Аралда туманкӏ речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада балеб
Гьаб заманалда бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо-цо «гӏалимзабаз» хӏаракат бахъулеб буго исламалъул нухккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагӏи рукӏараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. Хӏакъикъатин абуни тӏубанго гӏаксияб букӏин, гьайгьай, хӏакъаб буго, ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батӏияб бугелъул, гьединаз хӏаракат бахъула хъахӏаб чӏегӏераблъун бихьизабизе.
Рачӏаха, бусурбабазул гӏалимзабаз батӏи-батӏияб заманалда, батӏи-батӏиял гӏелмиял бутӏаби церетӏезариялъулъ лъураб лъалкӏ бихьизабизе. Гьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецӏлъиялъул нухда букӏараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гӏалимзабазул кумекалдалъун цебетӏеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланги.
Гӏелму – гъветӏ, гӏамал — пихъ
Гӏелму цебетӏезе ккани, хӏажалъула кагъат. Гьебгиха, гӏемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригӏуна фабрика. Гьебги бичӏчӏун, 794 соналда Багъдадалда тӏоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукӏана доб заманалда халиплъун вукӏарав Гьарун Рашидил вазирасул вас. Гьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагӏида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталда (800 сон) ва Андалусиялда (950 сон). Кагъат гьабулеб фабрика 1100 соналда бана Византиялда, 1102 соналда – Сицилиялда, 1228 соналда Германиялда ва 1309 соналда – Англиялда. Хӏакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кӏудияб кумек ккана гӏелму цебетӏезабиялъе, батӏи-батӏиял тӏахьал хӏадур гьариялъе. 891 соналда цохӏо Багъдадалда рукӏана тӏахьал хъвалезул 100-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Ал-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб батун буго 600-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб тӏехь жаниб бугел гъансал. Щибаб гъансил
бакӏлъиялъул хӏакъалъулъги бицуна гьеб щуго чиясда хӏалица гурони багъаризабизецин кӏолеб букӏинчӏолъиялъ. Анцӏабилеб гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Сахӏип бин Гӏибадал библиотекаялда рукӏун руго доб заманалда Европаялъул тӏолалго библиотекабазда рукӏараздасаги цӏикӏкӏун тӏахьал.
Бусурбабаз гӏелму цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏа борцун хӏалкӏолеблъун букӏинчӏо. Гьел сундулго рахъалъан рукӏана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гӏелмабазда росана чӏахӏи-чӏахӏияб бергьенлъаби. Масала, местӏер ва философ ибн Синал (Авиценна) хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тӏехь кколаан медицинаялъул бутӏаялда хӏалтӏулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тӏехьалдаса гӏелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цӏалулезгун хӏалтӏулез.
МЕДИЦИНА
Гьесдего вахарав чилъун рикӏкӏуна тӏадерахъиялъул хӏакъалъулъ тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав Разиги (864-925). Султӏан Фатихӏил мугӏалим Акшамсудиница (1389-1459) тӏоцебе хъвана микробазул хӏакъалъулъ. Азарго соналъ цебе барас унтул ва гьеб сах гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ бицана ибн Жассарица. Ибн Хӏатӏипица (1313-1374) гӏелмияб къагӏидаялдалъун чӏезабуна къавуда, бахунеб унти кколеблъи.
Гьеб гуребги, беразул унтабазул ва гьел сахгьарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ хъварал чагӏиги ккола бусурбаби. Ибн Рушдица (1126-1198) ва ХӀ гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Гӏали бин Гӏисаца беразул унтабазул хӏакъалъулъ
хъвараб «Тазкира» абураб тӏехьалдаса пайда босулаан гьанже нахъалъизегӏанцин.
Ичӏго гӏасруялъ цеве вукӏарав Гӏаммар абурав гӏалимчияс берал унтаразе гьабулаан операция. Гӏали бин Гӏабасицайин (994 соналда хвана) абуни ракалъ унтарал сахгьарулаан, операцияги гьабун. Гьесул «Китабул Маликил» абураб тӏехьалъ жакъаги тамашалъизарула гӏалимзаби.
