Магӏарул кучӏдузул чвахи
Хадижат Жамалудиновалъул хӏасратал сариназухъ гӏенеккулелъул…
— Гӏела хабар бицараб. Гьанже цо дихъги гӏенекке. Гьабсагӏаталда нужехъе гьоболлъухъ ячӏине йиго кочӏохъан Манарша Дибирова. Хӏадурлъе концерталъухъ гӏенеккизе. Белталги учузаб багьаялде ричизе руго дица.
Гьедин байбихьулаан гьитӏинай Хадижатица гьоболлъухъ рачӏаразеги, гӏага-божаразеги, хъизамалъеги кучӏдул ахӏизе. Кодоб тӏилил гьабураб «микрофонги» ккун, жий Манарша йигиланги абун, ахӏулаан гьелъ кучӏдул. Зама-заманалдаса мадугьалзабиги щолаан гьезухъе, Манаршахъ гӏенеккизе рилълъаниланги абун. Гьедин тӏамуна Хадижатица магӏарул кочӏолаб дунялалде тӏоцересел галаби. Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал…
Магӏарул кечӏги Хадижатги
Лъугӏана гӏагараб росдал школа. Хадижат цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, музыкалияб училищеялде. Гьениб байбихьана кочӏохъаналъул пагьму тӏегьазе. Гьенисан рагӏана магӏарулазда гӏолохъанай кочӏохъан Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь — магӏарул шагӏир Залпа Мухӏамадрасуловалъул рагӏабазда гьелъ ахӏана «Дица мун дихъего ахӏизе гьечӏо» абураб кечӏ.
Жиндир пагьму-гьунар тӏатиналъе кумек гьабунин композитор Ахӏмад Гӏамирхановасилан бицана Хадижатица. Кечӏ ахӏизе гӏолилалъул бугеб гьунаралъул бицунев рагӏарав гьев щола училищеялда ва лъай-хъвай гьабула кочӏохъаналъулгун. Цинги лъагӏалидасан лъай-хъвай ккана Залпалгунги. Училищеялда цӏалулеб заманалда, чанги цее яхъана Хадижат жиндирго кечӏгун. Магӏарул музыкалияб маданияталде жиндирго тарихгун, хаслъигун, цӏаргун, цӏвагун, магӏарул кочӏолъ инкъилабги гьабулаго, ячӏана Хадижат.
Ватӏаналъухъ ккараб гӏищкъудал цӏадухъ
Инсанасе къисматалъ хӏадур гьарун ратула жиндирго хасал сайгъаталги. Мутӏигӏлъана гьелъие Хадижатги. Гӏолилалъ къо-мех лъикӏ гьабуна гӏагарал мугӏрузулгунги, хӏасратаб Дагъистаналъулгунги,
жиндир кочӏохъ рокьи ккарал магӏарулазулгунги. Иорданиялда бараб микьго соналъ гьелъул рекӏелъ гьелегьана ватӏаналде бугеб гӏищкъул цӏа. Гьеб цӏаялъ бицунаан гьелъие гӏагарал мугӏрузул къиса, гьеб цӏагун цадахъ ахӏана гьелъ нусабго лага сорозабулел магӏарул кучӏдул. Гьеб цӏадул цӏураб каранлъ тӏегьана ватӏаналъул саринал. Ватӏаналдаса рикӏкӏад йикӏаниги, гьелъул анищал роржунаан магӏарухъе. Пашманлъиялъул пикрабаз угьарал сариназул салам битӏулаан гьелъ жиндирго лъимерлъи араб гӏагараб росулъеги, Махӏачхъалаялъул музыкалияб училищеялдеги, гьудул-гьалмагъзабаздеги, гӏага-божараздеги. Доб гӏищкъудал цӏадул куркьбазда сордойил щолаан гьей гӏагараб Дагъистаналде. Рикӏкӏалъанагӏан, хиралъулел рукӏана магӏарулазе Хадижатги гьелъул кечӏги…
Хӏасратай кочӏохъан
