Махщелчагӏазул росулъ ккарал лъугьа-бахъинал» абураб мультсериалалъул цӏияб анлъго сериялъул презентация гьабуна гьал гӏагарал къоязда республикаялда. Мультфильмалда бицен гьабулеб буго шагьаралда гӏурав гӏолиласул магӏарул росулъе щведал ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.

3, 3 млн гъурщидасаги цӏикӏкӏун къадаралда щвараб президентасул гранталъул гӏарцухъ гӏумруялде бахъинабураб гьеб проекталъул автор ккола Руслан Салимагъаев. Гьев къадаралде щвана исана.

«Махщелчагӏазул росу» абураб мультфильмалъул тӏоцебесеб лъабго серия бахъун букӏана 2018 соналъ, гьединго, президентасул гранталъул кумекалдалъун. Мультфильм бихьизабуна республикаялъул школазда ва гьединго лъун буго «Альтус-групп» студиялъул ютуб-каналалда. «Сураталги рахъун, мультфильм дандбалеб, озвучка гьабулеб заманалда проекталъул автор къадаралде щвана. Проект гранталъул гӏарцухъ гьабулеб букӏиналъги гьеб гӏуцӏулаго, нижер хӏалтӏулаб къокъа цо хъизан гӏадин цолъиялъги, пикру ккана гьеб иш рагӏалде бахъинабизе», — ян бицана «Альтус-групп» студиялъул нухмалъулесул заместитель Динара Хӏажиевалъ.

Проекталъул художествияв нухмалъулев Хӏамзат Гӏисаевас бицана 2D-графикаялда гьарурал мультфильмалъул цӏиял сериял 6-8 минуталъул халатбахъиналъул рукӏине ругин.

«Гьаб букӏине буго цӏиял темабиги ругеб, батӏи-батӏиял махщелазда хурхараб, дол мультфильмалъул хадусеб бутӏа. Киназего вокьулев персонаж ккола жиндирго дунял бугев, гӏажаибав гӏалимчи», — ян бицана Хӏ. Гӏисаевас.