Хӏурматиял магӏарулал! «Хӏакъикъат» газеталъул редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана ахирал саназда рахъарал тӏахьазда гъорлъ бищунго лъикӏ цӏалдолез къабул гьабураздаса цояб, 2021 соналъ республикаялъул пачалихъияб премия щвараб Мухӏамад Бисавагӏалиевасул «Балъгояб даптар» абураб тӏехьалдаса харбал кьезе.

Гьединаб тӏалаб цебегоялдаса нахъе буго цӏалдолезулги. Гьебги хӏисабалде босун, гӏемерисел дагъистаниязда лъикӏго лъалареб, рагӏичӏеб, рикӏкӏадисеб, Авар Гӏоралъул бетӏералда, Гуржистаналъулгун Азербайжаналъул гӏорхъода бугеб, жакъасеб Лъаратӏа районалда жанибе унеб Чӏурмутӏ (Джурмут) жамагӏаталъул хӏикматал къисаби, авторасул ракӏалдещвеял, инсулгун гара-чӏвариял, чабхъенал, къисасал, тӏабигӏиял хӏикматал ва цо-цо бакӏалда мистика ва доб дуниялалдаса дандерижиял нужер диваналде росизе.

Цӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьабуна тӏехь, бокьилаан цӏаларал къисабазда хурхун нужецаги пикру загьир гьабуни.

Адабгун Зульфия Хӏажиева

Ассаламу гӏалайкум, цӏалдолев!

Нилъ гьаб тӏехьалъул гьумералда данделъизе хӏукму букӏун буго Тӏадегӏанав Аллагьасул. Битӏараб бицани, дир хиял букӏинчӏо гьанир нилъ дандчӏвазе, амма къисматалъ рачана нилъ цоцазухъе. Бахчун щай, дандчӏван ругелъул кинабго рагьун бицина, кин ва щиб ккарабали. Гьаб дуца кодоб ккураб тӏехь гӏицӏго дир ботӏролъ бижараб пикру-хиял, дир ракӏалъул асар, ракӏалдещвеязул рахас, лъимерлъиялъул лъалкӏал, ишал ва гьезда хадув инагьдун гьабураб хъвай-хъвагӏай гуро. Гьебги буго гьаниб, амма гьеб гуреб гӏемераб цогидабги буго. Тӏоцере пикраби кагътиде росулаго, гьадаб тӏадехун рехсараб къагӏидаялда дирго пикраби ва рекӏел асар бачӏунеб букӏана цоцада хадуб.

Гьаб тӏехьалда дуда дандчӏвала гӏадамал ва жундул, циял ва кавтарал, гӏасиял хвелал ва ракӏ гъанцӏизабулел лъугьа-бахъинал, рокьигун кьал, тӏабигӏаталъул гьайбатлъигун согӏлъи ва гӏасилъи. Бихьуларо хӏажалъи гьал къисабазулги, гӏадамазул ракӏалдещвеязулги, лъугьа-бахъунелъулги рахас цоцада хадуб, гӏадлуялда, кида щиб букӏарабали мухӏкан гьабун бицине. Кинаб гӏадлу ва мухӏканлъи букӏунеб гӏадамацаги жундуцаги жидеего бокьараз бокьараб гьабулеб бакӏалда? Дида гьеб кӏвечӏо, ракӏчӏун лъала — дудаги кӏвелароан, цӏалдолев, жундул ва кавтарал гӏадлуялда хӏалтӏизаризе ва гьез гьабулелъе чӏванкъотӏараб баян кьезе.

Дунгун гара-чӏварулел чагӏи рукӏана батӏи-батӏиял. Гьезда гьоркьов аслиявлъун вукӏана Тӏомуразул (Некӏсияб Чӏурмутӏалъул) Салда росулъа Бисав Гӏалил вас Исмагӏил, жакъа нилъгун гьечӏев, мунагьал чураяв дир эмен, гьев ракӏалде щвеялъе данде гьабурабги буго дица гьаб тӏехь. Амма, букӏана цойги гьаракь. Гьеб гьаракьалъ тӏамуна дун харбида хадуб хабар лъезеги, къисаялда жаниб къиса батизеги, гьеб нужее бицинеги. Хабар бицунаго дун ругьунлъана гьеб гьаракь цогидазулалдаса батӏабахъизе. Гьеб гьаракьалъ дун тӏамуна гӏемерисел къисаби дирго цӏаралдаса рицине, хӏатта, цӏалдолев лъица щиб гьаниб бицунеб бугебали къосинавиялде кколеб хӏалалда бугониги. Лъил гьаракьха гьеб кколеб? Гьеб буго жибго некӏсияб Чӏурмутӏалъул гьаракь. Гьеб Чӏурмутӏ мухъалъ дир эмен, цогидалъуй дир ункъачо, хутӏаралъуб дир кӏудиял яцал, дие гӏагарал ва лъалел-хъвалел гӏадамал гьоркьор ккун бицана гӏасрабаца жинда жанир рукӏарал хӏикматазул, гӏадамазул, бахӏарчилъиялъулгун хӏалихьалъиялъул, гьунаралъулгун рогьоялъул, Цӏоралде чабхъеназулгун Магӏарухъ гӏумруялъул. Чӏурмутӏалъ бицана жиндирго ва жинда жаниб гӏураб халкъалъул къисматалдаса цо-цо лъугьа-бахъиназул. Гьеб тарих ва ракӏалдещвеял хӏажатазе, гьезул гьаракьгун бакъан рагӏулезе, магӏугун гьими бихьулезе, роххелгун пашманлъи гӏахьал гьабулезе ва гьелъ асар гьабулезе сайгъат гьабула дица гьаб тӏехьги.

