Араб хамиз къоялъ редакциялъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьана Бакълъулазул ракьалде. Редакциялдаса къватӏире рахъинчӏого, газеталъул гьурмазда кьезе чӏагоял макъалабиги, чӏагоял пикрабигун къасдалги рачӏунаро ботӏролъе. Гӏадамазда нилъги, нилъеда гӏадамаз гьабулеб яшавги бихьизабизе ккола. Миллаталъул матӏулъун кколеб, магӏарулазул цо гурони гьечӏеб миллияб басмаялъул унго-унгоял ва ритӏухъал гьудулзаби магӏарухъ руго жакъа. Гьебги хӏисабалде босун, подпискадул суалги дагьаб роцӏцӏинабизе хьулгун, редакциялъул хӏалтӏухъаби къватӏире рахъана араб анкьалда.
Тӏолабго магӏаруллъиялдаго гӏадин, Бакълъулазул ракьалдаги тӏадбан буго рии, гӏурччинго буго мегъ. Жеги ахазукьа тӏагӏинчӏого буго ахбазан ва курак. Хадубцун барщизе къачӏан буго микьир, генигӏеч ва кокон.
Гьаваги бацӏцӏадаб, ракьги беэнаб, ахал-хурзалги гьарзаяб ракь буго Бакълъулазул тӏабигӏаталда.
Ахӏулгохӏалъул ахалъиги тун унаго, Гумбет районалда тӏоцебе батулеб росу ккола Чӏиркъатӏа. Магӏарулазул тарихалъул чӏагояб нугӏ, бахӏарчияб къеркьеялъул гъваридаб лъалкӏги нахъа тараб, унго-унгоял бахӏарзалги жаниб рахъараб магӏарул росу. Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалда гьеб росулъа лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун хъизам шагьидлъанин машгьураб гохӏдаян бицуна тарихалъул тӏанчаз. 1839 соналда цебе росулъ 300 минаялъул тӏалайдухъа къватӏибе кӏкӏуй букӏанин хъвалеб буго тарихчагӏаз. Ахӏулгохӏдаса хадуб Чӏиркъатӏе нахъбуссана гӏицӏго 12 хъизам. Гьеб хӏужа дагьабги камил гьабун нижее баян гьабун букӏана Чӏиркъатӏа бугеб тарихияб музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовас. Гӏажаибав инсан вуго Ибрагьим. Тӏоцеве вихьулев вугониги, нусго со- налъ цоцада лъалеб гӏадаб хӏисабгун кверде восула инсан гьесул сабураб каламалъ.
Цӏидасан ракӏалде щвезабуна гьелъул тарих. Гохӏде рахине къасдгун, ахӏичӏого рачӏарал тушбабазе нухги къан, Щулалъул гохӏги цӏунун чанго къоялъ рагъарал — Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил ва гьесда цадахъ шагьидлъарал Ахӏулгохӏалъул бахӏарзалгун дандчӏвана.
Цӏадул хӏенхӏазда тӏад гӏанкараб кӏиго чӏерги къоялъе гӏезабун, жужахӏалъул гӏазабги къулчӏун, лъим гьарулеб черхалда кӏалги гьикъун, гьужумалъ арал гъазизабиги рачӏана цере. Росасухъа гӏодобе бортараб хвалченги борхун, тушбабазул бода гъорлъ речӏчӏарал руччабазул бахӏарчиял сипаталги паркъана берда цере. Ахӏулгохӏ, Ахӏулгохӏ… Дур бахӏарчияб тарих кӏочон тезе рес гьечӏо, анцӏ-анцӏ наслаби хӏайран гьарулеб чанги къиса хутӏана дур нахъе.
Гьеб тарихияб къеркьеялъул нугӏзал: гӏарададул гуллил кескалги, гумпарабиги, асариязухъа гъоркь хутӏараб рагъул сурсатги — гӏемераб жо бакӏарун буго Ибрагьимица музеялъубе. Гьеб кинабго дида бихьана щуго соналъ цебе, гьадинабго роол къоялъ бакълъулазул росабалъе гьабураб сапаралда. Къваригӏелалъ Буйнакскиялде ун ватун, гьаб нухалъ Ибрагьим росулъ ватичӏо.
Чӏиркъатӏа росдал къо-лъикӏги гьабун ниж нухда рахъана. Хъил тӏураб нухдасан бекерун унеб букӏана Рулдаса Ибрагьимил Мухӏамадица бачунеб машина. Редакциялъ кибе сапар бухьаниги ки- даго нижеда цадахъ къватӏиве вахъине хӏадур ватула гьевги. Нух нахъе теялъе бицунеб гьуинаб хабарги, щивасул рекӏелъ рекъон кколеб хӏеренаб каламги гьесул камуларо.
Гъоркьехун букӏана азарил сонаца жиндирго чвахи хисичӏеб Гӏанди гӏор. Сагъри кьодухъ лъалхъани ва «чӏезе рес гьечӏого гӏедегӏун унеб заманги лъалхъизабун», тӏаса гъоркье балагьани бихьула, жужахӏгӏан къваридаб жаниблъуда гьалдолеб гьалагаб гӏор. Чан лебалав магӏарул васасда ва ясалдадай гьелъул къвалакь жидерго гӏажал батараб?
