Гъазимухӏамадил хӏукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гӏадамаз квалквал гьабулареб бакӏалдаги чӏун, жидерго гӏелму камил гьабизе…
Гӏодосанго Гъазимухӏамадги Шамилги рукӏана цӏалуде рокьи бугел, гӏелмуялда тӏадчӏарал, лъаялда хадур лъугьарал, кӏвахӏ-свак гьечӏого лъай босулел васал. Гӏелмуялде бугеб рокьиялъ ва цӏияб жо лъазе бугеб гъираялъ гьел, миллат-ракь цӏехечӏого, рачана доб заманалда Дагъистаналда рукӏарал цӏар бугел гӏалимзабазухъе. Гьез цӏалана цӏализе рес букӏарал киналниги гӏелмаби. Дарсал росана Нугъай авлахъаздаса Цӏоралъул расалъабазде щвезегӏан росизе рес букӏанщинал гӏалимзабазухъа.
«Лъаялъул кӏалгӏа»
Кире гьел щваниги, гьезул лъаялдасаги гӏелмуялдасаги разиго хутӏана гьезие дарсал кьуралги, гьез дарсал кьуралги гӏадамал. Жидерго лъаялдаса гӏорцӏичӏо гӏицӏго гьел жалго. Гьезул свин гьечӏеб, хӏасратаб анищ букӏана жегиги гӏелмудул гъварилъабазде раккизе. Ахирги Гъазимухӏамадил хӏукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гӏадамаз квалквал
гьабулареб бакӏалдаги чӏун, жидерго гӏелмуги камил гьабизе, шаригӏаталъеги гъазаваталъеги ургъизе, цӏияб гӏелму тӏаде щвеялъул мурадалда тӏахьалги цӏализе.
Тӏарада Хӏажикӏкӏалахъ ахал-хурзал лъугӏулеб ва рохь байбихьулеб бакӏалда, Ракъдакӏкӏалин абулеб гьитӏинабго кӏкӏалал рагӏалда, кваранаб рахъалда буго къимат тӏадегӏанаб зиярат. Гьеб ккола имам Гъазимухӏамадилги, Шамилилги, Гъазигъумекиса Жамалудин устарасулги, Ярагъиса Мухӏамад-апандиясулги цӏаразда хурхараб, хирияв Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) равхӏанияб рещтӏараб, хирияб бакӏ. Гьениб буго Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги ургъараб ва жидерго квераз бараб “лъаялъул кӏалгӏа”.
Шамилил милкалъул ракьалда, къанагӏат гурони гӏадан щолареб бакӏалда Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги бан букӏана, цо-кӏиго чи гурони щибалда жанив гьунареб, кӏиго цоцада цураб рукъ. Щибаб рокъобе лъун букӏана къватӏисан нуцӏа ва канлъи бачӏине гӏураб гьитӏинаб горду. Тӏалул ганчӏил къадалги
гьарун рарал гьел гӏисинал рукъзал тӏад тӏокъун рукӏана чӏахӏиял къаназ, гьезда тӏаде миччилги букӏана бан.
Гьеб букӏана, хасгьабун, жалго жидедаго чӏун цӏализе бараб бакӏ. Цояб хӏужра букӏана Гъазимухӏамадил, цогияб – Шамилил. Щивав жиндирго хӏужраялъув гӏодовги чӏун, тӏубараб къоялъ цӏалдолаан ва гӏелму камиллъизабиялда тӏад хӏалтӏулаан. Рега-рахъине, тӏахьал лъезе ва гӏодор чӏезе гурони бакӏги букӏинчӏо гьел рукъзабахъ. Гьоркьоб гордуги тӏахьал цоцахъе регьизе ва цоцазе суал-жаваб кьезе тараб букӏана. Гӏицӏго гьез ургъараб куцалда гурони, тӏокӏаб батӏияб мурадалда хӏалтӏизеги гьаричӏо гьел гӏисинал хӏужраби киданиги. Имамзаби цереса индал, хирияб зияраталдеги сверана гьел.