Абулкъасим аз-Захравица (963-1013) хирургия хасаб гӏелму кколеблъиги чӏезабун, ургъана операция гьабиялъе хӏажалъулеб 20-ялдасаги цӏикӏкӏун тӏагӏел ва мухӏканго бихьизабуна щиб сундуе хӏажалъулебали.
Ибн Нафисица (1210-1288) европаялъулаздаса 300 соналъ цебе бихьизабуна би хьвадулеб къагӏида, ва гьеб лъугьана хадусеб гӏелалъе цӏакъго къиматаб хазиналъун.
Гьединго, 706 соналдаго Димашкъалда (Дамаск) рагьун букӏана больница. Европаялъулаздайин абуни больница щиб жо кколебали доб заманалда лъалебцин букӏинчӏо. 978 соналда гьеб больницаялда хӏалтӏулел рукӏана 24 батӏияб махщалил тохтурзаби. ХӀ гӏасруялда Къагьиралдаса (Каир) гӏалим Гӏали бин Ридваница бетӏерлъи гьабулаан тохтурзабазул гӏуцӏиялъе ва гьес хъвараб гӏелмияб хӏалтӏудаса жакъаги пайда босула гьанжесел тохтурзабаз.
МАТЕМАТИКА
Математикаялъул гӏелмуялдаги кӏудияб бутӏа лъурал чагӏи ккола бусурбабазул гӏалимзаби. Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гӏалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гӏелмабиги Европаялда церетӏуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — илан.
Масала, Европаялъ росараллъун ккана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хӏалтӏизаризе захӏматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачӏун рукӏана «Индиялъул тарихазде». Хадур къабул гьаруна гӏарабазул тарихалги. Тӏоцебе гьел тарихал хӏалтӏизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал, гьесие гӏемераб гӏелму щун буго гӏарабаздасан. «0» тарихин абуни тӏоцебе хӏалтӏизабуна Хӏаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучӏ лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тӏоцебе хъвараб тӏехьалда цӏарги букӏана «Ал-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. Бакътӏерхьул улкабазда гьеб тӏехьалда абулаан къокъго — «Ал-Жабр» абун. Гьелъул цӏаралдасан бачӏараб буго «Ал-гебра» абураб рагӏиги.
Математикияб гӏелмуялъе кьучӏ лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи. Жак Рислерил рагӏабазда рекъон, Баттани кколев рагӏула тригонометриялъул «эменлъунги». Синус – гьебги ккола исламиял гӏалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун. Тригонометриялъул «тангенс», «котангенс», «косинус» гӏадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламалъул математик Абул Вафадаса (940-998). Тригонометриялъул гӏелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетӏергьанин абуни ккола ибн Юнус. «Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагӏир Гӏумар Хӏайям (1048-1123). «Дифференциалги» Ньютонида батичӏеблъи чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьеб тӏоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901). Цо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чиги ккола Сабит бин Кура. Анцӏилал дробал ва гьел хӏалтӏизарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429). Арифметикаялда запятая хӏалтӏизабуравги гьевго вуго.
АСТРОНОМИЯ
Щибаб исламияб улкаялда букӏанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хӏалтӏулез нахъе-тарал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гӏелмабаздаго гӏадин бусурбабазул астрономазги тана цӏакъго кӏудияб лъалкӏ», — ан. Гьедин абиялъе гӏиллаги ккола тӏоцебе бусурбабаз ургъараб букӏин астролябия. Гьеб гӏелмуялъул кумекалдалъун кӏола цӏваби ругеб бакӏ, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гӏелмуялда тӏасан тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав чиги ккола Машаалагь абураб цӏаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цӏияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гӏадинаб гургинккараб формаялъул букӏинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хӏакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букӏинчӏеб заманалдаго. Дунял гургинаб букӏинги ва гьеб жиндирго хӏосалда ва бакъуда сверун сверулеб букӏинги чӏезабун букӏана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цӏирагьи Коперникица гьабилелде 500 соналъ цебеккун. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гӏалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола X гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Мухӏаммад бин Муса. Ал-Ферганицайин абуни чӏезабуна бакъуда тӏад тӏанкӏал ругеблъи. Цогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, X гӏасруялдаго гӏуцӏун рукӏана астрономиялъулал таблицаби.