Авар ва Гӏанди гӏорал цоцалъги журан лъугьуна гьалагаб Сулахъ. Гьединаб гӏажаибаб ва нилъер ракӏал асир гьарулеб къисмат буго гӏоразул. Магӏарухълъиялъул чӏагоял нугӏзалин абизе бегьила гьезда. Гӏоралги иццалги къани магӏарухъ гӏумру чӏунтула, тӏабигӏатги бечӏала. Тӏабигӏиял гьел бечелъабазда нилъ махӏрум гьаругеги Аллагьас.
Гьединал пикрабигун, Бакълъулазул тахшагьар Мелъелтӏе щун ратана ниж. Рамазан Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуда вугеб заманалда рагьараб администрациялъул цӏияб, киналго санагӏалъабаздалъун бечедаб кӏалгӏаялда цебе лъалхъана нижер машина. Администрациялъул мина гуребги, районалъул маданияталъул рукъги, китабханаги, хӏатта лъималгун чӏахӏиял жаниб лъедолеб хӏорцин буго гьениб.
Сагӏат анцӏго тӏубалеб гӏужалде актовияб залалъуб тӏобитӏана районалъул нухмалъиги гӏахьаллъун данделъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала нужеда батила 12-13-абилел гьурмазда. Дица нужергун лъай-хъвай гьабила Бакълъулазул цогидал тарихиял бакӏазулгун. Шамил имамасул гъазаваталъул чӏагоял нугӏзаллъун кколел росаби ккола гьезул, гьединго, Данухъ ва Аргъвани.
Басрияб Аргъвани – магӏаруллъиялъул яхӏалъул нугӏ
Чӏиркъатӏего гӏадин Аргъванивеги щун вукӏана дун щуго соналъ цеве. Ахӏулгохӏалъул къеркьей байбихьизе моцӏгӏан заман букӏаго пачаясул аскараз цин гьужум гьабуна некӏсияб Аргъванибеги. Гьел тарихиял къояз росулъ боркьун букӏараб рагъул, жужахӏалъул корониб букӏараб гӏадаб хӏалалъул нижее бицун букӏана, басрияб Аргъвани годекӏанир ратарал къадруял харабаз.
1839 соналъул маялъул ахиралда кутакаб рагъ боркьана гьеб росулъ. 10000 чиясдаса гӏуцӏараб аскаргун генерал Граббеца цин гьужум гьабуна Буртунаялде. Пачаясул генераласда ракӏалда букӏана хехаб куцалда кьабиги щвезабун, магӏарулал мукӏур гьаризе ва Шамилги кверде восизе. Амма гьесул мурад тӏубачӏо. Лъабго нухалъ тӏатӏалаго гьужум гьабуниги росу кверде босизе кӏвечӏо пачаясул аскаралда. Ахирги росуги бухӏун нахъе ана гьениса Граббе. Хадуб гьесда муридзабаз дандчӏвай гьабуна Хӏариб габурлъухъ. Кьоял риххизарун, нухда гъоркьчӏелал гьарун гьез Граббел аскаралда жидерго къвакӏи бихьизабуна. Нухда гӏемераб къоги бихьун щвана магӏарухъе пачаясул бо.
30 маялда Аргъвани росдаде гӏагарлъана гьел. Амма цин гьенире щвелелде пачаясул аскаралъ рухӏана Данухъ ва Гӏаркьухъ росаби. Лъабго бакӏалдаса сверунги ккун байбихьана Граббеца Аргъ- ванибе кьвагьи лъезе. Гӏадан бицун божулареб бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабуна муридза- баз гьениб. Тарихчагӏаз хъвалеб буго, магӏарулазул унго-унгояб къвакӏиги, чаран бианиги биунареб лебаллъиялъул гӏадамал гьел рукӏинги пачаясул аскаралда тӏоцебе бихьанин Аргъвани букӏараб рагъулъилан.
Лъабго сордо-къоялъ чӏечӏого жужахӏгӏан боркьараб рагъ букӏана гьитӏинабго магӏарул росулъ. Бидул гӏорал рукӏана Аргъвани росу жанисан чвахулел. Лъабго нухалъ тӏатӏала гьужум гьабуниги Граббел аскаралда росу бахъизе кӏвечӏо, ахирги цо хӏалихьатица бихьизабуна муридзабазухъа цӏуничӏого хутӏараб, росулъе бугеб сухъмахънух. Гьениса хъатиниб лъураб гӏадин бихьулаан тӏубараб росу.
Гьединаб, наслаби бахиллъулеб къвакӏиги бихьизабун, цӏунизе яхӏ бахъана муридзабаз бахӏарчияб росу. Аргъвани букӏараб гъазаваталда шагьидлъана 600 мурид. 2 июналда нахъе хутӏарав кӏинусго рагъухъангун Шамилица хӏукму гьабуна росу тезе. Гьев Ахӏулгохӏде ана.
