Исана сон байбихьаралдаса республикаялда рагьун буго 24 цӏияб фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП). Мисалалъе, гьал къоязда социалиял гьиназде рехун рачӏана, Табасаран районалъул Чулат росулъ квешго басралъун букӏаралъул бакӏалда рагьараб, киналго санагӏалъабаздалъун къачӏарб цӏияб ФАПалъул минаялъул суратал.
Гьединалго, гьанже заманалъул киналго шартӏалги ругел цӏиял ФАПал рагьун руго республикаялъул батӏи-батӏиял росабалъ. Жеги анкьго росабалъ ругел медпунктазда рагӏалде рахъунел руго ремонталъул хӏалтӏаби.
Капиталияб ремонт гьабун къачӏалел руго жеги рикӏкӏадал районазда ругел 60-ниги фельдшеразулгун акушеразул пунктал.
Амма… Буго гьениб цо аммаги. Цо-цо бакӏазда гьел ФАПал къачӏазе тӏаде росарал, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъулгун контрактги хъварал подрядчиказ рекӏкӏ гьабурал хӏужабиги тӏатун руго республикаялда.
Мисалалъе босани, гьединаб хӏужа тӏатана Шамил районалъул Занатӏа росдал сахлъи цӏуниялъул минаялда хурхун. Гьеб росулъ ФАПалъул мина букӏана цӏакъго басралъун, биххун иналде ккун. Гьебги хӏисабалде босун, занатӏисезул фельдшеразулгун акушеразул пункт бачун букӏана «Здравоохранение» абураб миллияб проекталда гъорлъе. Амма хӏалтӏи гьабизе къоял тӏаде щведал, подрядчик вахчарун, вихьизе чӏун гьечӏо. Басрияб ФАПги хутӏун буго зодихъе гьакӏкӏан. Гьанже гьеб къачӏазе республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ къотӏи-къай хъвазе валагьулев вуго цӏияв подрядчик. Хьул буго гьесниги бихьинчиясда рекъечӏел жал гьариларин, занатӏиселги цӏияб ФАПги щун рохизе ратилин.