Кванидаги лъедаги бараб гӏемер букӏуна
Химия гъорлъ гьечӏеб нигӏмат жакъа къанагӏат гурони дандчӏваларо
Къоло хадуб сон буго Буйнакск шагьаралда бугеб диагностикияб централъул нухмалъулевлъун тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Шамил районалъул Могьохъ росулъа Батир-Ахӏмад Гӏумаров хӏалтӏулелдаса. Централъул хӏалтӏулги, унтаразе гьабулеб хъулухъалъулги, цогидалъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари гьабуна Батир-Ахӏмадилгун.
12 районалъе хъулухъ гьабула
— Дуца нухмалъи гьабулеб централъ Буйнакск шагьаралъул ва районалъул гӏадамазе гурони хъулухъ гьабулищ?
— Гьедин гьабулеб букӏана 1997 соналда дун бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏизе вачӏараб мехалда. Буйнакск шагьаралъул диагностикияб центрги букӏана республикаялъул диагностикияб централъул филиаллъун. 2007 соналда гьеб жибго жиндаго чӏараб ва районазда гьоркьосеблъун гьабуна. Республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна анцӏила кӏиго мугӏрузул район.
— Централъул бетӏерав тохтурлъун вачӏинегӏан кив мун хӏалтӏарав, медицинаялъул хӏалтӏул хӏалбихьи кисан байбихьараб?
— 1987 соналда Дагъмединститут лъугӏун хадуб лъабго соналъ хӏалтӏана Буйнакск шагьаралъул централияб больницаялда тохтур-функционалистлъун. Гьенисан витӏана Шамил районалде, Госсанэпиднадзоралъул централде бетӏерав санитарияв тохтурлъун. Анкьго соналъ гьенив хӏалтӏун хадув вачана гьаб хъулухъалде.
Цо къоялда жаниб – 300 унтарав
— Чан хӏалтӏухъан вугев централда, гьезие хӏалтӏизе ресал ва санагӏалъаби чӏезарун ругищ?
— Лъабкъоялда микьго чи вуго нижер коллективалда. Хӏисаб гьабеха, нижеда рухьинарурал районазда гӏумру гьабулеб халкъалъул къадар бахуна бащдаб миллионалде. Центр буго щутӏалаяб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда. Унтарал къабул гьаризе бакӏ гӏоларого, хӏалкъаялъ, рентгеналъул отделение ва консультациялъулаб поликлиника рагьун буго централда мадугьалихъ ругел минабахъ ижараялъе росарал рукъзабахъ.
— Централъе цогидаб бакӏ тӏалаб гьабун ялъуни цӏияб бакӏалда базе ккеялъул суал лъечӏищ министерствоялда цебе?
— Чанго нухалъ гӏарз бахъана республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялде. Гӏарац гьечӏин, рес гьечӏин кьола жаваб. Буйнакск шагьаралъул ва районалъул администрациязда кумек гьарани, гьезги тӏаса ккезарула диагностикияб центр районазда гьоркьосеб бугин, жидеца кумек гьабизе кколаринги абун. Хӏалтӏул хӏалуцин букӏиналъул цо мисал рехселин. Центр жаниб хӏебтӏун бугеб минаялъул гӏатӏилъиялда рекъон, цо къоялъ нижеца къабул гьавизе ккола кӏикъоялда анцӏила анлъго чи. Хӏакъикъаталдайин абуни къабул гьавула лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун унтарав. Мисалалъе, свакан ругилан, планалда рекъон тӏокӏав чи къабул гьавизе гьечӏилан кин къалел нуцӏби чанго сагӏат нухдаги бан Цӏунтӏаса ялъуни Лъаратӏаса, Цӏумадаса вачӏарав унтарасда цере.
Хӏажатабщинаб буго
— Медицинаялъул алатаздалъун, аппаратаздалъун хьезариялъул рахъалъ централъул иш кин бугеб?
— Гьеб рахъалъ централда буго гьанжезаманалъул кинабго цӏияб, функционалияб диагностикияб аппаратура, УЗИ, ФД, эндоскопия, рентген-лаборатория, ультразвукалъулаб компьютералъулаб томограф, МРТ ва цогидабги. Нижер буго хасаб консультациялъулаб поликлиникаги. Гьез унтарасул бугеб къварилъиялъухъ балагьун витӏула кколев тохтурасухъе. Инсанасул кинабго унтул цӏех-рех гьабула нижер гьаниб – кванирукъалъул, бакьазул, рекӏел, рекӏел машабазул, ботӏрол, чӏахӏиял нервабазул ва гь.ц.
Лъималазе хас гьабураб гьечӏониги, эбел-инсуца рачун цӏех-рех гьабизе лъимал рачӏин гӏемерлъидал, нижеца централда рагьана лъагӏел баралдаса анцӏила анлъго сон балел лъимал къабул гьаризе хасаб УЗИ-кабинет.
