Лъимал гӏемераб, амма ресукъал хъизамазе, республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарцудеги росун, цӏиял микроавтобусал кьезе руго ДРялъул Хӏукуматалъ. Гьал къоязда гьединаб хӏукуму хъванин жиндицаян лъазе гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.
«Лъимал ругел хъизамазда квер чӏвазе», — ян абун Сергей Меликовас исана маялда хъвараб указалда рекъон гьабулеб хӏалтӏи буго гьеб.
Гьел ккола 10 яги цӏикӏкӏун лъимал ругел хъизамал. Гьелъул чара гьечӏеб шартӏлъун ккола гьеб хъизамалъул республикаялда гӏумру гьабун бугин абураб хъвай-хъвагӏай букӏин, гьединго лъималазул бищун кӏудиясул букӏине ккола гӏумрудул 23 сонги.