Халиплъун ва гӏалимчилъун вукӏарав Улугбегица (1394-1449) Самаркандалда бан букӏана кӏудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гӏалимзабазда лъалаан бакъ-моцӏ кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гӏиллаби. Гьезул хӏалтӏабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз.
Гьайгьай, гьединал, ай астрономиялъул гӏелмуялда цӏар тарал гӏалимзаби бусурбабазул гӏемер рукӏана. Гьел киназулго цӏарал ва гьез ургъарал жалазулгун хӏалтӏабазул сияхӏ гьаниб хъван хӏалкӏоларо.
ФИЗИКА
Физикаялъул бицунаго, тӏоцебе ракӏалде вачӏуна ХӀI гӏасруялъул ахиралда гӏумру гьабун вукӏарав Исмагӏил ал-Жазари. Гьев рикӏкӏуна гьанжесеб кибернетикаялъул «эменлъун». Ибн Хӏайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цӏар рагӏараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хӏалтӏи ва гьев ккола физикаялъул цо бутӏалъун кколеб оптикаялъе кьучӏ лъуравлъун. Гьесул хӏалтӏудаса пайда босулаан Европаялда рукӏарал гӏалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.
Фараби (870-950) абулев гӏалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана 1100 соналда) ккола тӏоцебе харатӏалъул станок ургъарав чи. Инсанасда воржине кӏолеблъи чӏезабулеб букӏана Исмагӏил Жахӏравица (950-1010). Амма гьесул анищ гӏумруялде бахъинчӏо, битӏун гӏелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвеялда бан. Гьесул анищин абуни гӏумруялде бахъинабуна Хезарфен Ахӏмад Челебица XVII гӏасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Истамбулалда. Хӏасан Челебийин абуни рикӏкӏуна ракетаби ургъиялъе кьучӏ лъуравлъун. Ракетаялъе хӏажалъулеб цӏатариялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гӏалимчи ккола гьев. Гьев зодове воржараб къо букӏана Султӏан Мурадие яс гьаюраб къо. Эвлия Челеби абулев гӏалимчияс хъвалеб буго Хӏасаница гьаваялде вахъунелъул ахӏанила падишагьасде, мун толев вугин Бетӏергьанасда божилъи гьабун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тӏад рекӏараб алат, гамачӏ гӏадин ракьалде бортун бачӏунеб мехалда, киназдаго ракӏалде ккун букӏун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речӏчӏилин. Амма Хӏасаница, жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтӏун вуго ракьалда. Султӏанасде аскӏовеги вачӏун гьес махсара гьабун буго Гӏиса аварагас салам битӏанин дудейиланги абун. «Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чийин абуни ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. Бакътӏерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тӏоцере «зодоре» роржана гӏицӏго 1903 соналда. Физикаялъул тӏахьазда хъван батула ракьалъул жиндего тӏаде цӏалеб хасият букӏин тӏоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма, тарихалде раккани, гьелъул бицунеб буго Ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гӏадал гӏалимзабаз. Гьединлъидал, ракӏчӏун абизе бегьула ракьалъул щибго жо тӏаде цӏалеб хасият букӏин бусурбабазул гӏалимзабаз Ньютон гьавилалдего чӏезабун букӏараблъи. Сагӏтил хьвади рекъезабулеб чарх, ай маятникалъулаб сагӏат ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин бицуна школазда. Хӏакъикъаталдайин абуни гьединаб сагӏат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон).
