24 июналда араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана Кӏикӏуниса лъабго гьитӏинай яс
24 июналда кӏудияб къварилъи ва бакӏаб ками ккана Хьаргаби районалъул Кӏикӏуни росдал жамагӏаталъе. Лъабго яс (цоялъул букӏана микьго сон ва кӏигоязул – анкь-анкь) рокъоса къватӏие яхъана къалъулеб гӏужалда ва, араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана.
Гьел ралагьизе къватӏиве вахъана гӏага-шагарго микьнусгогӏанасев чи. 27 июналда сангар къана Аваргӏоралдаги Чӏегӏергӏоралдаги. «Гӏорал къана, ясал ралагьизе бигьалъиялъул мурадалда. Гьел ралагьизе вахъарав чиясул къадар мухӏканго абизе кӏоларо – гӏага-шагарго азарго чи вуго. Гьел ккола Хьаргаби, Гӏаймаки, Чӏалда ва Кӏикӏуни росабазул жамагӏатал», — ан баян кьуна Хьаргаби районалъул администрациялъул пресс-хъулухъалда.
«Русгидроялъул» Дагъистаналда бугеб филиалалъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, гӏоразда лъим дагь гьабиялъул мурадалда ГЭСазул хӏалтӏул низам хисизабулеб бугилан. Гьебги гьабуна ясал ралагьулел гӏадамазе бигьалъи букӏиналъе гӏоло.
25 июналъул радалалде батана цо ясалъул жаназа. Хадусеб къоялда, къалъулеб гӏужалда батана кӏиабилебги жаназа. Лъабабилей яс жеги ялагьулей йиго…
«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ясазул эбел-инсудаги гӏагарлъиялдаги зигараги балаго, Аллагьасда гьарула кӏикӏундерил жамагӏат шапагӏат камун тогейилан.