Адабгун, автор

Хвалилгун дандчӏвай ва тӏоцебесеб пашманлъи

Дир лъимерлъи талихӏаб букӏана. Инсуцаги дун бищун гьитӏинав вугилан гогьдаризе гьавулаан – гьевгун къацандизе кӏолев чиги хъизамалда цохӏо дун гурони вукӏинчӏо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цӏураб, вугев цӏакъав василан абураб жо гурони гӏинда рагӏичӏеб, талихӏаб гӏумру букӏана дир. Цо заманалдасан дие гьавуна гьитӏинав вац. Гьев вукӏана цӏакъго чӏагояв, тирияв, цо бакӏалда чӏезе кӏоларев лъимер. Ракӏалда буго дунго гьевгун васандулев вукӏараб мех. Ниж рохун рукӏарал куц гьес тӏоцересел галаби тӏамигун, тӏоцересел рагӏаби абигун…ракӏалда гьечӏеб балагь тӏаде бачӏинегӏан.

Эбелги унтарасе хехаб кумек гьабизе аскӏоб росулъе ине ккун, гьитӏинав вас тола рокъов, дир яцалда аскӏов. Цо параялъ гьелъ тӏаса бер босидал, чайникалъул кварги цӏан, гьалараб лъим тӏун уна дир вацасде тӏаде. Кигӏан дару-сабаб гьабуниги, гӏемераб мехалъ кӏолеб букӏинчӏо ругънал сах гьаризе. Гьаб сагӏаталдаги рекӏелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго гьесул букӏараб гӏоди…

Дица гьарулаан эбелалда гьаруге гьесие уколал, унтулеб буго гьесдаян. Гьабичӏони дагьабги цӏакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичӏчӏана дида досул цӏа-кан гӏодобе ккезабизе кӏоларого дол рукӏараллъи.

Хасалил сордо… Рогьинегӏан цо лахӏзаталъ чӏечӏого гӏодилеб лъимер… Гьесде тӏаде къулун, гьабизе жо тӏагӏарай эбел… Ракӏалда буго цо квачараб хасалил сордо магӏарухъ. Эменги вукӏинчӏо рокъов – жиндирго къваригӏелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вукӏаравали. Дун ворчӏизавуна гӏодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан- эбел йигоан гӏодулев гьитӏинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гӏодове вуссинародаян берцинал, хӏеренал, недегьал рагӏаби гьесда абулей.

Цо заманалдасан эбелалъул гьаракь тӏагӏана, вацасул гьаракь дагьабги кӏодолъана. Валагьидал, эбел досда гьумерги цузабун, нижеда рагӏичӏого букӏине, гӏиссинккун гӏодилей йихьулей йиго юргъаналда гъорлъан, цо бокӏнилъан валагьарав дида. Щаялиго дун хӏинкъана вагъаризе. Дида кколеб букӏана, дида жийго йихьарайлъи лъанани, эбел дагьайги цӏакъ гӏодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчӏидал рокъов щивго ватичӏо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцӏи-панз тӏубазе унаан радал. Цохӏо дир гьитӏинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскӏове. Чӏахӏиял беразул дир берцинав вацасул бакӏалда, дида батана батӏияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кӏаркьабазул бакӏалдаги хутӏараб жого гьечӏоан… херав чиясул гӏадал ракъварал кӏутӏбузда тӏогьилаб кьер… хехго босулеб хӏухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хӏал бихьана гьесие ракӏ-макӏ гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукӏинчӏо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун шурун цо жо бицунел рукӏана гӏемераб мехалъ. Канлъиги ссун букӏана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цӏадухъа бачӏараб загӏипаб канлъиялъ гьурмал рукӏана гьезул лъаларедухъ хисизарун.

