Мухӏамад Нурудинов ккола Шамил районалъул Цӏекӏоб росулъа. Цӏалана Махӏачхъалаялъул школа-интернаталда, Ростовалъул инженериябгун ралел бакӏазул институталда. Гьеб лъугӏидал (1982 сон) витӏана Краснодар краялъул Павловская станицалде, хӏалтӏана птицефабрикаялда, ралел бакӏазда, хадув вукӏана комсомолалъул ва партиялъул хӏалтӏабазда, тӏубана райисполкомалъул председателасул заместителасул хъулухъ. Советияб улка биххаралдаса нахъе 26 соналъ хӏалтӏана ралел бакӏазе хӏажалъулел материалал къватӏире риччалеб заводалъул директорлъун, гьелда цадахъго вукӏана районалъул собраниялъул депутатлъун, гьелъул председательлъун. Рамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъуда вугеб заманалда тӏамуна краялда бугеб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун. Щуго соналдаса вакиллъи къана ва 5-6 моцӏ ана гьеб хӏалтӏуларого. Исана 29 апрелалда, ДРялъул премьер Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул тӏадкъаялдалъун, нахъеги байбихьана хӏалтӏи ва Мухӏамад тӏамуна ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъун. Гьал къоязда Краснодаралде щварал ниж дандчӏвана гьевгун ва ккана гьадинаб гара-чӏвари.
— Мухӏамад, 40-гӏанасеб соналъ мун вуго Дагъистан тун къватӏив, Краснодар краялда. Гьеб заманалда жаниб хисиго кканищ гӏамалхасияталъулъ?
— Кигӏан яхӏ бахъаниги, щиб гьабуниги дуца гӏумру гьабулеб бакӏалъул «гьава-бакъ» дагьабниги хъинтӏичӏого хутӏуларо. Амма кив ва кигӏан заманалда мун вугониги, эбел-инсуца кьураб тарбия, нилъер рукӏа-рахъин, гӏадат-гӏамал, миллияб хаслъи кидаго букӏуна цадахъ. Кив ва щиб гьабулев вугониги дун гӏемер щола Дагъистаналде, гьоркьор къотӏичӏо бухьенал ва гьоркьорлъаби. Дагъистаналда гьечӏониги дун вухьун вукӏуна гӏагараб тӏалъигун, дида лъикӏ лъала росдал киналго масъалаби. Доба цо щибниги къварилъи ккани, дун ва гьанир ругел дагъистаниял кутакалда пашманлъула, цо кинаб бугониги лъикӏаб хабар рагӏани, роххула.
— Жакъа чан дагъистанияв краялда вугев ва щиб магӏишаталъул, хӏалтӏи-ишалъул чагӏи гьел кколел?
— Дун гьаб хӏалтӏуде ккараб заманалда, киналго шагьаразулгун районазул администрациязде дица ритӏана гьанир гӏумру гьабун ругел дагъистаниязул баянал кьеян гьарун официалиял кагътал. Цоцоязул жавабал рукӏана нилъ киналго ругин Россиялъул гражданал, щибаб миллаталъул гӏадамазул хасал хъвай-хъвагӏаял жидер гьечӏин абун. Гӏемерисез рачӏарал баянал данде росун загьирлъана гьадинаб сипат: гӏага-шагарго краялда вуго 80 азаргогӏанасев дагъистанияв, гьезде тӏаде — 10 азаргогӏанасев чи гьаниве вачӏуна сезоналъул заманалда хӏалтӏизеги. Аслияб куцалда нилъерал руго бизнесалда, руго тохтурзаби, фермерал, учительзаби, студентал. Гӏезегӏан гӏадамал руго росдал магӏишаталъул хӏалтӏуда, курорталгун санаториязул сфераялда.
— Гӏаммаб куцалда босани, кинаб лъалкӏ дагъистанияз гьаниб толеб бугеб, гьезул рахъалъ кинаб пикру бакӏалъулал гӏадамазул бугеб?
— Берцинаб хӏалалда хӏалтӏулев, цӏалулев, гӏадлу-низам цӏунулев, бакӏалъулаб гӏадат-гӏамал хвезабуларев чиясул, киса вачӏарав ва щиб миллаталъул гьев ватаниги, гьаниб гьабула къадру-къимат, гьев вукӏуна хӏурматалда. Бугеб хӏалалда абуни, аслияб куцалда гьединал руго нилъер гӏемерисел. Амма гьоркьо-гьоркьор, бокьараб бакӏалдаго гӏадин, гьанирги камуларо гӏадлу-низам хвезабулелги. Гьединаз хвезабула нижеца гьабулеб хӏалтӏул къадру, гьединал хӏужабазде кьола нижеца кӏварги, киданиги толаро бербалагьи гьечӏогоги.
