Дагъистаналъул тарихалда июль моцӏ

Конституциялъулаб собраниялъ Дагъистаналъул цӏияб Конституция къабул гьабуна гьаб моцӏалъ

1614 соналъул 21 июлалда гӏурусазул пача Михаил Федоровичас лъарагӏазул гиназ Герее кьуна гӏурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота.

1631 соналъул 29 июлалда Хайдакъалъул уцмий Рустам-ханас гӏурусазул пача Михаил Федоровичасде гӏурусазул къайимлъиялде восеян хитӏаб гьабуна.

1720 соналъул 26 июлалда гӏурус пачаяс гиназ Чопан-шамхалие гӏурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота кьуна.

1722 соналъул 18 июлалда Петра I — сесул флот генерал-адмирал Апраксинил бетӏерлъиялда Астраханалдаса Каспий ралъдалъе ана.

1722 соналъул 27 июлалда Петра I

— сесул бетӏерлъиялда гӏурус аскарал Дагъистаналъул Аграхан заливалда рещтӏана.

1722 соналъул 28 июлалда Эндиреялъул Айдемир вахъана Петра I — сесде данде. Гьениб гӏурус аскараз Эндирей-аул щущахъ биххизабуна.

1725 соналъул 27 июлалда Россиялдаги Турциялдаги гьоркьоб къотӏи хъвана ва гьелда рекъон Астрабад, Мазандеран, Гилян, Баку, Салян и Дербент рачӏана Россиялде гъорлъе, Ширваналъул, Армениялъул, Гуржиязул хутӏарал ракьал Турциялда хадур хутӏана.

1733 соналъул июлалда Крымалъул аскарал Фети-Гирейил бетӏерлъиялда Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏана.

1742 соналъул июлалда аваразул ханасги Дербенталъул гӏадамазги, Хайдакъазул уцмиясги, Цӏоралъул жамагӏатазги Терекалда чӏарал гӏурусазде хитӏаб гьабуна жал Россия-лъул къайимлъиялде росеян.

1785 соналъул 15 июлалда шайих Мансурица Гъизляралда кверщел гьабуна.

1801 соналъул 12 июлалда Гъаракайтагъалъул жамагӏаталъ Александр I

– сесда гьарана уцмийлъун Разибек тӏамеян.

1801 соналъул июлалда Табасарана-лъул Сограт-бекица Александр I – сесда гьарана жал Россиялъул къайимлъиялде росеян.

1801 соналъул 21 июлалда генерал-майор Глазенапомица Дербенталда кверщел гьабуна. Дербенталъул ханлъи Россиялде гъорлъе бачана.

1806 соналъул июлалда Ших-Гӏали-ханасде данде Дербенталъул гӏадамаз восстание гьабуна.

1820 соналъул 13 июлалда генерал Мадатовас Хосрех кверде босана.

1823 соналъул 29 июлалда генерал Граббел аскаралъ Эрпели ва Гъоркьияб Хъаранай росаби риххизаруна.

1832 соналъул 14-30 июлалда Хӏамзат-бегица Цӏоралде рагъулаб гьужум гьабуна.

1837 соналъул 3 июлалда Тӏелекь росулъ Шамил имамасдаги генерал Ф. Фезедаги гьоркьоб ракълил къотӏи-къай ккана.

1837 соналъул июлалда Зиури росдаде гьужум гьабуна ва генерал Фезеца Шамил имамасулгун хабар гьабуна.

1841 соналъул июлалда Ахъай-талаялъул гӏадамал Чӏикӏаре гочинаруна.

1843 соналъул июлалда Гӏахьалчӏиб рагъул щулияб си бана.

1844 соналъул 3 июлалда генерал Лидеросил аскаралъ Гӏахъуша кверде босана.

1845 соналъул 30 июлалда Чир-Юрт щулалъи бана.

1847 соналъул июлалда хирург Н. И. Пироговас гӏахьаллъи гьабуна Салтӏа щулалъи кверде босулеб рагъулъ.

1847 соналъул 21 июлалда Хважалмахьиб рагъулаб щулалъи бана.

1848 соналъул 6 июлалда Дагъистаналъул гиназ Аргъутинский-Долгоруковасул бетӏерлъиялда гъоркь Хьаргаби кверде босана.

1851 соналъул 1-3 июлалда Хӏажи-Мурадица Табасараналде ва Буйнакскалде сапар бухьана.

