Мацӏ лъаларел нугӏзал

Чӏалда росулъ даргиязул хабалазул хӏакъикъат

Гьанжеялдаса гӏемерал соназ цебе, дун гӏолохъанчи вугеб мехалда, Чӏалда росдал годекӏаниб рагӏун букӏана хабалазул гъоркьияб бакъбаккул рахъалдехун ругин Микӏкӏихӏариб росулъа гӏадамал рукъарал хобалилан бицунеб. Доб мехалъ лъикӏго халгьабуни, гьел хабалалъ эхетарал заназул бащдалдасаги цӏикӏкӏарал ратӏарахъизеги лъалаан, узданго, цокӏалго, цо кьерда, цо къоялъ рукъарал гӏадамазул къаданир чӏварал гӏадин рихьулел рукӏиналъ. Гьанже нусиялда кӏикъоялда анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сонал рарал ганчӏил къанал додинго хисичӏого хутӏун гьечӏониги; гьел цогидазда релълъинчӏел рукӏин лъалеб хӏалалда руго.

Жидерго цересел умумуздаса нижер росдал харабазда гьоркьоб микӏкӏихӏдерил хобал ругин бицен хутӏун букӏин гурони, лъицаниги, ургъел гьабун, гьикъулеб букӏинчӏо кин гьел магӏарухъе рачӏаралали, щай гьезул хобал гьоцӏдерил жамагӏаталъул гьитӏинабго Чӏалда росулъ ругелали. Щиб лъалеб, совет хӏукуматалъул заманалда гьикъизе хӏинкъулел рукӏун ратизеги бегьула.

Амма дир рекӏелъа кинго унеб букӏинчӏо гьеб суал. Гьединлъидал дица гьикъана нижер росдал школалъул мугӏалим ва гӏагараб ракьа-лъул тарих лъазабиялъул хӏаракатчи Гӏабдурахӏманов Мусада гьел хобазул хӏакъалъулъ. Гьес бицана жинцаги гьединабго суал кьун букӏанин араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназ-

да нусго сон барай кӏодо Гӏабидатие. Гьелъги бицун букӏанила гьел хобал микӏкӏихӏдерил рукӏин хӏакъаб бугин, амма гьел нилъер гьанир рукӏиналъе гӏилла щибали жиндаги лъаларин.

Доб заманалда гӏемерал цогидазги кьолароан Кавказалъулаб рагъул хӏакъалъулъ суалал. Гьелдаса хадур чӏахӏиял хиса-басиял ккана дунялалда, гьездаго рекъон дагъистаниязул гӏакълу-пикруялъулъги. 1877 соналда къокъаб шаригӏаталъул заманалда гурхӏел гьечӏого рухӏана дандечӏеялъулъ аслияллъун рукӏарал Сугъралъ ва цогидалги росаби. Рукӏана Дунялалъулал рагъал, ккана Россиялда инкъилаб, чанго соналъ Россиялдаги Дагъистаналдаги халатбахъана граждан рагь.

Гьанже рачӏинин «микӏкӏихӏдерил хабалазул» бициналде. Гьелъул

хӏакъалъулъ дица бицун букӏана Махӏачхъалаялдаса дир мадугьал Микӏкӏихӏариса Руслан Асланбеговасда. Гьесги гьебго росулъа машгьурав гӏалимчи Айгумов Айгумида бицун, гьел Чӏалде рачӏана, хабалазде щвана, харабазухъ гӏенеккана.

Микӏкӏихӏдерил харабазул биценазда рекъон, Кавказалъулаб рагъул, ни-лъер кӏалдиб ругьунаб къагӏидаялъ абуни, Шамилил заманалда жидерго ракь гӏурусазул аскараздаса цӏунун гъазаваталда рагьулел рукӏарал магӏарулазе кумекалъе Микӏкӏихӏариб жамагӏаталъул росабалъа ун вукӏун вуго 150-200 гӏолохъанчи. Шурагьисахун Гьоцӏалъе рачӏунаго нухда батулеб Чӏалда росулъ кутакаб рагъ ккун буго гӏурус аскаразул рагъухъабаздаги гьоцӏдеридаги гьоркьоб. Гьениб бахӏарчияб гӏахьаллъи гьабун буго микӏкӏихӏдерил багьадурзабазги. Гьеб ращалъи гьечӏеб ра-гъулъ гӏемерисел гъазизаби шагьидлъун руго. Гьездаго цадахъ шагьидлъарал микӏкӏихӏги рукъун руго Чӏалда росдада аскӏор хабалалъ. Пачаясул чиновникзабазул ва гьезул рачӏчӏаллъун лъугьарал чукъбузул хадурчӏеялдаса хӏинкъун, гьедин шагьидлъаразул гӏагарал чагӏаз бицунеб букӏун гьечӏо Чӏалда росулъ рукъун ругел бахӏарзазул хӏакъалъулъ.