Цо-цо, къваригӏел ккедал, росулъеги ун, жалго жидедаго чӏун, лъай борхизабулаго, Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги гьениб лъагӏел банилан абула. Гьезде щвезеги, къваригӏараб-тараб босунги, росулъ бугеб хабар бицинеги, щаклъи ккараб цӏехезеги гӏадамалги хьвадулаанила гьенире. Гьалбал къабул гьаризеги кваназеги гурони, гьел цойидеги чӏолароанила.
Гьелда релълъараб ва гьединабго мурадалда хӏалтӏизабураб тарихияб бакӏ Дагъистаналда цоги кибниги букӏин загьирлъун гьечӏеблъиялъул хӏакъалъулъ дица цебего хъван букӏана (Генуб. Тарихалъул нугӏзал. Махӏачхъала, 1997). Гьеб гӏадатияб гуреб цӏалул бакӏги гьениб хӏалтӏизабулеб букӏараб цӏалул къагӏидаги мустахӏикъал руго Дагъистаналда лъайкьей цебетӏеялъул ва педагогикаялъул тарихалъул цӏех-рех гьабулел гӏалимзабаз жидеде кӏвар кьезе ва гӏелмиял хӏалтӏабазда гьоркьоре рачине. Гьеб рахъалъ хӏисабалде росизе мустахӏикъал мисалал нилъер имамзабазул хӏаракаталъулъ цоги-цоги дандчӏвала. Хасго имам Гъазимухӏамадил буго лъайкьеялъул махщалилав ва лъай тӏибитӏизабиялъул хӏаракатчи хӏисабалда кинабгӏаги биценго жиндир хӏакъалъулъ гьабичӏого хутӏараб ва гъваридаб гӏелмияб цӏех-рехалъе жиб мустахӏикъаб хӏаракат.
Устарзабиги имамзабиги
«Имам Гъазимухӏамад» абураб Хӏасанилав-дибирасул къисаялда дандчӏвала Ракъдакӏкӏалахъе, ай гьеб тарихияб бакӏалде Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) равхӏанияб рещтӏиналъул хӏакъалъулъ мухӏканаб бицен. Гьеб бицен кьезин къокъгьабун.
Ракъдакӏкӏалахъе Гъазимухӏамадихъеги Шамилихъеги щвезе рачӏун рукӏанила тӏарикъаталъул устарзаби Ярагъиса Мухӏамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги. Гьенире щведал, Жамалудиница кӏварбуссинабунила лъабго тамашалъизе ккараб гӏаламаталде: Ярагъияв устарас жиндирго мурид Гъазимухӏамадида тӏаде ине изну тӏалаб гьаби – цо, Гъазимухӏамадица изну кьечӏеблъи – кӏиябго, Гъазимухӏамад къватӏиве ваккидал, устар хӏал хисун лъугьин – лъабабго. Тӏадруссунелъул Жамалудиница Мухӏамадида цӏеханила гьелъул хӏакъалъулъ. Ярагъияс гьеб кинабго гьадин баян гьабунила: Гъазимухӏамадида аскӏов Мухӏамад авараг (с.т.гӏ.в.) вукӏиндал, тӏалаб гьабунила жинца изну, Гъазимухӏамадица изну кьечӏила Аварагас (с.т.гӏ.в.) гьеб кьечӏеблъидал, Гъазимухӏамад къватӏиве ваккидал, жиндир хӏал хисанила, гьесда цеве вукӏарав Аварагасде (с.т.гӏ.в.) бер щведал.
Хӏасанилав-дибирасул тӏехьалда рехсараб гьаб мисалалъ гӏадатиял цӏалдолезда бихьизабула Ракъдакӏкӏалахъ зияраталъул тӏадегӏанаб даража. Гьелдаго цадахъ гьабги цогидалги гьесул асаралдаса баяназулъ руго тарихияб гӏелмуялъе, имамзабазул заманалъул тарихалъул цӏех-рех гьабулез ва гьеб тарих бокьулез кӏвар жидеде буссинабизе мустахӏикъал бакӏал. Цо-цо тарихиял суалазулъ мухӏканлъи гьабизе, мекъаб рахънибе ккараб тарихияб регел битӏизабизе, тарихалъе кӏвар бугел гъалатӏал ритӏизаризе рес кьолел далилал руго Генуса Хӏасаниласул асаралъулъ.
