Рикӏкӏадал сапаразда ракӏ гъолареб мехалда,

Мех-мехалъ дун дидаго кӏалъала магӏарулалъ

Рекӏел ургъел чучула, чияр бакӏ кӏочон тола,

Чанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чӏола…

М. Хӏ.

Ахираб заманалда гӏемер бицунеб буго магӏарул мацӏ цӏунизе хӏажат букӏиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулазда гъорлъ, къо бахъанагӏан дагьлъулел рукӏиналъул ва цо-цо школалъул нухмалъулел рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏтал тӏаса къунцӏизе лъугьиналъул. Хӏакъикъаталдаги, пикру гьабураб мехалъ, аза-азар соназ нилъер миллат-халкъ цӏунараб нилъер хирияб болмацӏ жакъа нилъеца цӏуниялде ккун буго.

Нилъ гӏурус мацӏалда данде чӏарал чагӏи гуро. Гьеб буго нилъер пачалихъалъул мацӏ, гьеб лъачӏого нилъее чара гьечӏо. Цо миллаталъ гӏумру гьабулел цогидал республикабазда данде ккун, советияб заманалдаго Дагъистаналда гӏурус мацӏ лъаялъул иш кидаго борхатаб даражаялда букӏана. Щайгурелъул гӏемер миллатал ругеб республикаялда нилъ цоцазда гӏурус мацӏалда кӏалъала. Амма нилъерго рахьдал мацӏ кӏочон тезе бегьилищ?

Цебе кидаго абулаан шагьаралда гӏурал магӏарул лъималазда рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏилан, гӏемерисел гӏадамаз лъимал ри-ридал росабалъе ритӏун рачӏунаан магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьанже абуни, магӏарухъ гьарурал, гьенир гӏурал лъимал школалде рачӏунел руго магӏарул мацӏалъул цо рагӏиги лъачӏого. Гьеб лъил гӏайибха кколеб, лъица гьел лъималазда рахьдал мацӏ малъизе кколеб? Эбел-инсуца гурищ? Лъицаха гьел эбел-инсуе рокъоб лъималазда рахьдал мацӏалъ кӏалъазе гьукъун бугеб? Гьеб буго нилъеца метерисеб къоялъул пикру гьабунгутӏи ва наслабазул букӏиниселъул нилъее ургъел гьечӏолъи. Ургъел гьечӏолъиялъ чӏвалел руго нилъ. Абулеб буго шагьаралдаса росабалъе риидал рахьдал мацӏ лъазабизе ритӏарал лъимал, кӏудабазда гӏурус мацӏги малъун, тӏадруссун рачӏунел ругилан. Киназго гӏайиб мультфильмазде рехула, гьездаса лъалеб бугин мацӏилан абула.

Рахьдал мацӏ буго ниж рижарав Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб нигӏмат, умумуз нилъее тараб бечедаб хазина ва нилъер халкъалъул къин гьечӏеб ицц. Нилъер магӏарул халкъалъул тарих лъазе ва бичӏчӏизе рес гьечӏо нилъерго рахьдал мацӏ лъачӏого. Киргизазул машгьурав хъвадарухъан, дипломат Чингиз Айтматовас абун буго: «Щибаб халкъалъул хвелгьечӏолъи гьелъул мацӏалъулъ буго», — ян. Магӏарул мацӏ лъаларев чи киданиги унго-унгояв магӏарулавлъун вахъунаро. Щай абуни, магӏарул мацӏалъул рагӏабалъ бессун букӏуна магӏарул чиясул чорхол гӏамал, рахьдал мацӏалъул рагьукъал гьаркьаз гурони рагьулареб хасаб дунял букӏуна магӏарул чиясул. Нилъер щивав чи жиндирго гъасда лъималаздаги гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏалда кӏалъалев гьечӏони, гьезда киданиги магӏарул мацӏ лъазе гьечӏо. Дида кинго бичӏчӏуларо цониги батӏияб миллаталъул чи гьоркьов гьечӏеб магӏарулазул жамагӏат магӏарул мацӏги тун батӏияб мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибали. Гӏалимзабаз чӏезабун буго анкьго сон базегӏан рахъизе лъачӏел хӏарпал букӏине кколеб куцалъ рахъизе чиясда киданиги лъазе рес гьечӏилан. Гӏемер мацӏал лъанагӏан лъимал пикру цебе тӏурал, сундаго хадур гъурал ва бетӏер хӏалтӏулел лъугьунилан хъвалеб буго мацӏалъул гӏалимзабаз.