(Багӏарал партизаназул квердасан 1921 соналда Гӏахьвахъ района-лъул Местӏерухъ росулъ гӏумруялдаса ватӏалъарав дир имгӏал вукъараб бакӏ батараб мехалъ, 90-ялдаса цӏикӏкӏун сон барай гьесул ясалъ, совет хӏукумат биххун хадусеб заманалдагицин абуна дида гьелъул хӏакъалъулъ бицун лъикӏ гурилан).

Анцӏила микьабилеб гӏасруялда, Кавказалъулаб рагъул заманалда, Россиялъулгун ракълида ругел жамагӏатазе гӏарац биччалаан имамзабазул бетӏерлъиялда халкъиябгун эркенлъиялъе гӏоло къеркьеялъулъ гӏахьаллъи гьабулел гӏадамал ралагьиялъе харж гьабизе.

Имам Хӏамзатбег чӏван хадуб, хӏакъикъаталдаги, пачаясул аскараз Авариялде рагъулаб сапар гьабуна. Гьаниб Чӏалда росулъ тӏубараб анкьалъ халатбахъана магӏарул халкъалъул гъазизабазул бодулаздаги пачаясул аскаразул рагъухъабаздагун гьезул рахъккураздаги гьоркьоб рагъ. Гьоцӏалъе нух къан рагъулел рукӏарал киналго, цо рагъухъан хутӏичӏого, шагьидлъана. Амма пачаясул аскариял Чӏалдасан Гьоцӏалъе рорчӏичӏо, Гӏортӏаколосан Авар Гъойсу гӏоралда тӏасан кьоялги гьарун, гьениса ине ккана церехун. Гьелдаса хадуб къисасалъе гӏурус аскаралъ бухӏана Кӏудияб ва Гьитӏинаб Гьоцӏалъ росаби ва киналго ахал, гӏемерал гӏадамалги чӏвана гьенир.

Цогидаб пикруялда рекъон, 1839 соналъул августалда Ахӏулгохӏда гъазаваталда ругел бахӏарзазе кумекалъе унел рукӏарал Микӏкӏихӏариса муридзаби, Чӏалда росулъ гъоркьчӏалида тӏаде ккун, киналго, цо чи хутӏичӏого, шагьидлъун руго ва чӏелдерил хабалалъ рукъун руго.

Кинаб битӏарабали Тӏадегӏанав Аллагьасда лъикӏ лъала, амма микӏкӏихӏ гьел хабалазул бакъбаккул рахъалдехун рукъун рукӏин хӏакъаб буго. Гьединлъидал бокьилаан халкъалъул рекӏелъ гьезул бахӏарчилъи абадияблъун хутӏиялъул мурадалда, ракӏалдещвеялъулаб гӏаламатлъун Чӏалда росдал хабалалъ борхатаб зани — памятник эхетизе.

«Имам Шамилил бетӏерлъиялда гъоркь Дагъистаналда ва Чачаналда халкъиябгун эркенлъиялъе гӏоло къеркьей» (Документазул можмуг!).

Автор: Хӏажиев Владлен Хӏадисович, 2005 сон.

Документ № 230

Югалъулаб Дагъистаналда аскаразул командующий генерал-майор М. З. Аргутинский-Долгорукиясул рахъалдасан майор Олениние гьесде божилъи гьабураб Даргиязул Округалъе бетӏерлъи гьабиялъул рахъалъ Бихьизаби 1844 с. 4 ноябрь.

Гӏахъуша, Цӏадахӏариб, Усиша, Мохӏоб; Микӏкӏихӏариб гӏадинал гӏисинал жамагӏатал гьоркьоре унеб Даргъо жамгӏияталъе кьолеб буго Даргиязул Округ абураб цӏар.

Гьелъие бетӏерлъи гьабизе тӏамулев вуго Мун. Дур тӏадегӏанлъи тӏаса унгеяв, гьединлъидал лъазабулеб буго Мун нахъбахъичӏого ине кколин Гӏахъушиве, гьениб букӏине бугин дур чӏей ва гьениса бетӏерлъи гьабизе кколин округалъе…

Дуе гьенир загьирлъани жидер хьвада-чӏвадиялдалъун, фанатикиял, бокьухъе гурони чӏеларин лъугьиналъул ва тушманлъиялъул къагӏидабаздалъун ва ишаздалъун округалда гӏодобиччай букӏиналъе квекӏен гьабулел чагӏи, Дуца хӏаракат бахъе гьез жаниб гӏумру гьабулеб росдал гӏадамаз жидецаго гьел, жамгӏияталъул рахӏат-хӏалхьи хвезабулел гӏадамал ругин абун, Духъе кверде кьеялъе, цинги Дуца гьел дихъе ритӏе…

(гьум. 324).

РГИА. Ф. 1268. Оп. 1. Д.669.Л. 19-25. Копия.

Гӏусман Сурхаев,

Хьаргаби район, Чӏалда росу