— Цӏех-рехги гьабун, тӏатинабуна гӏузру, хадуб щибха гьабулеб?
— Чӏезабураб унтиги бихьизабун, централде рачӏарал ритӏула гьел нижехъе ритӏарал районазул поликлиникабазде. Нахъбахъун тезе бегьулареб гӏузру, унти, хехго операция гьабизе кколел гӏадал чагӏи ритӏула больницабазде.
— Централде рачӏунезе щиб хӏажалъулеб?
— Тӏоцебесеб иргаялда, направление, паспорт, медицинаялъулаб полис.
— Направление гьечӏого цӏех-рех гьабизе унтарав вачӏани…
— Гьевги нижеца къабул гьавула, амма гӏарцухъ гьабула медицинаялъулаб хъулухъ. Щибаб цӏех-рехалъухъ чӏезабураб багьа буго, гьелда рекъон централъул кассаялде гӏарац кьезе ккола ва киназдаго бащад гьесие гьабизе кколеб хъулухъги гьабула. Гьел багьабиги анцӏила ункъо соналъ цере рукӏаралдаса тӏаде рахинаричӏо. Нилъер гӏадамазул кӏудиял ресал гьечӏолъиги хасго магӏарухъ ругезул яшавги хӏисабалде босун.
— Централъул нухмалъулев хӏисабалда, коллективалъул хӏалтӏудаса рази вугищ мун?
— Вуго, щай абуни, гьанир хӏалтӏулел руго ишалде рокьи бугел, ракӏбацӏцӏадал, унтарасул унти, гӏузру жидерго гӏадин къабул гьабулел медицинаялъул хӏалтӏухъаби. Батӏайиса пикру бугев чи нижер гьанив хӏалтӏуларо. Баркалаялъе мустахӏикъал киназулго дица цӏарал рехсани, халалъила. Амма чанго соналъ централда хӏалтӏулел, коллективалъул намусилан дица рикӏкӏунел чангоязул цӏарал абила. Гьел ккола УЗИ-тохтурзаби – Гульнара Айболатова, Патӏимат Элдарбегова, эндоскопист Шарапудин Салаватов, терапевт Мухӏамад Хӏайбулаев.
Квенги, лъимги, хьвада-чӏвадиги
— Гьанже чӏахӏияб гӏелалъул гӏадамаз, гӏалимзабаз ва гӏадатиял чагӏаз абулеб буго цебе гьанжегӏан гӏемер унтаралги унтабиги рукӏинчӏилан. Тохтур хӏисабалда, гьеб рахъалъ дуца щиб абилеб?
— Гьаб хехаб информациялъул
гӏасруялъ гӏадамазул рукӏа-рахъиналда, психологиялда асар гьабичӏого толаро, ай чиясул нервабазе, ракӏалъе къабуллъуларел гӏемерал сверухъ лъугьунел ругел ишазги чорхое лъикӏаб асар гьабулеб гьечӏолъи ва гьел гурелги цогидал заманалъул «сайгъатал» гӏемерлъулел руго. Гӏумру цебетӏунагӏан, рес бугеллъун лъугьанагӏан, гӏадамазул хьвада-чӏвади, квана-гьекъей хисулеб буго. Кӏиабилеб гьаваги, ай экология буго чорок гьабулеб. Инсанасе бищун хӏажалъулеб жо буго лъим. Киб бугеб гьанже бацӏцӏадаб лъим? Магӏарухъ иццухъа бачӏаралдаса ралъдахъе щвезегӏан лъим чорок гьабулеб буго. Гьеб лъим нилъецаги гьекъолеб буго.
Кванилъ киса-кибего буго химия. Жакъа тукабазде бачӏунеб ханжу, бекьаралдаса тукаде щвезегӏан, химиялъул цӏолеб буго. Гьединго химия гъорлъ бугел руго цогидал нигӏматалги… Квандаги гьекъолеб лъедаги бараб гӏемераб букӏуна.
— Гӏадамазул гӏарзал рукӏуна цо-цо сахлъизариялъул идарабазда тохтурзабаз гӏарац тӏалаб гьабулин…
— Бичӏчӏана. Дун централъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулеб къого соналда жаниб нижер хӏалтӏухъабаздасан цониги чи гӏарзалъ вачӏинчӏо. Нижер гьаниб хӏалтӏухъабазе гӏураб харж чӏезабунги буго. Гьеб гуребги, щивав медициная-лъул хӏалтӏухъанасда, кагътида гъолбасги гьабун, кьварун лъазабун буго гьединаб хӏужа батани, я махӏ чӏвани, гьебго къоялъ хӏалтӏудаса ине вугеблъи.
Гара-чвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.