Хӏалтӏуда сахлъиялъе зарал ккаралги кӏочон толаро
Россиялъул социалияб страхованиялъул фондалъул ДРялъул отделениялъ, производствоялда къварилъиги ккун, сакъатлъарав 18 чиясе кьуна «Лада Гранта» маркаялъул машинаби.
Гьел хьезарун руго мугъзагьодгун бох-квер сакъатлъарав чиясе машина бачине санагӏатал алатаздалъун. Щибаб машинаялда буго кондиционерги АБС-тормозалги.
Производствоялда сакъатлъарав инвалидасул ихтияр буго щибаб анкьго соналдаса хасаб автотранспорт кьеян хитӏаб гьабизе. Гъоркьиса машина кьун букӏана 25 чиясе.
4,5 млн гъуршиде кумек гьабуна
Мискинзабазул рохел — закагӏат кьолел гӏемерлъи
«Инсан» гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул пресс-хъулухъалда бицухъе, рамазан моцӏалда жаниб закагӏаталъе бачӏараб садакъа кьун буго 397 хъизамалъе ва гьеб киналъулго къадар бащалъун буго 4630004 гъуршида. Фондалъул вакиласул рагӏабазда рекъон, кумек гьабун буго закагӏат щвезе кколезул гӏицӏго 11 проценталъе.
«Кумекалде ккарал цӏакъго гӏемер руго. Гьел киназего кумек гьабичӏого рес-
ги гьечӏо. Гьединлъидал нижеца ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабула закагӏат бахъаразеги хӏажатазухъе квер битӏанщиназеги», — ян абуна фондалъул пресс-хъулухъалда.