Ва цӏидасанги Дагъистаналда рагӏана Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь. Гьеб рокьул дандерижилъун боржана магӏаруллъиялда тӏад. Гьенир бищунго рорхатал мугӏрузул тӏогьазда тӏавапги гьабулаго, гьелъ рещтӏен гьабуна магӏарулазул ракӏазулъ. Кочӏохъаналъ гьезие бицана магӏарул бахӏарчияб тарихалъулги, гьеб тарих бидуца хъварал бахӏарчиял васазулги, ясазулги, ахӏана гьелъ мугӏрул намусалъулги, гьелда тӏанкӏ лъезегӏан, хвел тӏаса бищарал гӏолилазулги. Хадижатица рокьул ахӏулелъул, гьеб асаралъул асирлъуда ругезул ракӏазулъ биги гьелегьуна, рокьуца ругъун лъуразда цебе цӏидасан рещтӏуна хӏайранаб сипатги, гьелъ талихӏ сайгъат гьабуразул ракӏазулъ цоги нухалда гьулчула гӏищкъул карачелги, цо-цояз цӏидасанги хӏалбихьула цоги нухалда гьелде данде лъедезе. Хӏасратай кочӏохъаналъ жиндирго цӏар хъвала нилъер щивасул къисматалда. Ва нилъ цӏидасанги тӏадруссуна Хадижат Жамалудиновалъул сариназул гъасде. Гьенирги нилъ дандчӏвала нилъерго къисматгун. Цоязе гьеб гьимула, цогиязе угьдула, лъабабилезе белъула, ункъабилел рихьун, гӏодула. Миллат бичаразда ццинги гьелъул, гьелъул тӏадегӏанлъи цӏунарал тӏадегӏанлъиялдеги рачуна гьелъул сариназ. Гьеле гьединаб буго хӏасратай кочӏохъаналъул пагьму- гьунаралъул балъгояб къуват. Гьелъул «Рокьул хӏанчӏил» куркьбаздаги рекӏун, чанги гӏолилас сапар бухьун батила жиндирго рокьул хӏикматаб улкаялде. Гьенире, Хадижатил кочӏол кьолонирги рекӏун, сапар бухьуна ботӏрода саву ккарал херазги. Гьел цо лахӏзаталъ сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏола жидерго ракӏазул кӏутӏиялъухъ. Рекӏел тӏиндасан, гьелъул гъварилъудасан угьдилаго-гӏодулаго, яги талихӏалъул цӏадлъун щенолаго, тӏадбуссуна рокьи. Рокьуца гуккаралги, гьелъ къисматалда талихӏ угьаралги, жеги гьелъ асирлъуде росаралги данделъула Хадижатицаги Хӏамзаласги Залму Батировалъул рагӏабазда ахӏулеб «Мун рокьуда ватанищ?» абураб кочӏол горсверуда.
Миллияб маданияталъул чӏухӏи
Хадижатил щибаб концерт байбихьула магӏарул халкъиял кучӏдуздаса. Кӏутӏулаго жергъенгун, гьей цее ячӏиндал, гӏажаибаб сихӏкъотӏи лъугьуна залалда. Гьел лахӏзатаз гӏенеккаразда цебе рещтӏунеб батила магӏаруллъиялъул берцинаб сипат-сурат — щибаб росуги, росдал годекӏанги, годекӏабахъ гӏодор чӏарал, «институтал цӏалун лъугӏичӏониги, цӏвабзазул мацӏ лъалел» харабиги, гьезул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккарал гӏолилалги. Имам Шамилги, Хӏажимурадги, жакъасеб заманалда миллаталъул чӏухӏилъун кколел бахӏарчиял, мугӏрузул тӏогьазда цӏарал хъварал тӏадегӏанал васалги — гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицуна нилъее Хадижатил кечӏалъ. Кочӏохъаналъул щибаб концертги лъугӏула Мухӏамад Хӏамзаевасул «Цӏуне, Аллагь, Дагъистан» абураб кочӏодалъун. Тӏадегӏанасде хитӏабги гьабулаго, гьелъ дагъистаниял ахӏулел руго гӏагараб ракьалъул рацӏцӏалъиги, борхалъиги, тӏадегӏанлъиги цӏунизе, гьеб кинабго, нилъехъе умумуз кьурабго гӏадин, нилъецаги хадусел наслабазухъе цӏунизе кьезе.
Хадижатил кучӏдузулъ Расулил асаразул кунчӏи
Исана кӏудияв шагӏир гьавуралдаса 95 сон тӏубаялъул юбилеялда цебе, бокьун буго Хадижатил кучӏдузе гьесул асараз кьураб цӏаялъул хӏакъалъулъги цо-кӏиго рагӏи абизе.
