Гьал къоязда республикаялда кӏиабилеб нухалда тӏобитӏулеб буго миллияб вещаниялъул «Евразиялъул гьаракь» абураб фестиваль. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна батӏи-батӏиял республикабаздаса, регионаздаса профессионалиял журналистаз, этнографаз, культурологаз, хӏукуматалъул ва жамгӏиял нухмалъулез. Фестиваль рагьиялъулъ гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас ва ВГТРКялъул Регионалияб департаменталъул генералияв директорасул заместитель Рифат Сабитовас.

Фестивалалъул гӏахьалчагӏаз бицана миллиял мацӏазда риччалел теле- ва радиопередачабазул, жидерго хӏалтӏулъ гьарулел цӏилъабазул.

Киназулго бицунеб хабар цойиде бачӏунеб букӏана – миллиял мацӏал цӏуниялда тӏад щиб гьабулеб бугеб, щиб гьабизе кколеб абураб.

Гьаб гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан бащдал мацӏал тӏагӏиналъул хӏинкъи бугин абураб пикру загьир гьабуна данделъиялда рукӏараз.

РГВКялъул генералияв директорасул заместитель Мухӏамад Махӏатӏиловас абуна: «19 соналъ цебе гӏуцӏана нижеца РГВКялда батӏи-батӏиял мацӏазда миллиял передачаби риччалеб гӏадат. Амма жакъа къоялде Махӏачхъалаялда ругел лъималазул 20 проценталда лъалеб гьечӏо жидерго мацӏ».

Тарихчӏужу Эльмира Далгатица абуна Дагъистаналъул тарихалъул дарсал школалъул программабазда гьоркьоса рахъун ругила. Гьезги нилъерго культурагин тарих лъаялъе гӏемераб кумек-квербакъи гьабулаанин. Тулаялъул ГТРКялъул хӏалтӏухъаналъ загьир гьабуна гӏурус мацӏги цӏунизе кколин абураб пикру. Гӏемерал рагӏаби ругила батӏиял мацӏаздаса рачӏарал, ва гьез мацӏ чорок гьабулеб бугин.

Донецкиялъул телевидениялъул хӏалтӏухъанас абуна: «Мацӏ — гьеб ярагъ ккола. Жидер ракьалда гьабсагӏаталда унеб бугеб спецоперациялъулъ гӏахьаллъи гьабулеб буго батӏибатӏиял миллаталъул васаз. Гьез жидерго мацӏалъ бицунеб жо аскӏор ругезда бичӏчӏуларо. Гьедингицин жидерго миллияб мацӏ лъалел чагӏазе бугеб лъикӏ бихьуларищ», — ин махсара гьабуна гьес.

Нижер мухбир