Росдал магӏишаталъул рахъалъ Гумбет район тӏадегӏанал хӏасилал рихьизарулел районазул мухъилъ гьечӏониги, цӏакъго нахъе ккаразда гьоркьобги гьечӏо. Районалда буго 10 СПК, 89 КФХ (фермеразулаб магӏишат) ва анлъазаргогӏанасеб ЛПХ (хъвай-хъвагӏай бугеб жал бетӏергьанаб магӏишат). Гьелъул аслияб бутӏалъун рикӏкӏуна гӏияхъанлъи. Районалда буго 188 азарго бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (аслияб куцалда — КФХязул ва ЛПХязул). СПКязул цебетӏей цӏикӏкӏараб гьечӏо, чӏегӏербоцӏулги гьечӏо рехсезе гӏураб къадар.
Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз Мелъелтӏе гьабураб сапаралъул хӏасилалда рес ккечӏо росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвари гьабизе. Амма къокъабго гара-чӏвари ккана гьелъул бетӏерав специалист (гьабсагӏаталда гьес тӏурала начальникасул хъулухъги) Гӏалиев Мухӏамадилгун.
— Мухӏамад, дуца абуна росдал магӏишаталъул аслияб бутӏа кколин гӏи-боцӏухъанлъиялъ абун. Амма нужер цӏар гӏемерисезда лъала пихъил ватӏан хӏисабалда…
— Районалъул хьиндаллъиялда ругел гӏадамазул бетӏербахъи бугеб нигӏмат ккола пихъ. Гьелда гьоркьобги аслияб бакӏ ккола куракалъ. Районалда буго 731 гектар ахазул, гьезда гьоркьоса 462 гектар ккола куракул, хутӏараб буго микьир, гӏеч, цӏибил (6-7 гектаралда (Инхоб ва Игьали)), Чӏиркъатӏа бижула хурма.
— Араб сон кинал хӏасилалгун нахъа тараб?
— Гӏаммаб куцалда абуни, квеш инчӏо. Тӏабигӏиял шартӏал рукӏана гӏезегӏан захӏматал, хӏажатаб заманалда рачӏо цӏадал, букӏана ракъдаллъи. Амма районалъул гӏадамал хӏалтӏи лъалел ва хӏалтӏизе бокьулел рукӏиналъ, кинал ресал ратунги, гӏурухъа лъим баччунги кӏвана рекъараб къагӏидаялда кинабго тӏубазабизе.
— Исанасел планал ва гьел тӏурай кин бугеб?
— Нижеда ракӏалда гьечӏеб куцалда цӏикӏкӏараб букӏана куракул бачӏин — гъоркьиса нижеца бакӏарана гьелъул 3,8 азарго тонна. Исана гьанжелъизегӏан бакӏарун буго 4,2 азарго тонна (руго гьеб жеги бакӏаризе ругел бакӏалги). Гьелда хадубго ирга щола цогидал пихъаздеги. Амма буго цо гьадинаб хӏужа. Битӏун курак барщулъ рана гӏемерал цӏадал. Нилъеда лъала гьеб букӏин риччел цӏикӏкӏаниги, гъотӏодаса бортун дагьабниги чункъаниги цӏакъ хехго холеб нигӏмат. Гьединлъидал гьелъул хӏасилалда ккана гӏезегӏан камиги.
— Бачӏин цӏикӏкӏараб букӏин цо суал, гьеб гьанибго къачӏазе рес гьечӏолъи гьечӏищ кинго тӏубазе кӏолареб масъала?
— Аслияб куцалда нижер гӏадамаз курак бичулаан нилъерго пачалихъалъул шагьараздеги баччун. Доба гьелъул цӏикӏкӏараб тӏалаб букӏиналъ лъикӏаб багьаялде гьебги бичун, разияб хайирги щун рачӏунаан росабалъеги. Роччун букӏиналъ исана пихъ букӏинчӏо рикӏкӏаде баччулеб хӏалалда, гьединлъидал гӏадамазул кинго рес букӏинчӏо гьеб шагьаразде баччизеги. Кире балагьаниги кьураби гурони сверухъ гьечӏеб авалалда, гӏурул лъимги хӏалтӏизабун, ахал гӏезари гуреб тӏокӏаб батӏияб магӏишаталъе ресал гьечӏо. Хӏалтӏи гӏадамазда лъала, бачӏин буго гӏезегӏан лъикӏаб, квеш ккараб жо буго гьеб къачӏалеб предприятие, цех, завод районалда гьечӏеблъи. Нижеца кире унги, кӏварас-кӏвараб гьабун, гьанир тункун, дора речӏчӏун бичана курак. Холеб букӏиналъ 300-400 тонна гьабуна бакъвазе. Амма бокьилаан гьелда чӏей гьабичӏого цоги ресал ралагьизе.
— Чӏиркъатӏа букӏараб заводалъул къисмат кинаб бугеб?
