Пенсиязул реформа: дагӏба-рагӏи, бахӏсал ва пикраби
Пенсиялъул реформа гьабизе бугин бицаралдаса нахъе лъугӏулел гьечӏо бахӏсал. Абулеб буго, 63 сон бараб мехалда ихтияр кьезе бугин руччабазе пенсиялде ине ва бихьиназе – 65 сон бараб мехалда. Гьедин гьабиялъе гӏиллалъун рехсолеб буго кватӏичӏого хӏалтӏулелги пенсиялде аралги россиялъулазул къадар бащалъизехъин букӏин. Гьебмехалда пенсионеразе щибаб моцӏалъ кьолеб пенсиялъул роцен дагьлъизабизе кколеб бугин абулеб буго реформатораз. Щайгурелъул бюджеталде бачӏунеб гӏарцул къадар дагьлъулеб бугелъул.
Пенсиялде ине ихтияр кьолеб заман цӏикӏкӏинаби лъикӏаб ишлъун рикӏкӏуна цо-цояз. Гьезул пикруялда рекъон, 55 сонил ригьалъул руччабазулги 60 сон барал бихьиназулги буго лъикӏаб хӏалтӏул хӏалбихьиги хӏалтӏизе гъираги. Амма буго гӏаксаб пикруги: херлъанагӏан гӏемерлъулел руго батӏи-батӏиял гӏузрабиги ва щивасул рес букӏунаро гӏолохъанаб заманалдаго гӏадин хӏалтӏизеян абулеб буго гьез.
Лъайкьеялъул идарабазда хӏалтӏулел руго гӏемерисел руччаби. Пенсиялде инегӏан хӏалтӏизе бокьилищан гьикъана нижеца батӏи-батӏиял школазул учительницабазда. Гьез загьир гьарурал пикраби кьолел руго гьанир.
Ирайсат Гӏабдурахӏманова, биолог, 60 сон: «Дун пенсиялде ана 55 сон бараб мехалда. Амма школалдаса нахъе ине ракӏалдецин ккечӏо. Щиб гьабилеб рокъоб? Гӏумруялъго хӏалтӏулей йикӏарай дихъа бажариларо хӏалхьиялда чӏун. Дие рокьула дирго цӏалдохъабиги, цадахъ хӏалтӏулел педагогалги, дирго хӏалтӏиги. Гьединлъидал, пенсиялде аниги, хӏалтӏулей йиго дун. Пенсиялде тӏаде бачӏунеб харжалъги цо бакӏ ккола. Моцӏрое бачӏунеб харж гӏелаан дие, амма гӏумру гьабизе расги бигьалъилароан – школалда дарсазул къадар цӏикӏкӏинабеян гьаризе ккелаан. Гьанже пенсиялъул ригьалда бан къабул гьабизе бугеб цӏияб законалда улкаялъул президентас гъолбасани, 55 сонил ригьалде рахинчӏел учительзабазда ракӏгурхӏизе бачӏуна. Щивасухъа гурелъулха бажарулеб 63 сон базегӏан школалда хӏалтӏун».
Кӏиго соналъги хӏалтӏила
Татам Хӏусенова, филолог, 58 сон: «Дида ракӏалда буго 60 сон барабго пенсиялде ине. Щайгурелъул захӏмалъулеб буго хӏалтӏизе. Аслияб къагӏидаялда захӏмалъула цӏиял жал лъазаризе. Масала, исана нижер школалъул киналго учительзаби ритӏана тьюторазул курсазде. Анкьида жаниб кӏицӏул унаан лекциязухъ гӏенеккизе ва рокъор тӏуразарулаан гьез кьурал тӏадкъаял. Гӏадалнах гьалулеб бугин кколаан – захӏматал ва ракӏалда чӏезаризе бажаруларел терминалги цогидал жалги гӏемер руго. Гьединал курсал жеги гӏемер рукӏине ратила. Ригь араб мехалда сахлъиги лъикӏаб букӏунеб гьечӏо. Жеги 60 сон бачӏей дица щибаб къоялъ гьекъезе ккола дараби. 63 сон базегӏан кинаб сахлъиги хӏалги хутӏилебали лъаларо».