Чӏобого хутӏараб росулъе лъугьана Граббел аскар. Анкьго къоялъ халат бахъараб рагъудаса хадуб нахъе хутӏарал росдал минаби гьез щущазаруна ва рекьарал хурзабаздагун харибакӏазда лал тӏамуна.
Гьединаб буго Басрияб Аргъвани росдал тарих. Цевеги гьениве щун вукӏана дун. Бихьана пачаясул аскар росулъе жанире рачӏараб сухъмахънухги. Шагьидзаби рукъараб росдал хабалалъ гьезие дугӏа-алхӏамги гьабуна.
Гьеб кинабго ракӏалде щвана гьаб нухалъ Гумбеталде сапаралъ щведалги. Къо-лъикӏ некӏсияб Аргъвани росу, дур бахӏарчияб бицен наслабаз цоцахъе кьела жеги.
Аргъваниго гӏадин гъазаваталъул рагъул бухӏи бихьараб росу ккола Данухъги. Тарихалде арал рагъал ккана Шамилил заманалда гьенирги.
Гьаб нухалъ Данухъ росулъе сапар гьабизе рес рекъечӏо. Бакъанидаго къватӏире рахъана Мелъелтӏаса.
Бакълъулазул куракги, микьирги, тӏогьолал ахалги
Мелъелтӏа росуги тун, шагьранухде щведал цӏорораб лъимги гьекъезе цо иццухъ лъалхъана ниж. Нижеда гъоркь ватарав, цӏорораб лъел шушби цӏолев ватарав чиясулгун хъваш-баш гьабуна. Гьев ватана Чӏиркъатӏаса Шихшалаев Гӏабдулмажид. Гьагъаба гъоркьа жиндир ах бугин, гьенирги рещтӏинчӏого шагьаралде нуж ине изну гьечӏин лъазабуна гьев сахав чияс. Гьесул гьари нухда тезе нижееги къабуллъичӏо.
Анцӏго километр нахъа тун букӏун батиларо, цебе тӏадхъвелги гьабураб, гӏурччинал гъутӏбуз берцин гьабураб цо ахикьехун сверана нижеда цебецебе букӏараб гьесул машина.
Ахикь тӏад бан барщизе квер бан бугоан микьиралъ. Огь баркаман, шагьранухдеги чӏвалеб берцинаб гьелъул махӏалъ цӏун бугоан сверухълъи.
Исана ахбазаналъул лъикӏаб бачӏин бакӏарана магӏарухъ. Умумузул заманалдаса нахъего ахихъанлъиялде цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб мухъ ккола Гумбетги. Игьали, Инхо, Чӏикь ва цогидал росабалъ гьарзаго бижула пихъ.
Кӏиго нухалданиги федералиял телеканалазул журналисталги ахӏун, пресс-турал тӏоритӏана исана «Гумбет» РИОялъ. Бакълъулазул куракги, пурчӏунги ххенон гьабулеб хьодулги тӏагӏамалъул киназдаго рагӏизабуна гьез.
Чӏиркъатӏаса Шихшалаев Гӏабдулмажидил буго лъикӏаб ахги. Ахикь жаниб берцинаб, умумузул заманалъул хаслъиги цӏунараб гӏадатияб минаги. Ах къотӏун гӏодобе чил-чилиялда чвахулеб лъимги.
Чанго къоялъ цеве, Гӏашилтӏа букӏараб дандеруссиналдеги вачӏун вихьун вукӏана гьев. Доб мехалъ цоцазул квералги росун, кӏалъазе щун вукӏинчӏев Гӏабдулмажид ватана гьалбалги хирияв, умумузул гӏадатги рехун течӏев унго-унгояв магӏарул чиясул хасиятги чорхолъ бессарав чи.
Чӏиркъатӏа бугеб спортшколалъеги нухмалъи гьабулеб буго гьес. Амма цохӏо спортивиял тадбиразде вуссун чӏечӏого, магӏарулазул дандеруссин бугеб бакӏалде вачӏине цӏакъ бокьулин жиндеян бицана. Кутакалда хирияб буго Гӏабдулмажидие ихтилатги умумузул кечӏ-бакъанги. Живгоги гьев цӏакъ аваданав, махсара-хочӏ гьабизе бокьулев чи вугоан. Бокьана нижее гьесул ахги ахикь жаниб гьесул бугеб берцинаб гӏумруги. Цоцазда гьоболлъиги рагӏизабун, квералги росун, ратӏалъана ниж.
Гьединаб букӏана араб хамиз къоялъ Гумбет районалде гьабураб нижер сапар. Кире унел ругониги ракӏ гӏатӏидал гӏадамалги, нухда цӏорорал иццалги, роцӏцӏараб магӏарул гьаваги камун нилъ хутӏугеги. Магӏарухъе унел нухалги нилъеда киданиги кӏочонгеги.
Ашахан ЮСУПОВ, Мелъелтӏа-Махӏачхъала