Радал дун ворчӏидал, рукъ буго гӏадамазул цӏун. Киналго, къацандилел гьечӏониги, цоцазухъ гӏенеккичӏого, цояз цоял къотӏизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, чияр гьаркьал руго гӏаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечӏо рихьулеб бакӏалда. Гьитӏинав вац вегун вукӏараб бакӏги буго бакӏа-бахарун…чӏобоголъун…

Азбаралъув эменги цойги чиги ругоан кӏудиял лълъурдузул дегӏен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичӏчӏулеб букӏана цо лъикӏабгуреб жо ккун букӏин, амма, щиб гьебали лъазе гӏураб бичӏчӏи ва дунял бихьи букӏинчӏо жеги. Цо дагьаб добегӏан цӏадуда кӏудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кӏигоял. Цӏаги бакун, дагӏнил гьан цӏеде ккезабуна росулъа цо кӏудияв чияс. Дирго гӏелбащадалгун, ракъарал ниж рукӏана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян, амма дир цо дагьаб рахӏатхвей букӏана. Кӏиго суалалъ букӏана дир рекӏее хӏалхьи толарого… Киве дир гьитӏинав вац арав ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букӏинчӏо дие — хӏинкъун вукӏана.

Цо дагьаб заманалдасан нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тӏел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечӏебгӏанги сихӏкъотӏиялда букӏараб рокъосан, гьаркьал рагӏизе лъугьана. Гьел заман бахъанагӏан кӏодолъулел рукӏана ва гӏодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гӏадаб гӏассияб гьаракь бахъана. Нуцӏа рагьун бачӏана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватӏире. Рагьараб нуцӏихъ дир бер чӏвана дирго эбелалда.

Гьей, дол къваридаб къотӏносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригӏун, къеркьелей йикӏана, амма, руччабаз ккун, йиччалей йикӏинчӏо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букӏана. Цо бихьинчияс чӏезеги чӏун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тӏелалда цеве-цеве дир эмен вукӏин ва гьесда кодоб цо тӏогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букӏин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутӏана чӏобогояб къватӏбакьулъ чӏун: гӏодулей эбелалде аскӏовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. Инчӏо цонигиязухъе, мадугьалзабазул цо тӏокъодеги лъугьун, чӏалуялда гӏодовги чӏун, агьиялда гӏодана.

Дун гӏодилев вукӏана берда цере тӏамурал вахӏшиял, церехун дида рихьичӏел суратал цере тӏамун. Додин кӏудиял гьаркьал гьарун гӏодилей йигей эбел, инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чӏучӏадилеб букӏараб дегӏен, гьитӏинав, щибго бичӏчӏуларев, амма цо кӏудияб балагь тӏаде бачӏун букӏин лъалев дидаго гурхӏун гӏодулев вукӏана дун. Гӏодулев вукӏана балъго, гӏадамазда вихьизе гурев. Гьеб букӏана дир тӏоцебе гӏадамазда рагӏичӏого вукӏине гӏодулеб мех. Гӏемераб заман бана дица доб чӏалуялда кӏусун- квералги цӏорона, хӏатӏалги цӏорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукӏинчӏо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичӏо ва диде регӏарав чиги вукӏинчӏо.

Хадуб букӏараб дагьа-макъаб буго ракӏалда. Дида аскӏой цо херай гӏадан… Гьелъ кверги ккун рокъове вачунев… Нижер рукъ… Росдал лъималги чӏахӏиялги чӏарбида гӏодорги чӏун, чедгун гьан кунел… Цо чӏегӏераб ретӏел ретӏарай гӏадан, кӏудияб гелги босун, лъималазе гьагӏу тӏолей… Добцояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дир эбел гӏодилей йигеб мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулел чӏиргъи-хъуялда, рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокӏнив вукӏинеги гьавун, диеги тӏуна гьагӏу ва кьуна кодобе чед. Дун цӏакъ вакъун вукӏана… гуро, дун вакъун вукӏине кколаан, амма дида сундулго тӏагӏам лъалеб букӏинчӏо. Гъираго гьечӏого чед чӏамулев вукӏарав дун ахӏана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецӏаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракӏарун ругилан. Эбелалъ тӏадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскӏов гӏодов вукӏинавуна, хӏалицаго ккун магӏугун:

— Мун кванаравищ, дир вас?

— Кванана…

— Нилъер Эльдар кив вугев?, — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кӏиялго цадахъ гӏодун риччана. Руччабиги гӏодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскӏов кьижунккун ватана дун. Радал вахъингун бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукӏараб бусада аскӏове. Гьеб гьанжеги бакӏарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гӏелалъул гӏадай ясалъ абуна дида:

— Нужер Эльдар хун вуго… гьев хабалъ вуго, доле дова… Долъ килищ битӏун букӏана росдал хабзал ругеб бакӏалде…

Сардилъ бахъараб кьвагьи

ва Чӏурмутӏалда сухӏмат-кечӏ

Гьадингоги батӏи-батӏиял цере тӏамулел жалазул бицун хӏинкъарав дун, дагьавги хӏинкъизавун вукӏана вацас, кавтараз гӏадамал чӏвалеб куцалъулги бицун…

