Дагьалъ цебе Цӏунтӏа районалъул Кидеро росулъ ичӏго сон барав васасда тӏад речӏчӏана чакъал.

Рохьил рагӏаллъуда расандулел рукӏарал лъималазде тӏаделъун буго гьеб. Анлъго сон барав Абубакар щола гьелъухъе кквезе. Гьесие хӏалае вахъуна ичӏго сон барав Ахӏмад. Цинги вацги виччан тун, гьесда тӏад речӏчӏула чакъал ва гьелъ гьев чӏвала.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун ха- дуб республикаялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министер- ствоялъ Цӏунтӏа районалде битӏана чанахъабазул ва егеразул къокъа. Гьезухъе чӏвазе щола гьеб чакъалги. Кинабниги гьез чӏван буго анцӏгониги жанавар.

Жидер мухъалда бацӏал кидаго рукӏанин, амма гӏадамазда тӏаде гьел кӏанцӏараб хӏужа цониги нухалъ ккун букӏинчӏин бицана Цӏунтӏа районалъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Мухӏамадовас. Чакъалалин абуни, жидер мухъалде рачӏаралдаса 15- 20 сон бугин ва гьел рачӏун ратизе бегьулин Чачан республикаялдаса- ян бицана гьес.

Щибха гьабизе кколеб гьединал лъугьа-бахъинал ккани? Гьезда гамачӏ яги цоги щиб букӏаниги речӏчӏизе лъугьине бегьуларо. Бищун лъикӏаб жо буго ахӏдон, гьаркьал гьарун гьеб нахъе бачахъи. Гьаркьал гьаруни, хӏинкъун, аскӏоса нахъе ине рес буго чакъал.