Щиб мурадалда кӏиявго устар Генуб росулъе Ракъдакӏкӏалахъе рачӏине кколел рукӏарал, рикӏкӏадаб сапарги бухьун? Щиб гӏилла букӏине кколеб жидерго мурид Гъазимухӏамадиде гьез, цадахъ сапаралде рахъун, зиярат гьабизе ккани? Гьел суалазе жавабал кьелалде, Хӏасаниласул баяназда мугъчӏвайги гьабун, бицинин жеги цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги.
Гъазигъумекиса Аслан-хан
Гъазигъумекиб Аслан-ханасулгун букӏараб дандчӏваялда имам Гъазимухӏамадица гьесда согӏаб, адаб тараб гаргар гьабизе ккун букӏанила. Цебесеб жидерго дандчӏваялдаса хадуб имамасда ракӏалде ккун букӏанила ханасул пикру хисун батилин, шаригӏаталъе квербакъизе бокьун батилин, гьединлъидалин гьес жив гьаб нухалда жиндихъего ахӏаравин абун. Хӏакъикъаталда ханас гьев ахӏун ватанила жиндирго хӏаракаталдаса инкар гьабеян лъазабизе, гьабичӏони, жинцаги тезе гьечӏин, дуеги квеш ккезе бугилан хӏинкъалаби кьезе. Ханасул мурад бичӏчӏарабго, къватӏул гьведа гӏадин, данде жаваб кьун бажарулареб даражаялде ккезавун, чӏухӏи бекизабун, хъачӏго кӏалъанила гьесда Гъазимухӏамад. Рачун гьалмагъзабигун, гьенисаги анила, ханги ханасул чагӏиги сан гьаричӏого тун.
Хадуб ханасда лъан буго Ярагъиса Мухӏамадицаги Гъазигъумекиса Жамалудиницаги имам Гъазимухӏамадие тӏарикъаталъул устарлъи-ялъе изну кьун букӏин. Аслан-ханас гьел кӏи-ялго, цин Жамалудин, цинги Мухӏамад-апанди ахӏун руго жиндихъего. Вахӏщияв ханасухъа бажарун буго гьев кӏиявго шайих жиндикьаго хӏинкъизарун. Гъазимухӏамадил ургъелги гьесул ишалъул пикруги гьез гьабулеб букӏун гьечӏо гьеб заманалда, жалго ханасул кьварараб тамихӏалдаса рорчӏиялъул гурони.
Ханас кӏиявго устар тӏамун вуго Гъазимухӏамадихъе кьураб маъзунлъиги вирдалги хвезаризе, ай жидерго хӏукмуялдаса инкар гьабизе. Кӏиясдаго лъазабун буго хехаб куцалда гьединаб магӏнаялъул кагъат хъвайин, ва, гьебги босун, божарав чи Гъазимухӏамадихъе витӏейин. Хъван буго кӏиясго гьединаб кагъат. Гьелдаса хадуб кӏиявго устарасе мугӏжизат загьирлъун буго. Хӏасанилав-дибирасул тӏехьалда гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицунеб хабар лъун буго «Ярагъиясул бадиса канлъи ин ва Гъумукъиясул кӏал-мацӏ кквей» абураб цӏаралда гъоркь. Гьел устарзаби данделъун, цоцада бицун буго ккараб-тараб ва цӏакъ рекӏелъе биччан пик-
ру гьабун буго киналъулго, кантӏун руго Гъазимухӏамадидехун мекъаб бербалагьиялъухъ Бетӏергьанас жидедаго мугӏжизат бихьизабун букӏиналде. Ракӏ-ракӏалъ тавбу гьабидал ва Гъазимухӏамад тӏасалъугьинавизе хӏукму ккедал, цебе букӏахъе кканила кинабго рукӏалиде.