Ал-Хазинил хӏакъалъулъ нилъеда гӏемераб жо лъаларо. Хӏ-ХӏI гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав гьес хъвараб «Мизанул Хӏикмат» абураб тӏехь рикӏкӏуна цӏакъго машгьураблъун. Гьесухъа бажарун буго гӏемерал веществабазул бакӏлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакӏлъи борцун букӏинчӏо. Гьесго борцун букӏана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи. Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакӏарун букӏиналъул ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъварав чи ккола Жабир бин Хӏаян (721-805). Гӏалимзабаз гьев рикӏкӏуна «химиялъул эменлъун». ХӀII гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Къутӏбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе гӏелмияб къагӏидаялъ баян кьун букӏана нур чӏеялъе букӏунеб гӏиллаялъе. Загӏипал электромагнитниял къуватазул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизеги кӏвечӏого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гӏумруялде бахъинабуна бусурманав гӏалимчи Гӏабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахӏикълъун вукӏана Нобелил премиялъул лауреат абураб цӏаралъеги.
ХИМИЯ
Жабир бин Хӏаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гӏумру гьабун рукӏарал гӏалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щал жалалицин лъалареб заманалда, гьес ран рукӏана лабораториял ва гьенир гьарурал гӏелмиял цӏех-рехаздалъун дунялалдаго цӏарги рагӏана бин Хӏаянил.
Цӏар рагӏарав химик ккола Абубакар ар-Рази (864-925), европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цӏаралда гъоркь, тӏоцебе сераялъул кис-лота ва бацӏцӏадаб спирт ургъарав чи хӏисабалда. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. Гӏарадабазе тункӏихер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана Фатихӏица (1432-1481).
ГЕОГРАФИЯ
Географиял гӏелмабазда абадияб лъалкӏ тараллъунги рехсола бусурбаби. Масала, Эвлий Челеби (1611-1682) ва ибн Батут (1304-1369) ккола дунялалдаго цӏар рагӏарал гӏалимзаби ва бицун хӏалкӏолареб гӏелмуялъул гвангъараб чирахъ наслабазе тарал чагӏи. Христофор Колумбица (1446-1506) хъвалеб буго Америкаялъул хӏакъалъулъ жинда лъанила бусурбабазул гӏалимзабаздасан. Хасго жиндие кумек кканила ибн Рушдил тӏахьазул. Масала, ал-Бируница (973-1051) Америкаялъул хӏакъалъулъ хъван буго анцӏила цоабилеб гӏасруялъул авалалдаго. Васко де Гамада Индиялде (1497-1499) нух малъарав чи ккола гамил капитанлъун вукӏарав ибн Мажит. Гьес ургъарал прибораздаса пайда босулаан европаялъулаз. Ал-Идрисица (1100-1166) 800 соналъ цебе бахъана дунялалъулго карта ва гьеб рикӏкӏуна гьанжесел картабазда цӏакъго релълъараблъун. Америкаялъул картайин абуни бахъана Пири Раисица 400 соналъ цебе. Гьесдасаги 52 соналъ цебе Кӏудияб (Средиземное) ралъдал карта ургъарав географ ккола Ибрагьим абурав бусурбанчи.
БОТАНИКА ВА ЗООЛОГИЯ
Гьоркьохъел гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав цӏар рагӏарав ботаник ва фармацевт ибн Байтӏарил (1190-1248) хӏалтӏабазулъ батула 1400 чӏахӏ-хералда цӏар ва кинал унтабазе гьел хӏажалъулелали хъван. Гьесул тӏахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ. ХӀV гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Демирица хъван буго 1069 рухӏчӏаголъиялъул хӏакъалъулъ ва гьев рикӏкӏуна зоология цебетӏезабиялъулъ бергьун кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчилъун.
ТАРИХ ВА АРХИТЕКТУРА
Философиялъул тарихалда ибн Хӏалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гӏелмуялъе кьучӏ лъурав чи хӏисабалда. Гьесул хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гӏалимзабаз гьесда абулаан «Гӏарабазул Монтескье» — йилан.
Жиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечӏев архитектураялъул гӏалимчи вукӏана Хважа Синан (1489-1588).