1977 соналъул хасел букӏана. Гьеб соналъ кинабго Чӏурмутӏ мухъ букӏана, щайтӏабигун жундузул гуреб, цойги ахӏичӏеб гьоболалъул кверщаликь. Цо къоялъ радал вац вачӏана жаниве кӏанцӏун, нилъер бокьобеги лъугьун циялъ цо чахъу лъукъун бугила, цо цадахъ бачунги ун бугилан. Гьеб букӏана, хаселалъ кьижизеги инчӏого, сардилъ росабалъе бачӏун, чахъабазда лал тӏамулеб ци. Гьелъул сихӏирлъиялъеги вахӏшилъиялъеги гӏорхъи-рахъ букӏинчӏо. Чанцӏул чанахъабаз ярагъгун гьеб бачӏунеб гӏадаб бакӏалда цидуе къор гъуниги, гьелда тӏаде ккезе кӏвечӏо. Къор гъурабго, гӏадамаз жиндие рекӏкӏ гьабулеб букӏин лъараб гӏадин, тӏагӏунаан гьеб ва гьеб сордоялъ хъаравуллъи кквечӏого хутӏараб росулъа чахъаби хъамун ун ратулаан.

Ургъичӏеб жо течӏо гӏадамаз гьеб чӏвазейилан. Цояс хвараб гӏакдал бохги бихьулеб гӏадаб бакӏалда бан, гьелъул ччобориялъулъ кьураби рихъ-рихъизарулеб капсулацин лъун букӏана. Гьесул пикруялда, гьеб капсула долъул гӏосокьеги ккун кьвагьизе кколаан. Цицайин абуни гьанги капсулаги берцинго цадахъ квана, щибго кьвагьиларедухъ ва гьаб нухалъги чанахъан хутӏана чӏового. Цо къалъараб моцӏрол канлъи бугеб сордоялъ росдал гӏолохъаби рачӏана дир инсухъе, доб цийила росда цебе бугеб лъарги бахун, цо кибеялиго унеб бугилан. Инсуца, гьеб параялъ къватӏивеги вахъун, битӏун жиндирго азбаралъусанго кьвагьана, амма щванищ-щвечӏищали лъидаго бичӏчӏичӏо. Ци лъарал рагӏалда рижарал хъархъазулъе тӏерхьун ана.

Хадусеб къоялъ тӏубараб росуго бакӏарана чӏвараб цида сверун. Я чӏахӏиязул, я гӏисиназул гьенив камурав чи вукӏинчӏо. Жидеего гьелъ зарал гьабурал, аскӏор ругел росабазул гӏадамалги рукӏана, гьеб ци унго-унгоги чӏван букӏиналда божизе кӏоларого, бихьизе рачӏун. Битӏун ботӏролъ щун бугоан гулла. Цо кесек хутӏичӏого гьеб цидул гьанги ана гӏадамаз квине босун. Цо махсарачияс гьадинцин абуна: «Рес гьечӏила Исмагӏилица жиндирго азбаралъуса речӏчӏун гьеб ци чӏвазе, ци жибго гьеб гуллида данде бортун батилила»…

Цо речӏчӏаралъ ци чӏварав дирго инсудаса чӏухӏиялъ, гьеб къоялдаса нахъе дир рагъа-рачариги рилълъинги лъалаго хисана. Дир вугев хӏинкъи-къай лъаларев ва гӏужилав эменилан лъималазе веццардун, дун свакалев вукӏинчӏо. Хасалил халатал сардаз ракӏ гъоларого ругел чагӏазе гьеб букӏана кӏудияб лъугьа-бахъин, сухӏмат-кеп. Чӏурмутӏалъул гӏадатазда рекъон, цӏоко щола ци чӏварасе, гьан бикьула квербакъанщиназе ва хутӏани – бокьанщиназе. Хадуб гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏурматалда букӏуна «Си бугьи» — йилан рохалилаб рилълъада росу свери ва гьеб давлаялъул цебелъей. Щулияб гӏералда чӏван цидул бетӏергун, бищун къуватав ва рухӏ бугев гӏадав гӏолохъанчи вачӏунев вукӏана бищун цеве жиндирго чукъа-рахангун, ахӏулаго кечӏгун, гьабулаго гӏадатлъун бугеб кьурдигун. Гьесул квегӏаб рахъалдасан вачӏунев вукӏана гьединавго гӏолохъанчи, цидул цӏокогун квачӏалги гьединабго гӏералда бан, босун гьебгун. Кваранаб рахъалда — ци чӏварав чанахъан ва гьесул сверухълъи. Бихьиназ щибаб рукъалда цебе цадахъ ахӏулаан кечӏ:

Можер гӏака чӏвараб гьаб,

Можер хӏама чӏвараб гьаб,

Можер чахъу чӏвараб гьаб,

Можер цӏини чӏвараб гьаб,

Жекъа гьаб жибгу чӏвайла,

Муж чӏвази щолу боъли,

Аб чӏварав бахӏарчиги,

Нежеа кьоров вугу…

Цо-цо мухъал такрар гьарулеб бакӏалда кӏудиял гьаркьалги гьиштӏи-хъатги бахъунеб букӏана. Аб тӏомуразул мацӏ цодагьаб хисараб бугелъул, бичӏчӏичӏезе болмацӏалдаги хъвалин:

Нужер гӏака чӏваб гьалъ,

Нужер хӏама чӏвараб гьалъ,

Нужер чахъу чӏвараб гьалъ,

Нужер цӏцӏеги чӏвараб гьалъ,

Гьанже гьаб жибго чӏвана,

Нуж чӏвачӏого рукӏине.