— Гьеб чӏун буго, 20-ялдаса- ги цӏикӏкӏун сон буго хӏалтӏулеб гьечӏелдаса. Цебегоялдаса нахъе рехун тараб, хутӏараб техникаги кьавуца кванараб гьеб цӏи гьабиялъул магӏна гьечӏо. Исана бачӏин цӏикӏкӏараб букӏунеблъи нижеда цебеккунго бихьулеб букӏиндал, къотӏи-къаял гьарун рукӏана Болъихъ бугеб заводалъулгун. Амма сезоналъул заманалда нижее бакӏ щвечӏо доба, кӏвечӏо гьенибе продукция кьезе. Гьединабго хӏал буго цоги заводаздаги. Гьединлъидал районалъе чара гьечӏого хӏажат буго цӏиял технологиязда рекъон хӏалтӏулеб, гьитӏинаб бугониги, пихъ къачӏалеб производство. Нижер цӏияв бетӏерги вуго жигарав чи, гьесги кӏвар кьолеб буго гьеб масъалаялде, республикаялъул хӏукуматалда цебеги борхун буго гьеб суал. — Шагьаралда гӏезегӏан дандчӏвала пастӏангун хъарпуз бичулел аргъванисел. Киса гьезие гьеб магӏишаталъулгун гьудуллъи щвараб? — Хӏакъикъаталдаги гьел руго гьеб ишалъул устарзаби. Гьеб бекьизе ракь щвечӏони, мина-къайиялъул тӏохда бекьунги гӏезабичӏого тоге хъарпуз — гьединаб аби танин жидее умумузин абула аргъванисез.
— Ахихъанлъиялда ругел аслиял масъалабазул нилъеца бицана. Кинха бугеб гӏияхъанлъиялъул иш?
— Тӏоцебесеб иргаялда, гьоркьохъаби гьоркьоре лъугьинчӏого гӏиял гьан бичине рес щунгутӏи. ДРялъул премьер Гӏабдулмуслимовасул хӏаракаталдалъун росдал магӏишаталъул ярмаркаби тӏоритӏизе байбихьаралдаса нахъе дагьаб гӏодобе буссана гьеб суалалъул хӏалуцин. Гьебго хӏисабалъул ккола гьан-рахь къачӏалел мини-цехал, пунктал рагьизе кӏвелародай абурал нижер хьулалги. Буго цоги масъала. КФХязе гӏолел гьечӏо хӏажатаб къадаралда кӏалцӏи-хер хӏадуризе ракьал. Бабаюрт, Гъизляр, Хасавюрт, Гъизилюрт районазда нижер буго 15 азарго гектар ракьул. Гьел киналго ракьал руго СПКабазухъ, амма гьезухъа бажарулеб гьечӏо берцинаб хӏалалда гьел хӏалтӏизарун, букӏине кколеб куцалда хӏалтӏи гӏуцӏун. Гьебги буго, кин тӏубаниги тӏубачӏого, рес гьечӏеб масъала.
— Гӏемерал суалал рукӏуна квасуда, гьелъул багьаялда сверухъ. Дуца щиб абилеб?
— Цебе нилъер умумуз абулаан вехьги чахъуги хьихьулин квасуцайилан абун. Жакъа абуни гьелъул буго нилъго нечолеб багьа. Магӏарул тайпаялъул квасул кило буго 5-10 гъурщиде, метис тайпаялъул кило — 20-25 гъурщиде. Гьебго заманалда цо чахъу къунцӏун кьезе ккола 100-120 гъурущ (цо чахъдадаса къунцӏула 2-2,5 кило). Гьеб буго божизе захӏматаб, амма хӏакъикъияб хӏужа.
— Гумбет районалъул росдал магӏишаталъул метерисеб къо кинаблъун дуда бихьулеб?
— Хьулал руго гӏезегӏан лъикӏал, гьелъие нижер фермералги хӏалтӏулел руго гали нахъе тӏамичӏого. Продукцияги кьолеб буго къойидаса къойиде цӏикӏкӏун. Лъикӏабщиналде буго хьул, гьелда рекъон хӏалтӏулел нижги руго.
— Пачалихъалъул рахъалдасан бугищ кумек?
— Жакъа кумек щола. Гӏезабураб продукциялъул кило ва бечӏчӏараб рахьдал литр рикӏкӏун, щибаб чахъдахъ кьола субсидиял. Исана байбихьана мугӏрузул шартӏазда гӏезабураб картошкадухъ субсидиял кьезеги. Пачалихъалъул кумек-квербакъи гьечӏебани, бигьалъилароан кколеб хӏалалда хӏалтӏи нухда бачине.
— Къарзалъе босулеб гӏарцул рахъалъ ругел бигьалъаби гӏемер ругищ?
— Бицуна ругин абун, амма нижеца абула гьезде ккун хутӏугегиян.
Гӏ. ГӏАБАШИЛОВ