ХАДУРАГӏИ
Гьанир рехсарал гӏалимзабазул къадар ккола цӏакъго дагьаб. Гьелин абуни бусурбабазда гьоркьор гӏемер рукӏана. Гьезул заманалда бусурбаби рикӏкӏунаан гӏелмуялда тӏадчӏарал, жидерго ишалъе ритӏухъал гӏадамаллъун.
Гьанже нахъагицин Европаялъул гӏалимзабаз гӏажаиблъи гьабулаан гьез ургъарал ва рахъарал гӏелмиял жалазулгун лъай-хъвай гьабидал. Гьез канлъи кьунин абизе бегьула Европаялъе. Амма гьезул гӏелмиял хӏалтӏабазул кьучӏазда жидерго цӏарал машгьур гьаруралги гӏезегӏан ккана.
Бидул хьвадиялъул бицунаго, ракӏалдещвезавула Гарвей (1578-1657); планетабазул хьвади рагьаравлъун рикӏкӏуна Кеплер (1571-1630) ва Коперник (1473-1542); бокьараб жо тӏаде цӏалеб къуват ракьул букӏин Ньютоница (1642-1727) чӏезабунин малъула гьабсагӏатги; атомалъул «эменлъун» рикӏкӏуна Эйнштейн (1879-1955). Хӏакъикъаталдайин абуни гьел киналго руго рехсарал гӏалимзаби гьарилалдего бусурманал гӏалимзабаз рагьарал ва ургъарал гӏелмаби.
Доб заманалда гӏалимзабазда гьоркьоб цӏакъ машгьураб жолъун букӏун буго цоцазул гӏелму бикъи. Масала, Африкаялдаса Къунстӏантӏин (1016-1087), исламиял улкабазда медицинаялъул гӏелмабиги лъазарун вачӏана Европаялде ва гьесул «хӏалтӏаби» машгьурлъун рукӏана «Либер Пантегни» абураб цӏаралда гъоркь. 40 соналда жанир гьесул хӏалтӏаби рикӏкӏунел рукӏана кутакалда кӏвар бугеллъун. Амма Европаялдаса Стефан абурав гӏалимчияс чӏезабуна гьев «цӏогьор» кколевлъи ва гьел хӏалтӏаби 994 соналда хварав Гӏали бин Гӏабасил «Китабул Малики» абураб тӏехьалдаса хъварал рукӏин. Лъидаго рачӏел гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда баянлъана батӏи-батӏиял гӏелмаби церетӏезариялъулъ бищун кӏудияб бутӏа лъураллъун бусурманал гӏалимзаби кколеллъи. Гьебги кьучӏ гьечӏеб хабар гуро. Гьезул хӏалтӏаби гьабсагӏаталдаги цӏунун руго дунялалъул улкабазда ругел батӏи-батӏиял библиотекабазда ва гӏелмуялда тӏад хӏалтӏулезда гьеб якъингоги лъала. Масала, парангазул математик ва тарихчи Либрица (1803-1869) хъван буго гьадин: «Тарихалдаса бусурбаби нахъе рачани Европаялда гӏелму цебетӏеялъул хӏакъикъат рехсезецин нечезе руго», — ян. Бриффо абулев гӏалимчияс хъан буго: «Бусурбабаздаса гьанжесеб дунялалъе щвараб бищун кӏудияб давла ккола гьез гӏелмуялда лъураб кьучӏ», — абун. Густав Лебон мукӏурлъулев вуго Европа жагьиллъиялъулъ гъанкъулеб заманалда исламалъул тахшагьараллъун кколел рукӏарал Багъдадги Кордоваги рукӏанила халкъалъе канлъи кьолел бакӏаллъунин. Гьединал пикраби загьир гьарурал гӏалимзабазул сияхӏ цӏакъго халатаб буго ва гьел киналго гьанир рехсонги хӏалкӏоларо. Гьединлъидал, цоги нухалда абуниги, исламалъул гӏалимзаби рикӏкӏуна хӏакъикъаталдаги европаялъулазда канлъи чӏвазабураллъун.
Хӏабиб Мухӏамадов