Школазда рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ абуни, гӏемераб жо бараб буго школалъул директорасда. Анкьида жаниб цо кӏиго сагӏаталде рачине бегьилищ рахьдал мацӏгин адабияталъул дарсал? Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз ва гьезул цолъиялъ жакъасеб къоялъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго школазда магӏарул мацӏалъул ва нилъер адабияталъул дарсал цӏуниялъе. Гьез санайил батӏи-батӏияб магӏарул районазда тӏоритӏула магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ва нилъерго мацӏги цӏарги хириял магӏарулазул байрамал. Дагьаб цебегӏан азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабураб гьединаб данделъи гьабун букӏана Гӏешдерил рохьоб. Россиялда ругел халкъазул рахьдал мацӏ малъиялъул рахъалъ тӏоритӏарал конкурсазда анлъго нухалъ тӏоцебесеб бакӏ ккуна нилъер магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз. Цохӏо магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазде рехун рахьдал мацӏ цӏуниялъул ишги тун, хутӏарал киналго нахъегӏан къан чӏезе бегьилищ? Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан К. Паустовскияс абуна буго: «Жиндирго рахьдал мацӏалде рокьи гьечӏев чиясе унго-унгояб куцалъ гӏураб ракь бокьизе рес гьечӏо», — ян.

Жакъасеб къоялъ нилъер гӏемераб жо бараб буго районалъул бутӏрузда. Мисалалъе босани, Сулейман Стальскиясул цӏаралда бугеб районалъул бетӏерлъун вукӏаго Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ахираб щуго соналда жаниб хасаб стипендия чӏезабун букӏана университеталда лезги мацӏалъул мугӏалимзаби рахъине цӏалулел студентазе. Районалъул бюджеталдаса гьел студентазе стипендия кьезе Нариманида батулеб рес, цониги магӏарул районалъул бетӏерасда щай батулареб? Гьале жакъа вице-премьерлъун вуго Нариман. Законалда данде кколареб жо гьес гьабун букӏарабани, гьев хӏукуматалъул кӏудияб хӏалтӏуде тӏамилароан. Жакъа магӏарул районазда ва росабалъ гьарулел данделъаби щай гьаризе бегьуларел нилъерго рахьдал мацӏалда?

Нилъее заман щун буго Дагъистаналъул цогидал миллатаздаса мисал босизе. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда тумазул буго лъабго-ункъгониги, жаниб жидерго ретӏел-тӏехги бараб, жидерго кванил богалги гьарулеб, жидерго мацӏалда кечӏ-бакъанги биччалеб этнокафе, магӏарулазул цониги гьечӏо. Гьединго тумазул рес бугел чагӏаз щибаб риидал гӏуцӏула жидерго районазда этнолагерал. Гьезги мадар гьабулеб буго жидерго мацӏги цӏарги лъазабизе.

Нилъее чара гьечӏого хӏажат руго магӏарул мацӏалда кӏалъалел этносадикал, этнолагерал гӏуцӏизе ва цӏалдохъабазе магӏарул мацӏ лъазабулел тӏахьал рахъизе. Щивав ресалда вугев магӏарул чияс цо-цо мультфильм магӏарул мацӏалда гьабизе тӏаде босулебани, гьебги кӏудияб кумеклъун букӏинаан. Гьединго бегьилаан нилъеца магӏарул мацӏ цӏуниялъул хасаб фонд гӏуцӏизеги. Жакъа нилъеца нилъер магӏишат-яшавалдеги хъулухъ-ишалдеги кьолеб кӏваралъул анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏагӏаги рахьдал мацӏ цӏуниялде кьолеб букӏарабани, нилъер иш гӏемерго лъикӏ букӏинаан. Гьадин рахьдал мацӏалъул кӏварги гьабичӏого нилъ чӏолел ругони, гӏага-шагарго 40-50 соналдаса нилъер халкъалъул бечедаб тарих, кӏалзул гьунаралъул фольклор, кицаби ва абиял ва гьединго Инхоса Гӏалихӏажиясул, Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏмудил, Расул Хӏамзатовасул ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабазул асарал цӏалулев, цӏалун бичӏчӏулев чи ракьалда хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго.

