23 августалда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимов дандчӏвана РФялъул бахӏарчи, генерал-майор, ЛНРалъул милициялъул кӏиабилеб халкъияб корпусалъул командующий Эседула Абачаевгун.

Эседула Абачаев ккола Хив районалъул Зилдик росулъа. Гьес лъугӏизабуна Харьковалъул гвардиялъул тӏадегӏанаб танковияб команднияб училище, РФялъул ВСялъул гӏаммал войскабазул академия ва РФялъул ВСялъул Генштабалъул Военнияб академия.

ЛНР эркен гьабиялъулъ гьабураб жигараб гӏахьаллъиялъухъ В. Путинил хӏукмуялда рекъон, гьаб соналъул июль моцӏалда Абачаев «РФялъул бахӏарчи» абураб цӏаралъе мустахӏикъавлъун вихьизавуна. Гьединго, апрель моцӏалда гьесие кьуна «ЛНРалъул Бахӏарчи» абураб цӏарги.

Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар щвейги баркун, абуна рагъулал масъалаби тӏуразаруралъухъги бахӏарчилъиялъухъги Эседула мустахӏикъав вугин гьеб шапакъаталъеян.

«Пачалихъиял масъалаби тӏуразарулаго, нужерго Ватӏаналъулги гӏадамазулги гӏумру цӏунулаго, нужеца бихьинчилъиги бахӏарчилъиги бихьизабулеб буго. Нужер бахӏарчиял ишазулги къохӏехьеялъулги нижеца кӏудияб къимат гьабула. Нуж руго нилъер улкаялъего чӏухӏилъунги гӏун бачӏунеб гӏелалъе мисаллъунги», — ян абуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулес.