Гьал къоязда нилъер республикаялдаса чанго заводалъул вакилзаби дандчӏвана Тольяттиялъул машгьураб предприятие «АвтоВазалъул» нухмалъулелгун. Машгьураб автоконцерналъе хӏажатаб къайи-цӏа нилъер республикаялда хӏадур гьабизе рес букӏиналъул суалал дандразе ракӏарун рукӏана гьел гьенире.
Мисалалъе, Тольяттиялда гьоболлъухъ рукӏана АО «Дагдизель», ООО «Мушарака», АО «Авиагрегат», АО «КЗТМ» заводалъул вакилзаби ва «Гидродинамическая коробка автопередач» абураб тӏагӏел ургъарал устарзабиги рукӏана гьезда цадахъ.
Гьеб дандчӏваялда бицана, мисалалъе, къватӏиса хӏукуматалда гьарулезул бакӏалда, цо-цо «АвтоВазалда къватӏир риччалел машинабазе хӏажатаб тӏагӏел-алат нилъер республикаялъул заводаздаги хӏадуризе кӏолеблъи.
Мисалалъе, Дагдизель заводалъ рагьун абуна жидеда кӏолила цо-цо гьединал тӏагӏел -алатал хӏадуриялъул рахъалъ тӏадчӏун хӏалтӏизе ва «АвтоВазалъе» гӏураб къадаралда гьезие къваригӏараб къайи-цӏа заводалдаса къватӏибе биччазе.
Ашахан Юсупов