Нилъер умумузул аби буго бекьараб гурони, лъилъуларилан. Жакъа рахьдал мацӏ цӏуниялъе жеги кина-кинал тадбирал гьарун лъикӏали нилъ ургъичӏони, метер кватӏун букӏине буго. Жакъасеб къоялъ гӏумру гьабулеб цӏикӏкӏараб гӏелалда бараб буго кинабго. Гьез тӏадчӏей гьабун лъималги лъималазул лъималги рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб бицинеги тӏамулел ругони, нилъер мацӏ цӏунун хутӏизе буго. Гьабичӏони, нилъ рортизе рес бугеб кӏкӏал цӏакъго гъваридаб буго. Гӏадада гурелъул нилъер дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас хъвараб:

Метер магӏарул мацӏ хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьвагьун», — абун.

Магӏарул районазул казиятал малъичӏого, нилъер рахьдал мацӏалда рахъула «Хӏакъикъат» казият, «Гьудуллъи», «Лачен» ва «Магӏарулай» журналал. Нилъеда гьоркьов чан чиясха гьел хъван ругел? Нилъецаго цӏуничӏого щив вачӏине вугев нилъер рахьдал мацӏ цӏунизе? Бищунго ракӏ унтулеб жо буго магӏарул мацӏалда хъвадарулел, гьеб рахьдал мацӏалда тӏад хӏалтӏизе хӏукуматалъ гӏарацги кьун тарал чагӏицин жидерго лъималазда чияр мацӏалъ кӏалъалел рагӏидал.

Дагъистаналъул Миннацалъул малъиялда гъоркь Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цебе гӏуцӏун буго Дагъистаналъул рахьдал мацӏал лъазариялъул центр. Гьез аслияб кӏвар кьолеб буго къадар дагьал миллатазул (малочисленный) ва хъвай-хъвагӏай гьечӏел (бесписьменный) мацӏазде. Дун гьел мацӏал кӏваричӏин абулев чи гуро, нилъее киналго мацӏал цӏунизе къваригӏун руго. Гьеб буго нилъер унго-унгояб бечелъи. Амма миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул мацӏ кӏолареб цӏунизе, 5-10 азарго чияс бицунеб мацӏ цӏунун бажариладай?

Жакъа Башкортостаналъул халкъияб Курултаялъ ва ДУМАялъул депутат Эльмира Аиткуловалъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялде бачӏун буго Россиялъул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазда ГИА ва ЕГЭ кьезе изну кьолеб законалъул проект. Гьез хъвалеб буго цохӏо рахьдал мацӏги адабиятги гурони гьечӏин школалда малъулел предметазда гьоркьор ГИА ва ЕГЭ кьезе цӏалдохъабазе изну гьечӏел предметал. Коми Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъ ва Татарстаналъул нухмалъулез гьеб законалъул проекталъул рахъ кколеб буго. Хьул буго нилъер Дагъистаналдаса Пачалихъаялъул Думаялда ругел депутатазги гьеб законалъул проект къабул гьабиялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабилилан. Гьеб законалда рекъон миллиял республикабазе рес щвезе буго пачалихъалъулал этно-культураялъулал лъималазул ахал ва школал рагьизе.

Аллагьас щивав магӏаруласе тавпикъги гӏакълуги кьеги жиндирго гъастӏа умумуз аманатлъун тараб рахьдал мацӏ бицинеги ва лъималаздаги гьезул лъималаздаги гьеб малъизеги. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго церегӏанго соназ хъвараб дирго кочӏол рагӏабаздалъун:

Жакъа мацӏ кӏочон тани,

Метер цӏар кӏочон толин,

Цӏуне, цӏуне, наслаби,

Цӏар рагӏараб авар мацӏ…..

Мухӏамад Хӏамзаев

Дагъистаналъул халкъияв шагӏир