Тираж дагьаб букӏиналъ ракӏ пашманлъизабула
Гьал къоязда къватӏибе бачӏана «Г. И. Мадиевалъул 100 сон» абураб тӏехь. Ракӏалде ккола, гьеб гьанже бачӏинги гӏадада батиларин, щайгурелъул рахьдал мацӏаздехун нилъер республикаялъул жамгӏияталъул пикру хисулеб бугелъул. Мацӏазул кӏвар, гӏолеб гӏелалъе гьезул хӏажалъи, миллияб тарих лъазе ккани, гьел гьечӏого гӏолареблъи гьанжего гьанже бичӏчӏулеб бугин ккола нилъер гӏадамаздаги.
Мунагьал чураяй Гулжагьан йикӏана гьеб суал бичӏчӏизабиялъе гӏоло гӏумру кьурай педагог. Магӏарул мацӏ, адабият цебетӏей, мацӏалъул диалектал лъазари, рахьдал мацӏалъул грамматика мухӏкан гьаби – гьел рукӏана Г. Мадиевалъ церелъурал масъалаби.
Гьелъ хъварал цӏалул тӏахьаз, хӏалтӏабаз бечед гьабуна нилъер мацӏалъул тарих. Гьелъухъ нилъеца ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе мустахӏикъай йиго магӏарул намусги къадруги цӏунун гӏумру гьабурай Гулжагьан.
Студенталлъун рукӏаго рагӏараб гьелъул сабураб кӏалъай гьанжеги букӏуна гӏинда багъулеб. Киназго абулаан гьелъул хӏакъалъулъ лъикӏай, гъваридаб лъаялъул, гьунар бугей, гӏадатияй гӏадан йигилан. Гьелъ гӏумруялъул ва цӏалулгун гӏелмуялъул дарсал кьуна нус-нус магӏарул васазеги ясазеги.
Тӏехьалъул авторал Муслимат Мадиевалъ ва Марин Шагьовалъ хӏаракат бахъун буго гьелъул гӏумруялъул ва гӏелмиябгун педагогикияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ бечедал баянал ракӏаризе, гьелъ гӏумруялда ва гӏелмуялда жаниб кколеб унго-унгояб бакӏ бихьизабизе.
Тӏехь бечед гьабун буго гӏагарлъигун, гӏумруялъул гьудулзабигун цадахъ рахъа-рал батӏи-батӏиял суратазги ракӏалде-щвеязги.
Квеш ккараб жо буго 100 гурони тӏехь къватӏибе биччан гьечӏолъи. Узухъда, лъикӏаб букӏинаан магӏарул миллатги, мацӏги, цӏарги бокьулезухъе гьеб щвезе рес букӏарабани.
Зикрула Илясов