Гурхӏел-рахӏмуялъул нухаздасан
Унго-унголъунги, кидагоялдасаги цӏикӏкӏун, жакъа къоялъ нилъее къваригӏун буго гурхӏелин цӏар бугеб хасият. Дагъистаниязул гьеб гӏасрабазго букӏана. Гьеле гьеб хасияталъ цӏунун хутӏун батила нилъер халкъазул цолъиги. Цогидал халкъазе нилъ рокьиги – гьебги нилъер цогидаздехун бугеб бербалагьиялъулъ батила.
Гьанирго ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил рагӏаби:
— Огь! Чанги гӏамал буго магӏарул гӏадамазул,
Гӏаламалъ гьеб босани, гӏалам бечелъилаан,- абураб.
Дагъистаналъул аслияб бечелъилъун дица рикӏкӏуна гьелъул гӏадамал. Гьез ккунги буго жакъа нилъер цолъи-вацлъиги, гӏадан хиралъиги, гьудуллъги, берцинлъиги. Гьеле гьединазул цоялъулгун лъай-хъвай ккана дир.
Гьей ккола Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей Умасалимат Мусаева. Гьей хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул Киров районалъул администрациялда опекаялъул ва попечительствоялъул отделалъул нухмалъулейлъун.
Дагъистаналда гьоболлъухъ
Гьабсагӏаталда Россиялда хӏалтӏулеб гьабулеб буго, «Здравствуй, Россия» абураб проект. Гьелъул программаялда рекъон, Донецкалъул «Сувенир» кьурдул ансамблялъул гӏахьалчагӏи-лъимал рачӏун рукӏана Дагъистаналде.
Гьел щвана Хунзахъе. Гьезда гьениб цӏакъго берцинаб дандчӏвайги гьабуна. Анкьидасан лъимал жидедаго аскӏор гӏумру гьабизе рачана тахшагьарлда гӏумру гьабун ругел хъизамаз. Ва 15 сон барай Настя Берестюкида дандчӏвана хӏалимай, гурхӏел-рахӏмуялъул цӏураб ракӏалъул чӏужугӏадан – Умасалимат Мусаева.
Гӏемераб къварилъиялдаса хадуб Настя ккана маргьабазул дунялалде. Гьеб маргьа гьелъие сайгъат гьабуна Умасалиматица. Гьеб гьайбатаб къисаялъул хӏакъалъулъ рагӏидал, телефоналдасан бухьен ккуна гьей хӏикматай магӏарулалъулгун:
— Битӏараб бицани, дида гьеб цо кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏунаро. Гьедин гьабуна ва гьабизеги букӏана Дагъистаналдаса бокьараб хъизамалъ. Гьелъулъ буго нилъер къуватги.
Москваялдаса ва Санкт-Петербургалдаса васасулги ясалъулги хъизамалги рукӏана рачӏун. Гьелъул щибго квалквал ккечӏо я нижее, я Настяйие.
Тӏоцебесеб иргаялда, гьелъие бокьана мажгиталде щвезе. Цадахъ шалалги росун рачӏун ругоан гьелъ. Гьелъие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна мажгиталъ. Жиндие цебегоги бокьун букӏанила Дагъистаналде щвезеги ва гьениб мажгиталде инегиян абуна гьелъ. Парчиялде гӏунтӏунги киналдаго гӏажаиблъана гьей. Дицаги гьениб бугеб руччабазул отделалъул хӏалтӏухъабазги кинабго бичӏчӏизабуна Настяда. Какичури гьечӏого, Къуръаналда квер хъвазе лъикӏаб гьечӏин абидалги, гьей хӏикмалъана. Гьейгун цадахъ щвана Сулахъалъул къварилъиялдеги, «Главрыба» хӏухьбахъиялъул зонаялдеги, Дилималдеги ва цоги-цогидал бакӏаздеги.
Гьединго щвана ниж тахшагьаралъул музеязде, гӏолохъанал художниказул выставкабазде.
Жегиги лъимерлъиялъул махӏ лъугӏичеб гьелъул къисматалда рагъалъ лъурал ругънал цӏилъун рачӏунаан банкетазул залаздасан, ресторанал-кафеяздасан риччалел салютазул гьаркьал рагӏидал.
— Вай,- иланги абун, тӏуркӏун ячӏунаан гьей, дагьабнигицин ахӏи-хӏур рагӏарабго.
Жинда ватӏаналда бугеб ахӏвал-хӏал ракӏалде щванинги абун, къварилъахъдулаан гьей. Дицаги хӏаракат бахъулаан гьелда гьеб тема кӏоченабизе.
Настя пана гьаюна Дагъистаналъул тӏабигӏаталъги тӏабигӏат берцинал дагъистаниязги.
Дагъистаналде цӏализе ячӏине бокьун букӏиналъул пикруги загьир гьабуна гьелъ.
Нижехъа цадахъ хӏадурулаан квенги, хасго миллияб квен гьабизе гъира букӏунаан гьелъул – батӏи-батӏиял цӏурачадал, куракул карщ, магӏарул хинкӏал. Цӏакъго гъира букӏана гьелъие гьел хинкӏал гьаризе лъазе. Лъана гьелда гьебги. Дир лъималазул лъималазулгун цӏакъ дандеккана гьелъул гӏамал-хасиятги.
Дунялалъулго киналго гӏадамазда бичӏчӏулеб баркалайилан абулеб рагӏиги гьелъул магӏнаги лъазабуна Настяца. Анкьида жаний дие яслъун лъугьана Донецкалдаса украинай Настя Берестюк.
Къо-мех лъикӏ, Дагъистан
Дагъистаналдаса тӏадюссун инегицин бокьун букӏинчӏо гьелъие. Нижер хъизанги ругьунлъун букӏана гьелда. Цоцазе гӏагараллъун хутӏизе руго ниж гьанжеялдаса. Рокъое щваниланги кӏалъана гьейги гьелъул эбелги. Битӏун бицани, дир ракӏщун буго Настяде, — ян бицана Умасалиматица.
Бихьулищха, къварилъиялда аскӏобго эхетун бугеб гурхӏел- рахӏмуялъги гӏагар гьарулел рукӏун ругеб куц гӏадамал.
Дагъистаналда бараб кӏиго анкьалъ гьелъие гьабун тун бугеб асаралъул Умаслиматица бицинадал, рохалилаб магӏу бучӏана дир.
— Салам, Дагъистан! Къо-мех лъикӏ, Дагъистан — гьал рагӏабазул магӏна гьуинлъун толеб куц Ума Гъайирбековна гӏадал гӏадамазул кодоб.
Гьарзалъаги гьединал гӏадамал жиндир рухӏияб гӏамал-хасияталъе дунялалъго бетӏер къулулеб Дагъистаналъе.
Шамай Хъазанбиева