Гьаб чӏварав бахӏарчиги

Нилъеда гьоркьов вуго.

Рокъоса къватӏивеги вачӏун, хважаинас ци чӏварасе баркала кьола ва сайгъатал ракӏарулеб таргьа баччарасухъе сайгъат кьола. Бищунго гӏемер кьолеб жо букӏана гуржиязул чӏачӏа, бакъвараб гьан яги бакь. Цо-цояз гӏарацги кьолеб букӏана. Гьев рукъалъул хважаинги цадахъ вилълъине кколаан. Гьедин кинабго росу сверун бахъингун, ци чӏварав чанахъанасул рокъореги рилълъун, гьениб гьабулаан халат бахъараб рохалилаб сухӏмат. Гьеб буго дир лъимерлъиялъул бищунго ракӏалда чӏаразул цо ракӏалдещвей. Гьанжего гьанже дунял лъазе байбихьарав васасе гьеб букӏана кӏудияб балъголъи, сихӏру, бичӏчӏизе кӏолареб жоялъукьа хӏинкъи – росулъеги бачӏун циялъ чахъаби-куйдул рачун ин… хадуб гьеб чӏвай… чияр чияс гуреб… дирго инсуца. Гӏорхъи гьечӏеб рохелги инсудаса чӏухӏиги… Росдал лъималазда гьоркьов дирго тӏадегӏанлъи бичӏчӏи. Дирго инсуца ци чӏваялдаса чӏухӏи… Батӏияв чияс чӏван букӏарабани, гьеб тохлъукьего ккараб жо букӏин ва дир инсуца дагьабги лъикӏ гьеб чӏвазе букӏараблъи чӏезабизеги кӏолаан дида. Гьединал рукӏуна дора магӏарухъ лъимал.

Гьаниб шагьаралда кинал гьал лъимал рукӏунелали, жеги кӏвечӏо бичӏчӏизе, дунго лъабго лъимадул эмен вукӏаниги. Гьеб лъималазе бадибчӏвай гуро, букӏаниги, гьаниб щибги гьабун лъимал инсудаса чӏухӏилелалицин лъаларо дида. Къо бахъанагӏан лъицаниги цӏалуларел газет-журналал рахъулев вугин эмениланищ дидаса лъимал чӏухӏилел? Гьечӏо гьезул инсул юргъачу, дир инсул гӏадаб, ингилис туманкӏги гьечӏо, цо речӏчӏаралъ чӏвараб циги гьечӏо. Дун дирго вас вукӏаравани, дунги чӏухӏилароан инсудаса, цо дагьав нечезецин нечелаан…

Дун школалде вачин

1979 соналъул хаслихълъи букӏана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдалкьераб гордеги, тӏасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранчвантида бараб, тӏеренаб пиджакги ретӏун, тетрадьгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегӏана.

Гвангъун щвараб бакъул къо букӏана. Данде кканщинав росуцояс махсара-хочӏалда тӏовитӏун, отличниклъун вукӏине щулияб ниятгун, тӏоцебесеб партаялда нахъа гӏодов чӏана дун, амма дида ракӏалде ккараб гӏадаб бигьаяб масъала батичӏо гьеб отличниклъи. Дун квегӏаб квералъ хӏалтӏулев вукӏана, мугӏалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегӏаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазабуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букӏана захӏматаб масъала, суратал рахъизе махщел букӏинчӏо, хатӏ букӏана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутӏараб гьениб? Ай цӏалул байбихьи лъикӏаб букӏинчӏо.

Нижер классалда рукӏана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачӏана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукӏарав чи. Дица цӏакъ гӏажаиблъи гьабуна гьев вихьарабго. Цо моцӏалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чӏезабизецин кӏвелароан дида. Учительзабиги гӏоларого, гьарун букӏун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачӏайилан.

Учителас цӏакъ нижер тӏалаб гьабулаан, партаялда нахъа битӏун гӏодор чӏезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кӏвар кьун жиндихъ гӏенеккизе кколила, гӏемераб жо бицана гьев чияс. Лъикӏав чи вукӏана, мугӏалим хӏисабалдаги квешав вукӏинчӏо, махсара-хочӏ гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захӏматго гурони бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Гьес бицунеб букӏана магӏарул болмацӏ. Ниж ругьунаб росдал тӏомуразул лугъат гуреб, тӏахьазда букӏунеб литературияб магӏарул мацӏ букӏана гьес бицунеб.

