Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ вуго дунялалъул бищун лъикӏал сценаристазул цояв, машгьурал «Эртугрул» ва «Гӏусман» фильмазда тӏад хӏалтӏарав турказул сценарист Атилла Энгин.
Гьев хӏалтӏулев вуго Шамил имамасул хӏакъалъулъ бахъизесеб сериалалда тӏад.
Сценарист щвана дол Шамилил гӏумруялда хур харал тарихиял бакӏазде: Ахӏулгохӏде, Генуве, Гӏашилтӏе, Гъуниве ва Хьаргабиве.
«Шайих Шамил» абураб гӏемерсериязул гьеб фильм бахъизе буго «Халкъияб Кино» абураб проек талда рекъон.
Гьелъул хӏакъалъулъ Атилла Энгиница гӏатӏидго бицана 9 августалда «Черновик» газеталъул редакциялда республикаялъул журналисталги, тарихчагӏиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги гӏахьаллъун тӏобитӏараб пресс-конференциялда.
Шамилил ватӏанги гьев вагъарал тарихиял бакӏалги рихьизе некӏогоялдаса анищ букӏанилан абуна А. Энгиница:
«Дун цӏакъ вохарав вуго жакъа гьаниве вачӏине рес щвеялдаса. Дида гьитӏинаб къоялдаса нахъе гӏемер рагӏулаан Имам Шамилил хӏакъалъулъ рицунел харбал, биценал. Дие цӏакъ бокьун букӏана гьитӏинаб мехалъ дидаго рагӏанщинаб беразда бихьизе. Шамил вуго цохӏо Кавказалъул гуребги, тӏолабго исламияб дунялалъул тарихалдаго кӏудияб бакӏ кколев инсан. Гьединлъидал, дие бокьун буго гьесул хӏакъалъулъ тӏолабго дунялалъего бицине», — ян абуна гьес.
«Шайих Шамил» абураб сериал гӏуцӏун букӏине буго гӏага-шагарго 12 сериялдасан. Гьенибе жанибе бачине буго 30-35 соналдаса байбихьун, хвезегӏан Шамилица нахъа тараб гӏумрудул нух.
Сериалалъул щибаб эпизод букӏине буго полнометражный фильм гӏадинаб. Нилъеда рихьизе руго Шамилги, гьесул гӏага-божаралги, муридзабиги, гьесда церехун ва цадахъ рагъарал гӏадамалги, масала, Хӏамзатбег ва дол лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарал цогидал гӏадамалги», — ян бицана сценаристас.
Гьединго Атилла Энгиница абуна жиндир аслияб мурад бугила имамасул гӏамал-хасияталъул батӏи-батӏиял хӏакъикъиял рахъал рихьизари:
«Дир ракӏчӏола 300 чигун 300 азарго чиясде данде вагъизе бажарулев Шамил, лъикьаниги хӏинкъулев вукӏинчӏолъиялда. Амма инсанлъидал гьев, сункьаниги хӏинкъизе кколаан гьев. Гьеб суалалъе жаваб батараб мехалъ баянлъизе буго нилъее персонажасул хӏакъикъияб гӏамал-хасиятги. Масала, гьесул яс цӏа-канги бахун унтараб мехалъ, гьелъул эбелгун цадахъ рогьинегӏан гьей рекӏеде ячӏинаюлел рукӏун руго гьел. Гьеле доб, гьесул гӏаданлъиялъул унго-унгоял хасиятал загьирлъулеб лахӏзат. Нилъеда цеве чӏола расги жиндирго гӏумруялдаги барахщичӏого, рагъул коронив къеркьолев чиги радаллъагӏан яс чӏаго хутӏиларинги хӏинкъун, гьей хвасар гьаеян Бетӏергьанасда гьардолев чиги».
Ахираб заманалда Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун рахъарал фильмазда тӏасан нилъер ракьцоязул гӏемерал бахӏсал, дандеккунгутӏиял рукӏана. Гьел рахъулаго, тарихиял хӏужабиги хисизарун, фильмалда цо-цо бакӏал берцин гьаризе бокьарал баянал ургъун рахъулел ругин гӏайиб чӏвалел чагӏи гӏемерал руго.
Сценарий хъвалаго тарихиял хӏужабазулъ хӏакъикъат цӏунизе гьесие кумек гьабизе буго тарихчи Зураб Хӏажиевас.
