Хицӏиб майданалде гьабураб сапар
Гӏумру-магӏишаталде, буголъиялде балагьун кьола цо-цояз гӏадамазе къимат, гьелдалъун борцуна чилъиялъул даража. Сверухъ ругел гӏадамазул ургъелги кӏварги гьабулев, гӏага-божарал, росуцоял, миллатцоял рокьулев, гьединго умумузул, росдал, Ватӏаналъул тарихги, гӏадат-гӏамалги, хасиятги, яхӏ-намусги лъалев ва гьелда рекъон хӏалтӏулев инсан жакъа къанагӏат гурого гьечӏо. Гьаб заманалда гьединал чагӏи хӏажатги руго нилъер халкъалъеги миллаталъеги. Гьединавлъун рикӏкӏине мустахӏикъав вуго Шамил районалъул Гъогъолъ росулъ гӏурав Гъуниб районалъул Кӏуядаса (Чарахъа) Гӏабдайил Мухӏамадил Ахӏмадил вас Мухӏамадхӏабибги.
Гьал къоязда, ай 20 июналдаса гьесул хӏаракатчилъиялъул ва цевехъанлъиялъул хӏасилалда «Магӏарул чотӏахъаби» гӏуцӏиялъ Махӏачхъалаялдаса сапар бухьана сугъулдерил Хицӏиб майданалде щвезегӏан. Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хӏурматалда тӏобитӏараб гьеб иргадулаб (гъоркьиса чотӏахъаби Махӏачхъалаялдаса ун рукӏана Гъуниб магӏарде щвезегӏан) тадбиралъул мурад букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ миллияб яхӏ-намусги гӏадат-гӏамалги куцай, гьеб билизе биччачӏого, цӏидасан тӏадбуссинаби.
22 июналда 50-гӏанасев чотӏахъан рещтӏана Хицӏиб майданалда. Умумузул къагӏидаялда ретӏа-къарал чотӏахъаби Сугъралъ росдал жамагӏаталъ къабул гьаруна бахӏарзал кинигин. Гьеб къоялъ Хицӏиб майданалда букӏараб дандчӏвай байрамалде сверанин абуни, мекъиги ккеларо.
Муслим Гӏабдулаев