Гьеб мацӏ дида цо нухалда рагӏун букӏана, росулъе ретӏел-кун бичизе рачӏарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацӏалда ахӏулел кучӏдулги рагӏун рукӏана. Гьезда цадахъ ахӏизецин ахӏулаан, амма бащдабги магӏна бичӏчӏулароан.

Нижер мугӏрузда гӏурус мацӏ рагӏизего рагӏулароан, радиоялдасан рагӏани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гӏурус мацӏалда гаргадулев рагӏун вукӏана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукӏинчӏо. Лъималазул ясли-ахалги рукӏинчӏо. Гьеле гьеб лъаялъул нахърателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагӏабигун «великий и могучий» гӏурус мацӏ лъазабизе.

Школалде ун чанго моцӏ аралдаса, цӏализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугӏалимас рокъоб рекӏехъе лъазабизе гӏурус мацӏалда кӏиго куплет бугеб кечӏ. Хӏалицаго гӏадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагӏатго кӏочонги тана… Гьеб нагӏана батаяб кечӏ сабаблъун гӏемер гӏакъуба бихьана. Чӏвараб магӏ гӏадин — «Мун киналго щуйил къиматазда цӏализе ккола», — ян абурал инсул рагӏабиги рукӏана гӏаданир рагъилел. Бищунго ургъел чӏвараб жо гьеб букӏана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечӏелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукӏинчӏо.

Заман унеб букӏана, цо мухъги ракӏалда чӏезабизе кӏолеб букӏинчӏо кечӏалъул. Цо нухалъ, микьабилеб классалда цӏалулев кӏудияв вацас, цӏалун рекӏехъе кечӏги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тӏамулев вукӏана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букӏинчӏо. Гьев дида тӏад велъанхъулев вукӏана. Дун довгун къацандилев, гӏодилев, вагъулев вукӏана. Гӏодиялъ багӏарлъун бералгун, кодоб ккун букӏкӏ-букӏкӏараб тӏехьгун, печалъул хьибилалда гӏодов чӏун дун вукӏаго, тӏаде вачӏана эмен. Гьесда бихьана вачӏинахъего дир пашманлъи ва ахӏана аскӏове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битӏа-бишизабун, дун жиндаго аскӏов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тӏехьги къан, дица лъидаго рагӏиларедухъ гӏод-гӏодун биччан тана. Аскӏове вачӏун вацас бицана, гьесда кечӏ рекӏехъе лъазабун бажарулеб гьечӏилан. Инсуца тӏехьги рагьун балагьана дир кечӏ ва цо-цоккун гьел рагӏабазул магӏна гьикъизе жувана. Бичӏчӏана дида цониги рагӏул магӏна бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Инсуца щибаб рагӏи дида бичӏчӏулеб мацӏалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочӏол магӏна бицана. Бащдаб сагӏаталда жаниб дида ракӏалда чӏана кечӏ ва гьале кӏикъогоялдасаги соналъ унаро ракӏалдаса, гьеб дир тӏоцебесеб кечӏ:

«…Я спрятала куклу,

Играть не хочу.

Не буду играть –

Я буквы учу!

Из буквы я сама

Составляю слова.

Сама прочитала:

«Трава и дрова.

Дрова на дворе

Трава на лугу».

Теперь, как большая,

Читать я могу…»

Гьечӏищха кутакаб кечӏ? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечӏ рекӏехъе лъазабурабилан. Киналго руцӏцӏун чӏана, дица хӏинкъадго квер борхана. Ахӏана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана, лъималаз гӏажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочӏол, гьоркьоб къотӏичӏого чваххун бачӏунеб гӏурус мацӏ рагӏун, хӏайранлъун букӏана классги, мугӏалимги. Тӏоцебесеб щуйилги босун, чӏухӏадго партаялда нахъа гӏодов чӏана дун.

Ана цӏалул соналъул тӏоцебесеб четверть. Эбел ун йикӏана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикӏана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукӏана. Учителас кьуна къиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букӏана. «Чистописание» абураб предметги букӏана нижер. Дица кӏудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речӏчӏун бачӏана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гӏодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукӏаго, ракӏалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетӏ-гьетӏараб, цоцалъчӏвараб хатӏалъ «Зугьра» абун хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хӏал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатӏалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багӏарлъана ва босун кьабун бачӏана указка бетӏералда, бекулеб хӏалалъ. «Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани мун туснахъалде витӏула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхӏун рукӏана дида — гьитӏинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хӏинкъун вукӏана бищунго. Бицинчӏо. Лъикӏав чи ватана дир тӏоцевесев мугӏалим. Битӏараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугӏалимлъи цӏикӏкӏун букӏана зурмихъанлъиялдаса.