— Нилъер кӏиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва цогидалги бухьенал кинаб даражаялда ругел?
— Гьабсагӏаталдаги хӏалтӏулеб буго 90-абилеб соназдаго кӏиябго регионалда гьоркьоб хъван букӏараб «О дружбе и сотрудничестве между двумя регионами» абураб къотӏи. Экономикаялъул, даран-базаралъул бухьенал руго гӏезегӏан лъикӏал. Дагъистаналдаса гьанибе босула цӏер ва гьелъул продукция, гамачӏ, гьабги росдал магӏишаталъул рахъалъ цебетӏураб регион бугониги, нилъер ахбазан-куракалъул, помидор-охцералъул, хъапустӏаналъул буго цӏикӏкӏараб тӏалаб. Гьаниса добе уна ханжу, чакар, нах. Ругел баяназда рекъон, лъагӏалил даран-базаралъул багьа бащалъула 7-8 млрд гъурщида. Гьанир ругел гӏадамазда нилъер гӏадат-гӏамалги, тарихги, культураги лъалеб гьечӏони, бухьеназулъ гьуинлъи букӏунарелъул, гьеб рахъалъги нижеца гьабула гӏемераб хӏалтӏи. Мисалалъе, тӏоритӏула Р. Хӏамзатовасул, Ф. Гӏалиевалъул ва цогидалги машгьурал хъвадарухъабазул къоял, ахӏула «Лезгинка» ва «Дагъистаналъул гӏолохъанлъи» ансамблял. Гьаниб буго «Центр культуры народов Дагестана «Единство» абураб жамгӏияб гӏуцӏи, гьелъги гьабула гӏемераб хӏалтӏи. Гьедин, кӏиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва культураялъул бухьенал жеги цӏикӏкӏиналъе гьабулеб хӏалтӏи чӏун гьечӏо.
— Шагьаралъул ва краялъул нухмалъиялъулгун кинал бухьенал нужер ругел?
— Губернаторасул гӏемераб хӏалтӏи букӏунелъул, гьесулгун кидагосел бухьенал гьарун бажаруларо. Амма дида мухӏканго лъала, дица борхараб кӏвар бугеб цо суал тӏадал идарабаз тӏубалеб гьечӏони, гьесухъе нух бахъизе кӏвезе букӏин ва гьес дун къабул гьавизе вукӏин. Гьаниб бугеб мажгиталда сверухъ букӏараб суалалъулги гьедин ккана. Администрациялъул гӏемерал идарабазулгун буго гӏезегӏан лъикӏаб гьоркьоблъи, бокьараб масъалагун ине бегьула аскӏоре, гьез кӏвараб кумек гьабула.
— Украинаялда ккарал лъугьабахъиназ хисизабунищ нужер хӏалтӏул низам?
— Хисичӏо. Амма руго асар гьабулел хӏужаби. Тӏоцебе Россиялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏар щварав нилъер ракьцояв Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов ракӏалде щвеялъе нижеца гьаниб тӏобитӏана чанго тадбир. Шагьаралъул Думаялъул хӏукмуялдалъун, цо къватӏалъе кьуна гьесул цӏар. Гьелъухъ балагьунги бихьулеб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун бугеб бербалагьи лъикӏаб рахъалде хисулеб букӏин.
— 64 сонги бан бугелъул, Дагъистаналде вуссине хиялго бугищ?
— Дир буго 2 лъимер: вас ва яс. Гьел руго жидерго хъизам-къайигун, жидецаго тӏаса бищараб хӏалтӏуда. Дунгун цадахъ ва жалго гьел гӏезегӏан щола гӏагараб росулъе, Дагъистаналде, гьезда лъала доба бугеб ахӏвал-хӏал. Амма дида ккола, ругьунаб бакӏги тун, лъимал Дагъистаналде инарин абун. Дирго рахъалъ абуни, тӏуванго херлъараб мехалъ букӏаниги, ракьулъе ине ватаниги дир ахир росулъ, Дагъистаналда букӏина, батӏайиса букӏине рес гьечӏо. Амма гьабсагӏаталда тӏад вуссине дидаги ракӏалда гьечӏо — гьаниб буго хъизам-рукъ ва гьанив вукӏаго дир рес буго Дагъистаналъе пайдаяб хӏалтӏи гьабизе.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