«Дица хӏалкӏун хӏакъикъиял, божилъи гьабизе бегьулел тарихиял баянал кьела сценаристасухъе. Жидеего бокьараб хӏалалъ хиса-сверизабичӏого, баянал мукъсан гьаричӏого бахъани, дир пикруялда, халкъалъ лъикӏ къабул гьабизе буго гьеб фильм», — ан абуна З. Хӏажиевас.
Съемкаби аслияб къагӏидаялъ гьаризе руго Турциялда, Россиялда (Санкт-Петербург, Калуга шагьаразда) ва Шамил щварал цогидал улкабазда — Египеталда ва Сагӏудиязул Гӏарабиялда.
Сериалалда жиндие Дагъистаналъул тӏабигӏаталъул берцинлъи бихьизабизеги бокьун бугин бицана сценаристас. Гьел съемкаби гьаризе республикаялде бачӏине буго хасаб къокъа.
«Гьел рукӏине руго цӏакъ захӏматал съемкаби. Гьезулъ гӏахьаллъизе руго гӏемерал актерал ва техническиял хӏалтӏухъаби. Фильм бахъулеб бакӏ букӏине ккола гӏатӏидаб, гьенир хӏалтӏулел чагӏазе санагӏатаб ва шартӏал ругеб. Гьединлъидал аслиял съемкаби гьаризе тӏасабищулеб буго Турциялда Средиземный ралъадалдаса рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ», — ин бицана Атилла Энгиница.
Сериалалъулъ нилъер ракьцоязги гӏахьаллъи гьабизе бугин бицана Атиллаца:
«Цо-цоязда ккола сценарий цохӏо чияс хъвалилан. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Гьеб хъвалаго гьоркьоб гӏахьаллъи гьабула гӏемерал махщелчагӏаз. Гьезда гьоркьор рукӏине руго Дагъистаналдаса гӏадамалги.
Дагъистаналдаса актералги ахӏизе руго гьоркьор гӏахьаллъизе. Фильмалъ гуро актер валагьулев, живго актерас балагьула фильм. Амма жеги сценарий хъван лъугӏичӏого, гьелъул бицине цудунго буго жеги».
Киназего интерес бугеб суал букӏана кинаб къагӏидаялда, ай жанралда гьеб бахъизе бугебали. Гьелъиеги сценаристас гьадинаб жаваб гьабуна:
«Дун преподаватель гьечӏониги, Турциялъул университеталда гьеб темаялда гӏезегӏан лекциял цӏалана дица. Къокъго абуни, тарихияб драмаялда тарихиял хӏужабазде данде кколарел баянал рукӏине бегьуларо. Амма тарихалъул гӏатӏидго ва мухӏканго бицине ккани, хӏадурлъулагоги монтаж гьабулагоги нижер пикрабазе эркенлъи кьезе ккола, гӏорхъичӏваял гьаризе бегьуларо.
Фильм цо ккураб асаралъул кьучӏалда бахъизе гьечӏо. Сценарий хъвалаго, батӏи-батӏияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчӏвай гьабизе ракӏалда буго».
«Шайих Шамил» абураб сериал лъилнилги гьариялда (заказалда) рекъон бахъулеб гурилан абуна гьеб проекталъе квербакъи гьабулезул цояв, «Amicability» абураб халкъазда гьоркьосеб дипломатическияб клубалъул президент Сергей Дворяновас:
«Нижецаги гӏахьаллъи гьабулеб буго кӏудияб проекталда. Бокьун буго гьаб проект халкъияблъун гьабизе. Бокьарав, искусствоялде гӏагарав, гъира бугев чиясул рес буго гьелда гъорлъ гӏахьаллъизе. Гьеб букӏине буго художествияб, гвангъараб, мухӏканаб тарихияб проект. Гьелъ нилъее киназего гӏатӏидго рагьизе буго Шамилил гӏамал-хасиятги, гӏумрудул нухги, рухӏияв цевехъан хӏисабалда Дагъистаналъ гьесул къисматалда гьес тараб кӏудияб бакӏги. Гӏагараб заманалда нижеца рагьизе буго проекталъул сайт. Нижее бокьун буго, хас гьабун фильмалъе сайигъат гьабун Ахӏулгохӏда мемориалияб мажгит рагьизеги. Палхӏасил, гьаб букӏине буго жибго жиндаго чӏараб проект», — ан бицана гьес.
Фильм цо ккураб асаралъул кьучӏалда бахъизе гьечӏо. Сценарий хъвалаго, батӏи-батӏияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчӏвай гьабизе ракӏалда буго.
М. Манапов