Тарихиял хъвай-хъвагӏаязда дандчӏвала гьединаб кагъат хӏакъикъаталда хъван букӏиналъул хӏакъалъулъ, амма гьеб имамасухъе устарзабаз битӏун букӏинчӏин ва гьел кагъталги тӏагӏинарунин бицунел бакӏал. Тӏоцебесеб иргаялда, Жамалудин устарасул вас Гӏабдурахӏманидасан бачӏунеб буго гьединаб баян. Кин батаниги, гьеб кагъат Генубги лъалеб букӏин бихьулеб буго. Жибго кагъат яги гьелъул нусха нахъе цӏунунги букӏине рес буго, гьелда букӏараб хъвай-хъвагӏай такрар гьабун бицунел чагӏиги ругелъул. Масала, довго Гӏабдурахӏман. Лъаларо, битӏизего битӏичӏеб, хан тӏасавихьизе хъвараб кагъат сабаблъун, баракат бахинчӏого, тавбу гьабизе ва Гъазимухӏамад тӏасалъугьин тӏалаб гьабизе щай кколеб букӏараб? Лъалев Аллагь вуго.
Цо-цо автораз кигӏан берцинго ва щиб хъваниги, макъала цӏалулезда бичӏчӏун батила Генуре Ракъдакӏкӏалахъе Ярагъиса Мухӏамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги гӏицӏго Гъазимухӏамадиде зиярат бухьун, гьев тӏасалъугьинавизе рачӏарал рукӏин. Устарзабаздаги имам Гъазимухӏамадидаги гьоркьоб букӏараб хурхен щулалъана гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Цебехун босун тарихалда лъун бугебщинабги тӏаде журарал съездалги, имам вищиги, Ярагъияс гъазават гьабизе имамасда тӏадкъайги, гӏемераб батӏиябги буго букӏинчӏеб ва хӏакъикъат хисизабун бицунеб хабар. Хӏасанилав-дибирас бихьизабухъе букӏана Ракъдакӏкӏалалда цебесеб заманалда Гъазимухӏамадилгун Ярагъиясулги Гъумукъиясулги гьоркьорлъаби.
Камилаб хӏаракат
Ракъдакӏкӏалахъ чӏеялдасан, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназдаса Гъазимухӏамадил хӏаракаталъ цӏияб свери босана. Тӏахьазда нахъа, гӏелмуялъул нухда цӏех-рехалда ва гӏумруялъул мисалазда тӏад хӏалтӏулаго, Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги гьеб заманалда гьабуна цӏакъго кӏудияб ва къиматаб пикрияб хӏалтӏи. Хунзахъ 1830 соналъул авалалда гьабураб битӏккечӏеб рагъул хӏасилалдаса гъваридал, имамасул хадусеб хӏаракаталъе пайда жидер цӏикӏкӏарал дарсалги росана гьез гьенир.
Ракъдакӏкӏалахъ рукӏаго, Гъазимухӏамадил пикруялъулъ щулалъана ва камиллъана жиндир хӏаракаталъе ва гъазаваталъе тӏарикъаталдасан рагӏа-ракьанде щун пайда босиялъул хӏакъалъулъ пикру. Имам Гъазимухӏамадил гӏакълуялъул унго-унгояб бегӏерлъи, гьесул гӏелмуялъул кӏодолъи, гьесул пикруялъул камиллъи цоги нухалъ тасдикъ гьабулеб гьеб хӏужжа жакъа къоялде щвезегӏанги тарихалда букӏине кколеб кӏвар жинде кьечӏеблъун хутӏун буго. Гӏалимзабазул, Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ хъвалел авторазул пикру жеги Гъазимухӏамадил пикруялда хадубгъун гьечӏеблъиялъ буго жеги-жегиги бицунебги такрар гьабулелги «кавказияб муридизм», «Ярагъиясул цӏияб гӏелму» гӏадал ва цогидалги нахъаса гьечӏел, гьодорал рагӏабазда бижизабураб тарихияб чӏанда.