Рекӏее хӏикматаб асар гьабула «Патӏиматил камиллъи, как балей йигеб мехалъ» абураб кечӏалъ. Амма гьеб рохел циндаго хисула шагӏирас гӏумруялъулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб лахӏзаталъ. Гӏенеккаразул черхалда сири балеб хӏасратаб гьаракьалъ халкъияй кочӏохъаналъ «Дида тӏасалъугьа, тӏерхьун унеб бакъ», — илан ахӏулелъул, цеве вачӏуна херлъарав шагӏир. Гьес Аллагьасдаги гӏагараб миллаталдаги гьарулеб буго илбис гьоркьобе лъугьун хъварал цо-цо асараздаса тӏасалъугьайилан. Хадижатил кучӏдузулъ даим чӏаго вукӏине вуго машгьурав шагӏир. Гьесул рукӏана хас гьарун Хадижатие хъварал кучӏдулги. Гьев живгоги хутӏана гьелъул кучӏдузул асирлъун. Расул Хӏамзатовасул рагӏабазда Хадижат Жамалудиновалъ ахӏулел кучӏдуз хасаб бечелъи кьун буго магӏарул адабияталъеги маданияталъеги. Расулил рагӏабазда гьелъ кечӏ ахӏулелъул, цогидал миллатазул гӏадамазги магӏу бацӏцӏуна. Рагӏаби ричӏчӏичӏониги, гьезда шагӏирасул рекӏел хӏалалъул бицуна кочӏохъаналъ. Гьелъулъ гурищ бугеб кочӏол къуватги- инсанасул рекӏеда кӏутӏун бажари.
Ахӏулеб буго
Хадижат Жамалудиновалъ
Гьале дида цере Дагъистаналъул халкъияй кочӏохъан, магӏарул кочӏол дунялалде жиндирго хаслъигун ячӏарай Хадижат Жамалудиновалъул церегосел концертазул кассетаби ва дискал. Дида цее йиго халатаб гъалалъул гӏолилай. Гьале магӏаруллъи. Тӏогьол цӏураб расалъиялда, тӏолабго магӏаруллъи машгъуллъулеб хӏалалда гьаракьги биччан, гьанжего гьанже кочӏол дунялалде галаби тӏамулей магӏарулалда лъалеб букӏун батиларо магӏарул жакъасеб кечӏ-бакъаналъул къираллъун жий яхъине йикӏин. Умумузул аби гьечӏищха цо пагьму бугесул пагьму-гьунар сундулъго букӏунилан. Гьединай йиго нилъер Хадижатги. Магӏарул театралъул сценаялдасанги бихьизабуна гьелъ жиндирго гьунар. Киноялда ролалги хӏана гьелъ. Масала, Расул Хӏамзатовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб «Исповедь» киноялда гьелъ хӏана шагӏирасул эбел Хъандулалъул роль. Гьабсагӏаталда Москваялъул кинокомпаниялъ бахъулеб бугеб «Ахӏулгохӏ» киноялда гьелъ хӏалеб буго Гӏуммаханасул яцалъул роль. Хадижатица лъугӏизабуна Москваялда ГИТИСАлъул режиссерасул факультетги.
Тӏоцебесеб лъай-хъвай
Некӏогоялдаса бокьун букӏана кочӏохъаналъулгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рекӏелъе лъугьунеб цӏар лъезего лъалареб хӏинкъиялъ квалквал гьабулеб букӏана — киндай дун, гӏадатияй гӏадан, халкъияй кочӏохъаналъ къабул гьайилейилан абураб пикруялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Дун мекъи кколей ятана. Гьей ятана цӏакъго гӏадатияй. Каламги гӏадатияб букӏана гьелъул. Хадижатил пикругицин батичӏо жий лъидаса йигониги тӏокӏай йигин абураб.
— Дун йиго халкъалъул кочӏохъан, ва дица хъулухъуги гьабулеб буго гӏагараб миллаталъе, — йилан абулеб магӏнаги букӏана гьелъул гара-чӏвариялъул. Халкъияй кочӏохъаналъулго букӏараб дандчӏваялдаса хадуб, дихъе цӏидасанги тӏадюссана Хадижат. Ва дида цӏидасанги рагӏулеб буго «Ахӏулеб буго Хадижат Жамалудиновалъ», — илан абулеб лъазаби.
Шамай Хъазанбиева