4 000 000 долларалъул багьаяб номер

Бищун багьаяб реклама

Духи Chanel N. 5 рикӏкӏуна дунялалда бищунго машгьураб махӏ бугеблъун. Гьелда рекъараб къваригӏинарищха рекламаги. Гьединлъидал гьелъул хӏакъалъулъ ункъо минуталъ бахъараб рекламаялъулаб фильм бищун хираго чӏараблъунги рикӏкӏуна. Гьеб бахана 44 миллион долларалде, ай клипалъул щибаб минуталъул багьа бащалъана 11 миллион долларалда. Духиялъе реклама гьабурай актриса Николь Кидмание гонорар хӏисабалда кьуна ункъо миллион доллар.

Бищун чӏахӏиял гӏундул

Бищун чӏахӏиял гӏундул ругеблъун рикӏкӏуна Африкаялъул пил. Гьелъул гӏундузул халалъи 1,5 метралда бащалъула. Амма гьеб ккола гьелъул чорхол ункъил бутӏа. Гьениб чемпионлъун рикӏкӏуна гӏундул халатаб тушканчик. Гьелъул гӏундузул халалъи бащалъула жиндирго черхалда.

Бищун къокъав баскетболист

НБАялда хӏалел гӏемерисел баскетболистал борхатаб черхалъул рукӏуна. Хӏикмалъилъун рикӏкӏуна гьезда гъорлъе гьоркьохъеб ва къокъаб черхалъул чи ккей. Гьедин, 80-90-абилел соназда хӏаязда гӏахьаллъулаан 160 см борхалъиялъул бугев Маггси Богз. Жакъа къоялда дунялалда бищун къокъав профессионалияв баскетболист ккола Эрл Бойкинс. Гьев хӏала «Вашингтон Уизардз» командаялда ва гьесул чорхол борхалъи буго 165 см.

Бищун халатаб рагӏи

Гиннессил рекордазул тӏехьалде ракӏарун руго батӏи-батӏиял мацӏазда абулел бищунго халатал рагӏаби. 1993 соналда гьенибе босараб бищун халатаб рагӏилъун рикӏкӏунаан «рентгеноэлектрокардиографического» абулеб гӏурус рагӏи. Гьеб гӏуцӏун буго 33 хӏарпалдаса. 2003 соналда гьеб хисана «превысокомногорассмотрительствующий» абулеб, 35 хӏарпалдасан гӏуцӏараб рагӏиялъ.

Лъаларо кинал тӏалабаздалъун гьел рагӏаби Гиннессил тӏехьалде росаралали, гӏурус мацӏалъул тӏалабазда рекъон, гӏуцӏизе бегьула бокьараб халалъиялъул рагӏаби. Масала, химикиял цолъабазул цӏарал: никотинамидадениндинуклеотидфосфатгидрин (40 хӏарп) ва тетрагидропиранилциклопентилтетрагидропиридопиридиновый (55 хӏарп) яги кӏодолъи-гьитӏинлъиялъул бицунеб — тысяча девятьсот восьмидесяти девятимиллиметровый (46 хӏарп).

Бищун хирияб хӏан

Дунялалда бищунго хирияблъун рикӏкӏуна сербазул Zasavica абулеб компаниялъул хӏан. Гьеб гьабула хӏамил рахьдал ва гьелъул цо килодул багьа ккола 1000 евро. Хӏанил цо кило гьабизе хӏажалъула хӏамил 25 литр рахьдал, гьедигӏанасеб рахь хӏамидаса бечӏчӏула тӏубараб лъагӏалида жаниб. Хӏамил рахь рикӏкӏуна инсанасул тӏом берцин гьабулеблъун. Аби буго, Египеталъул хан Клеопатраца хӏамил рахь жиндиего ваннаби гьаризе хӏалтӏизабулеб букӏанинги.

Бищун багьаяб номер

Гӏараб Эмиратазда тӏоритӏула машинабазул чӏухӏарал номерал ричиялъул аукционал. 2007 соналда гьеб аукционалда щун букӏана 136 миллион доллар. Бищунго багьаяб номер «1» бичун буго Абу-Даби шагьаралдаса Сагӏид Гӏабдул Гъаффар Хоерие 14 000 000 долларалде.

Бищун чӏедераб мина

Польшаялъул архитектор Якуб Щесныл цо нухалъ бер речӏчӏана гӏемертӏалаяб кӏиго минаялда гьоркьоб бугеб къваридаб бакӏалда. Гьесул пикру ккана гьениб рукъ баялъе проект бахъизе. Дунялалда бищунго чӏедераб мина бана 2012 соналда, гьелъул гӏеблъи ккола 1,5 метр. Гьениб буго гьалбадерил рукъ, регулеб рукъ, богорукъ ва хӏамам.

Дандегьаруна Нури Нуриевас