидерго рази гьечӏолъи ва гьеб рахъалде кӏвар кьезе кколеблъи загьир гьабулелги камичӏо.

Фестивалалъул концерталъулаб бутӏа рагьана «Болъихъ» абураб фольклориябгун хореографи- ялъул ансамблялъ ва районалъул культураялъ- ул управлениялъул хӏалтӏухъабаз. Дагъистан ва Чачан республикабазул 200-гӏан махщел тӏокӏал артистал, батӏи-батӏиял фольклориял ва хореографиял коллективал, кочӏохъаби, кьурдухъаби рахъана цере. «Бухӏараб бакъул къоялъ Хӏеренго балеб цӏадакь…» ралагьарал гӏажаиблъизаруна Гиннессил тӏохьоде росарал чанго рекордазул бетӏергьан, жиндир къуваталъ риццатал маххул магӏазул ва чӏоразул дагӏнил лълъар гӏадал кьур-кьурарал жал гьарулев, бакӏал гираби квасул къандалъаби гӏадин, цабзаз ккун гьаваялде рехулев магӏарулазул чӏухӏи Гӏумар Хӏанапиевас. Кочӏохъабаз ва кьурдухъабаз жидер гьунаралдалъун хӏайран гьабун букӏана гӏалам.

Болъихъ районалъул администрациялъги, гьитӏинал кьун, кӏудиял кьун, буртина кодобе кьечӏого цониги чи виччачӏо сценаялдаса нахъе. Тӏаде районалъул культураялъул управлениялъ, кубокалгун цадахъ, рамкабазда жанирги лъун, баркалаялъул кагъталги кьуна.

Ахиралдаги, накӏкӏал рачӏун, цӏад чваххун, цӏорораб гьури бахъун, хъамуна машинаби жидежидер рокъоре. Тӏаде-хариялъулги лъикӏ рихьизе хъвагиян, хьулазул кверал росун, кьуна цоцазе салам.

Гьанжеги Гӏумархӏажие кьелин рагӏи:

…Тӏинде тӏерхьун ана моцӏги цӏвабиги,

Цӏаруцӏун гарбалгун гӏунсби рещтӏана.

Дир чоца, кӏиябго накуги сукӏун,

Сурмияб хӏорил лъелъ кӏутӏби ччун руго.

Баху МУХӏИДИНОВА