Тротуараздаги низам цӏунизе ккола

Махӏачхъалаялъул администрациялъул капиталиял бакӏал раялъул управлениялъул вакил Мурад Гӏалиевас халгьабуна тахшагьаралъул къватӏазда низам цӏуниялъул бугеб хӏалалъул. 28 июналда гьев щвана Абубакаровасул къотӏнор ран ругел коммерциялъулал бакӏазде. Гьезда цере рарал ва лъелго хьвадулезе квалквал гьабулел болъаби риххизаризе кколин лъазабуна гьес.

Дармил бакӏазул цо-цо бетӏергьабаз, жидее бихьизабуралдаса цӏикӏкӏун ракь-

ги хӏалтӏизабун, тукабаздаги кафе-рестораназдаги цере ралел руго болъаби, гьезде гӏагарлъулел бакӏалги сверун къалел руго. Гьелъул квалквал букӏуна лъелго хьвадулел шагьаралъулазе. Хасго квалквал букӏуна коляскагун нухаздасан унел инвалидазе.

«Хӏинкъигьечӏел ва лъикӏаб даражаялъул нухал – 2018» абураб федералияб программаялда рекъон, улкаялъул шагьаразда къачӏазе ккола нухалги тротуаралги. Дармил объектазул бетӏергьабазда лъазабун буго чӏезабураб заманалда жанир квалквал гьабулел бакӏал риххизареян. «Лъабго къоялъул болжалалда дармил объектазул бетӏергьаби рачӏине ккола нижехъе ва жидер бетӏергьанлъиялда бугеб ракьул документалгун. Гьелда бихьизабуралдаса цӏикӏкӏун ракь гьез ккун батани, гьеб нахъе бахъизе буго», — ян бицана Мурад Гӏалиевас.

Залина Тӏагьирова,

Махӏачхъала шагьаралъул

администрациялъул пресс-хъулухъ