Дуа маарухъ гимищ бехьри?

Дир эбелалъул рахъалъан кӏудияв эмен, Чӏородаса Гӏабдурахӏимил Мухӏама хвараб мехалъ, дун жеги гьитӏинав чи вукӏана. Анцӏго сон бан букӏана гӏумруялъул. Дида дов батӏибатӏияв чӏола цеве. Ракӏалда вуго, хаслихъе гӏиял рехъенги цебе къотӏун, магӏардаса гӏурухъе рещтӏунев… Ракӏалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тӏагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда, цӏадухъ, жинцаго жиндиего ахӏулеб букӏараб кечӏги, кидагосел, лъугӏуларел какалги. Амма, бищунго ракӏалда чӏана гьесул рокъоре ракӏарулел рукӏарал гӏадамал, гъасда накъит, къисаби, маргьаби, махсараби. Кутакаб махщел букӏана кӏудадал гӏадамал хӏайранлъиледухъ хабар бицине. Гӏадамазеги цӏакъ бокьулаан гьесухъ гӏенеккизе. Бицунаан гьес бихьаралъул, рагӏаралъул, мугӏрузда бараб гӏазул, Цӏоралде рукӏарал сапаразул, гӏадамазул, лъугьа-бахъиназул, хӏикмалъабазул… Гӏадамаз бицуна, гьесухъ гӏенеккараб мехалъ, гьабсагӏат жидеда цебе гьеб лъугьа-бахъин лъугьунеб бугеб гӏадаб асар лъугьунаанилан.

Кӏудадал харбазул, хӏалицаго дида ракӏалда чӏана кӏиго хабар. Гьебги дида дос бицунаго бичӏчӏун гуро (гьеб бичӏчӏизе гӏураб бетӏер букӏинчӏо дир доб мехалъ), кӏудада хун хадуб чӏахӏияз бицун. Гьаниб дица бицине буго кӏиябго лъугьабахъиналъул. Цояб — гьитӏинав гӏолохъанчи дир кӏудада гьоболлъухъ санагӏалъи гьечӏеб бакӏалде ккеялъул ва цо кӏудияв чияс хвасар гьавиялъул. Кӏиабилеб – дир кӏудадаца, гӏемерал сонал ун хадуб, кӏудияб ригьалъул чияс, гьединабго бакӏалде ккарав жиндирго гӏолохъанав гьудул хвасар гьавиялъул. Гьеб бицуна гьале гьадин:

Битӏун завалалде вахарав гӏолохъанчи дир кӏудада вугеб мехалъ, цо кьерхараб роол къоялъ, нуцӏидаги кӏутӏун, жаниве вачӏуна цо чи ва Цӏоралъул лугъаталда кӏалъала:

— Гьаб щиб росу, дун ккараб бакӏ щиб? – илан.

— Гьабали Чӏорода бугин… Мун жаниве вачӏа, гьаниб ургъилин киве мун ккун вугевали, — йилан кӏудадаца гьобол тӏаде къабул гьавула. Гьев вукӏуна гьоркьохъеб гӏелалъул чи, магӏарул гьава-бакъалде данде кколареб тӏеренаб ратӏлилъ. Гьесул ретӏелги букӏуна биччун, живгоги вукӏуна квачан соролев. Кӏудадаца печьги бакун рукъги хинлъизабула, бакъвараб, хинаб ретӏелги кьола, кваназеги гьавула, вегизе бакӏги бихьизабула. Радал гьоболас абула, гьадинго тира-сверизе ва мугӏрул гьава цӏазе къватӏиве вахъарав чи вукӏанилан.

— Валлагь цӏайха, гьудул, гьале дуе мугӏрулги, гьале дуе гьаваги. Я кванил, я регизе бакӏалъул гьаниб щибго ургъел гьабизе кколеб жоги гьечӏо, — ян абула кӏудадаца. Анкьица гьоболлъиги бан вукӏуна гьобол. Цо пуланаб къоялъ сапаралъ вахъуна, хъун бурутӏгун, гьанги белъун, гӏиял хӏанги цадахъ лъун, нуха регӏула кӏудадаца Цӏоралде гьев. Чанго соналдасан кӏудадаги щола гьениве, хасалоялде рукъалъе, квание къваригӏарабтараб босизейилан. Рещтӏуна Белоканалда гӏумру гьабун вугев жиндирго цевегосев гьобол Гъара Халилихъ. Гьал кӏиялго гьалбал гурелги, кӏудиял гьудулзабиги рукӏуна. Кӏудада вачӏиналдаса вохарав Халилица тепси тӏибитӏула ва кинавниги, кӏудада лъалевщинав чи вакӏарула гьелда сверун. Байбихьула магӏарухъ гӏумруялъул цӏех-рех гьабизе. Битӏун киналго данделъун, лъикӏ рукӏаго, тӏаде вачӏуна дов, магӏарухъе вачӏун вукӏарав гьобол. Цӏарги гьесда Ширин букӏуна. Киназего саламги кьун, гьев столалда нахъа гӏодов чӏола. Кӏудада лъугьуна гьасда гьикъа-бакъаризе, рокъове лъикӏ щваравищ, иш кин бугеб рокъосан-къватӏисанилан. Ширин лъугьуна веццаризе гьасие жиндир бугеб берцинаб рукъила, кӏудияб ахила ва бугеб эркенаб гӏумруйила Цӏоралда абун ва цинги, гьаракь борхун тӏаде жубала:

— Нуж щибизегӏаги гьадал мугӏрузда гӏумру гьабун ругел? Бетӏер бугел чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гуро доб! Квешал нухалги, квачараб гьава-бакъги, гӏисинал, санагӏалъи гьечӏел рукъзалги, кин гьададинаб бакӏалда гӏумру гьабулеб? Я инжир бижулареб, я пихъ-мичӏ букӏунареб, гӏантал чагӏи гурони чӏоларо дора, — ян абула. Бащдаб къоялъ чода рекӏунилан, лъабго къоялъ вилълъун бажаруларев кинавалиго къажарас жиндир ватӏаналде ва магӏарулазде гьединал жал аби кутакалда квеш букӏуна кӏудадада, гьоболлъухъги вукӏун, кин гьесда «щвезабилебилан» ццидахун вукӏуна. Гьеб бихьарав ва бичӏчӏарав рукъалъул хважаин Халилица гьикъула Ширинида:

— Ле, Ширин, дуа маарухъ гимищ бехьри? (Дуда магӏарухъ гамущ бихьарабищ?) — Бихьичӏо, — йилан абула Шириница.

— Хъазал рихьарали?

— Рукӏунаро дора ганщалги хъазалги.

— Битӏараб буго, сухъмахъалда тарани, кьурулъа гъоркье гирун уна доб гамущ. Хъазазухъаги бажаруларо дора рилълъун, хӏухьел гӏечӏого гӏодорги речӏчӏун хола. Гьел рукӏуна гьанир гӏодор, хӏарщулъги герегахъдун, щвара-щвараб чороклъиги кванан. Дора рукӏуна рорхатал кьурабалъан рекерун, кӏанцӏун бажарулел мугӏрул бисал, берциберцинал тӏугьдулги кванан, гӏазул мугӏрузул тӏогьисан дунялалъухъги ралагьун. Дора зодор роржанхъула эркенал, къадруял, чӏухӏарал цӏумал. Гӏадада ун вукӏун вуго мун магӏарухъе. Дур бакӏ гуро доб. Дур бакӏ буго гьаниб — ганщаздаги хъазаздаги аскӏоб. Гьединлъидал, мун мугӏрузда гӏумру тӏамулел бисазеги, цӏумазеги, гӏадамазеги къимат кьезе лъугьунге, — йилан абула гьесда Халилица.

Ширин, битӏахъе, цо данде жаваб гьабизе рес гьечӏеб къуваталъ кӏаркьен чӏварав гӏадин тӏуркӏунги вачӏун, чара хун, вуцӏцӏун чӏола. Кӏудада цӏакъ разилъула магӏарулал гӏодорегӏан гьаризе лъугьарасе гьудулас кьураб гӏакъилаб жавабалдаса. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, нижер тӏомураз, шагьаралдаса яги Цӏоралдаса рачӏун магӏарулазул гӏумру-яшав какизе лъугьарал чагӏазда абула: «Дуа маарухъ гимищ бехьри?» (Дуда магӏарухъ гамущ бихьанищ?), — илан. Киназдаго бичӏчӏула гьеб суалалъул магӏна. Гьеб буго нуж гӏадал чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гурин магӏаруллъийилан абулеб жо.

Белоканалдаса Ширинин абуни, гьелдаса хадувги чанги щвана магӏарухъе: цин гьанилан, цинги гьоцӏойилан, хадувги хӏанилан, амма гьесул батана цойги цӏакъ рекъечӏеб гӏамал. Щибаб нухалъ вачӏингун, гьес балагьула батӏияб росуги, цӏияв гьоболги. Мугӏрузул законазда рекъон, гьобол хисулеб гӏадат гьечӏониги, Цӏоралъулазги гьеб лъикӏаблъун рикӏкӏинчӏониги, гьесул батана гьединаб хисардулеб гӏамал. Тӏаса лъугьун телин, гӏамал камурав чиги вукӏунарелъул, амма дир мунагьал чураяв кӏудадаца гӏемераб бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ, хасго магӏаруллъи какулев чи ккани. Гьесие цӏакъ бокьулаан магӏаруллъи, магӏарул тӏабигӏат, магӏарул гӏамал, жалго мугӏрул ва гьенир гӏумру гьабулел гӏадамал.