Кӏиабилеб августалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Гъизилюрт шагьаралъул лъел мухъазул суал. Гьезул гӏемерисел басралъун, некӏого хисизе заман щун, цо-цоял абуни, тӏуранго турун ругин бицана гьеб данделъиялда. Гьединабго хӏал рагӏула хъублъи жанисан чвахулел рогӏразулги. Гьезул цо бутӏа цӏияздалъун хисун, бегьулел къачӏазе ругин абуна премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.
40000 чияс жаниб гӏумру гьабулеб Гъизилюрт шагьаралде гьекъолеб лъим бачӏунеб буго «МиякьоМахӏачхъала» лъел мухъдасан. Гьенисанго гьеб лъим бикьун унеб буго хъублъи бацӏцӏад гьабулел рогӏразухъеги.
Амма тӏубараб шагьаралъе кӏудияб гӏунгутӏилъун жакъа буго гӏемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукӏин. Гӏаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагӏула цӏакъго басралъун. Амма тӏубараб шагьаралъе кӏудияб гӏунгутӏилъун жакъа буго гӏемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукӏин. Гӏаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагӏула цӏакъго басралъун.
Шагьар къотӏун гьекъолеб лъим жанисан унел 176 км ругел лъел мухъазул, бащдалниги гьабсагӏатго хисизе кколеб хӏалалда руго. Рогӏрал басралъун рукӏиналъ камулел гьечӏо хӏужаби лъим чороклъиялъулги. Гьеб гуребги, басриял турбабазухъан чвахун унеб лъел 15 процент щолелъубе щвечӏого, ай гӏодобе чвахиялъулги хӏужаби руго.
Гьединаб хӏал буго жакъа Гъизилюрт шагьаралда лъим унел мухъазул.
Хӏукуматалда букӏараб данделъиялда бицана гьел мухъал къачӏазе гӏарац кьезе бугилан. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, гьабсагӏат проекталъулгун сметаялъул документал хӏадур гьарулел руго, Гъизилюрталда ва Цӏияб Сулахъ росулъ лъел рогӏрал хисизе гӏарац биччазе букӏине.
Гьенибго борхана Гъизилюрт шагьаралъул «Новый» абураб микрорайоналда цӏияб ясли-ах хӏалтӏизе биччаялъул суалги.