Республикаялъул пагьму-гьунар бугел лъималазул гӏемеррахъазулаб лицей-интернаталда тӏобитӏана ДРялъул лъайкьеялъул минстр Яхӏя Бучаевасул пресс-конференция.

Министрас хӏасилал гьаруна ГИА-2022-ялъулги риидалил сах гьариялъул кампаниялъулги. Гьединго баян гьаруна республикаялъул школазда капиталияб ремонтал рагӏалде рахъинариялда ва цӏалул соналде школазда унеб хӏадурлъиялда хурхун раккулел суалазе жавабалги.

Яхӏя Бучаевасул рагӏабазда рекъон, лъабго сменаялъул лъайкьеялъул къагӏида лъугӏизабиялъул мурадалда республикаялда балеб буго 19 школа.

Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гӏахьаллъана 192 школа (210 мина). Жакъа къоялдехун 70 бакӏалда цӏараб заманалдаса цереккун гьарулел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинарун руго, хутӏараб 110 мина гӏага-шагарго 20-25 августалдехун хӏадур букӏине буго.

ГИА-2022-ялъул хӏасилал гьарулаго, министрас абуна цересел соназде дандеккун исана ОГЭялда цӏикӏкӏун тӏатинарунин гӏадлу хвезабурал хӏужаби. Гьебги, министрасул рагӏабазда рекъон, исана гӏадлу-низамалъул иш кьваризабидал ккараб хӏасил буго. «Тӏадеялъул киса-кибго регионалияб даражаялда ОГЭялда видео-наблюдение гьабизеги ракӏалда буго»,- ян бицана Я. Бучаевас.

Исана республикаялда ЕГЭ кьуразда гьоркьов 31 цӏалдохъанас батӏи-батӏиял предметазул экзаменазда босана 100 балл, гьединго, цебеялде дандеккун, профильнияб математикаялъул экзаменалъул гьоркьохъеб баллги цӏикӏкӏана исана.

М. Манапов