Тӏубазе кколеб масъала
ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда букӏараб гъазаваталъул, хасго имам Гъазимухӏамадил хӏаракаталъул тарих, цо-цо гӏалимзабазулги авторазулги хӏалтӏабазул хӏаракаталдалъун, мекъаб рахъалде сверун букӏиналъул хӏакъалъулъ дица цебеги рехсей гьабун букӏана. XX гӏасруялъул ахиралда битӏараб рахънибе ккезе рес букӏараб тарих мекъаб рахъалда тӏубанго щула гьабиялъе квербакъараб аслияб хӏалтӏилъун букӏана Ахед Агъаевасул «Мухӏамад Ярагъияв» абураб тӏехь чанго нухалъ басмаялда бахъараб ва басмаялдаса басмаялде жиб мекъаб рахъалде гъварилъараб. Гьеб, кьучӏ гьечӏел пикраби жиндилъ гьарзаяб асаралъ тӏуран хадур цӏан ана имамзабазул заманалъул хӏакъалъулъ бицунел тарихиял гӏалимзаби.
Гьанже гьеб хӏабургъин битӏизабизе цӏакъго захӏмалъизе буго. Гӏицӏго бацӏцӏадаб гӏелмияб рахъалда хъатӏун хутӏулеб хӏалалда букӏарабани, гьеб гьедигӏан цӏакъ захӏматги букӏинароан. Политикиял ва диниял рахъалги гьоркьор журазаризе рукӏиналъ захӏмат гьабизе буго гьеб масъала тӏубай дагъистаниязда жаниб. Кин бугониги, тӏубазабичӏого гьеб масъала хутӏизе ресги гьечӏо.
Ярагъиса Мухӏамадица витӏун ккезавун, малъун, тӏадкъаял кьун, Гъазимухӏамадил имамлъиялъул иш цебе бачунеб букӏанин бихьизабиялдаса инкар гьабизе кколеблъи бихьула, Хӏасанилав-дибирасул асар гъваридго лъазабуни. Ярагъиявги хутӏаралги Гъазимухӏамадида тӏадрекъараллъи ва гьесда хадур рилълъараллъи хӏакъаб буго. Байбихьи гьелъие лъураб бакӏлъунги буго хӏакъикъаталда Ракъдакӏкӏалахъ зиярат.
Гьединаб хирияб зиярат буго гендерил Ракъ-дакӏкӏалахъ нилъер жагьиллъиялъ букӏине кколеб къимат кьечӏого хутӏун. Гӏадатияб тарихияб бакӏалде гӏадинабгицин бербалагьи гьелдехун тарихчагӏазулги гьечӏо. Бугинха гьениб цо кинабалиго динияб зияратилан абун, атеистазу-хъего гьелдехун бербалагьи гьабиялъул хӏасил батилаха гьеб.
Гьединаб къиматаб хӏалтӏи буго Генуса Хӏасанилав-дибирас ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда хъван, нилъее нахъе тун. Нилъеца жакъа къоялде щвезегӏанги тӏаде хӏур ккезе тун, букӏине мустахӏикъаб даражаялда гӏелмияб цӏех-рехалдеги бачинчӏого тун буго гьеб къиматал далилаздалъун бечедаб асар. Гьесул тӏехь жиндир заманалда басмаялда бахъиялъул масъала камилго тӏубан гьечӏеблъи цо-цо макъалабазда рехсон букӏана дица. Гьединлъидал гьебго Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадихъ букӏаралда тӏасан хъвараб Хӏасаниласул тӏехьалъул нусха бахъун букӏана «Цӏулакьодул гъотӏокь» газеталда, къокъ гьабичӏого ва гъалатӏалги ритӏизарун. Хӏажат буго Хӏасаниласул асаралдехунги гӏелмуялъги тарихчагӏазги жеги гъваридго кӏвар кьезе.
Мухӏамаднаби Ибрагьимов