Хӏукуматалда лъала
Патӏимат Гӏисаева, ингилис мацӏалъул учительница, 62 сон: «55 сон барай чӏужугӏадан ккола жеги жаналда йигей гӏадан. Щай гьединай учительница рокъой чӏезайизе кколей? Дица бана 62 сон, амма пенсионеркаян абизе бокьиларо. Хӏалхьиялде инеги жеги заман бугин рикӏкӏуна. Хӏукуматалда лъала, кин харж гьабизе кколеб гӏарацали. Жакъа пенсиязе гӏарац батичӏони, кьогеха нижее гьеб. Рес ккезегӏан хӏехьела. Нилъеда тӏадаб буго гьеб хӏукмуялда разилъун чӏезе».
Къанцӏцӏун къватӏире рехи
Алла Дмитриевна, тарихалъул учитель, 60 сон: «Дун рази йиго хӏлтӏизе, буго бажариги. Пенсияги бугелъул, дагьал гурони дарсал росичӏо дица. Нилъер улкаялда мукъсанал харжал кьолел рукӏинчӏелани, пенсиялъул реформа разиго къабул гьабилаан гӏемерисез. Бищунго ццим бахъуна реформаялъе хъатчӏвалел депутатал рихьидал. Дир яц хӏалтӏулей йиго Россиялъул цо шагьаралда, фабрикаялда. Гье-лъул буго 47 сон. Тӏубараб къоялъ эхетун чӏезе ккола гьей. Гьабсагӏатго бохдул унтун йикӏуней гьей кин хӏалтӏизе йигей 63 сон базегӏан? Гьебцин гуродай цӏияб реформаялъул аслияб мурад – басрияб чӏорто кинигин къанги цӏцӏун, хӏалтӏудаса чи нахъе витӏи?»
Свакан йиго
Хӏурия Насухӏова, математик, 58 сон: «Кӏудияб ригьалъул гӏадан йигин дунилан абизе бачӏунаро. Амма жакъа бугелдаса пенсия лъабцӏул цӏикӏкӏараб букӏарабани, школалдаса нахъе инаан. Свакан йиго. 36 соналъ хӏалтӏана. Кидаго хӏалтӏулаан ракӏбацӏцӏадго, лъималазде рокьигун. Цебе гӏадин гьанже рази-ракиго унаро дун школалде, отпускалъул заманалда цӏалдохъабазде ракӏ баларо, кигӏан халатабин кканиги, отпуск дие хӏухьбахъизе гӏоларо. Цебе гӏадинаб жигарги гьечӏо. Абизе бегьила, учительлъун йикӏарай дун гьанже роботлъун лъугьун йигин. Лъие хӏажат вугев гьединав вечӏарав, свакан тату хварав учитель? Кинаб пайда букӏинеб гьесдаса цӏалдохъабазе? Дир гьалмагъзабазул гӏемерисел хӏалтӏулел руго гӏицӏго щолеб харжалъе гӏоло».
Учительзабазухъ гӏенеккидал, бичӏчӏулеб буго гьез батӏи-батӏиял рахъазул хӏисаб гьабулеб букӏин. 50-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ школалда хӏалтӏарал педагогазул, гьайгьай, буго лъикӏаб хӏалбихьи. Амма гьезие гӏолеб гьечӏо цӏияб заманалъул къагӏидабазда рекъон хӏалтӏизе бажари. Гьеб буго цо рахъ. Гьединал гӏиллаби жеги ратизе бегьула. Гьединлъидал лъикӏаб букӏина, пенсиялде иналъул масъала жинцаго учителас тӏубазе, ай пуланаб ригьалде вахараб мехалда, пенсияги босун рокъовищ чӏелев яги хӏалтӏудейищ хьвадилев абураб суалалъе жаваб кьезе.
Кавсарат Сулейманова