1853 соналъул 13-15 июлалда Дидоязул жамагӏаталде тӏадеги кӏанцӏун, полковник Меликовасул аскараз Хутрахъ росу щущахъ биххизабуна.

1854 соналъул 3 июлалда Шамил имамас сапар бухьана Кахетиялде ва Цӏинандалибе.

1859 соналъул 23 июлалда Гӏашилтӏа росу биххизабуна.

1859 соналъул 25 июлалда Дидо кверде босана.

1859 соналъул 29 июлалда Бакълъул мухъ (Гумбет) кверде босана.

1859 соналъул июлалда Зехида ва Хитохо росаби риххизаруна.

1877 соналъул 1 июлалда Дербенталъул уездалъулаб училище лъабго классалъул шагьаралъулаб училищеялде сверизабуна.

1878 соналъул 5 июлалда къабул гьабуна Россиялде гъорлъе араб Дагъистан областалъул герб. Гьебго заманалда къабул гьабуна Темир-Хан-Шураялъул гербги.

1883 соналъул июлалда генерал-лейтенант гиназ Чавчавадзе Дагъистан областалъул рагъулав губернаторлъун тӏамуна.

1910 соналъул 1 июлалда гьавуна Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Илмутдин Насрудинов.

1916 соналъул 12 июлалда гьавуна Совет Союзалъул Бахӏарчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Гӏабдулхӏаким Исмагӏилов.

1916 соналъул 12 июлалда гьавуна 1970-1979 соназда Гъизляр районалъул бетӏерлъун вукӏарав, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Степан Паламарчук.

1916 соналъул 16 июлалда Хасавюрт округалъул Аксай росдал рекьарухъабазул дандечӏей байбихьана.

1919 соналъул 14 июлалда рагъулабгун шаригӏаталъул судалъ У. Буйнакский, А.-В. Хӏажимухӏамаев, Гӏ. Ис-

магӏилов, С. Гӏабдулхӏалимов, М. Гӏалиев чӏвазе хӏукму къотӏана.

1926 соналъул 1 июлалда гьавуна Россиялъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист, Цӏ. Хӏамзатил цӏаралда бугеб премиялъул лауреат Махӏмуд Гӏабдул-халикъов.

1927 соналъул 4 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадару-хъан, поэт ва прозаик Муса Мухӏамадов.

1932 соналъул 7 июлалда гьавуна Дагъистаналъул жамгӏияв ва политикияв хӏаракатчи Суракъат Асиятилов.

1936 соналъул июлалда Дагъистаналъул кучӏдузул ва кьурдабазул ансамблялъ гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏоцебесеб Тӏолгосоюзалъул хоразул олимпиадаялда.

1939 соналъул июлалда Дагъис-

таналда рагӏалде щвана росдал магӏишаталъул коллективизация гьаби.

1941 соналъул июлалда хӏалтӏизе байбихьана Ахтиялъул 25 км. халалъуда бугеб магистралияб канал.

1942 соналъул 22 июлалда ДАССРа-лъул Совнаркомалъ ва ВКП(б) обкома-

лъул бюроялъ къабул гьабуна «ДАССРалда оборонаялъул бакӏал раялъе гьарулел тадбирал» абулеб хӏукму.

1955 соналъул 16 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв кочӏохъан Мухӏамадтӏамир Синдикъов.

1959 соналъул 5 июлалда гьавуна, Республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул рукъалъул Директор, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул сопредседатель Гӏумаргӏусман Хӏажиев.

1960 соналъул 14 июлалда гьавуна ДРялъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватӏисел ишазул министрлъун вукӏарав Загьир Арухов.

1962 соналъул 18 июлалда гьавуна Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетӏер Мухӏамад Гӏисаев.

1980 соналъул 12 июлалда гьавуна Россиялъул Бахӏарчи Аскер Аскеров.

1994 соналъул 26 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цӏияб Конституция.

1994 соналъул июлалда Дагъистаналда гӏуцӏцӏана исполнительнияб власта-лъул коллективияб идара – ДРялъул Пачалихъияб Совет.

2000 соналъул 19 июлалда республикаялъул Пачалихъияб Советалъ къабул гьабуна «Гӏорхъода ругел районазда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезаби ва экстремизмалде дандечӏей гьабиялъе тадбирал» абураб хӏукму.

2003 соналъул 10 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цӏияб Конституция.

2007 соналъул 2 июлалда республикаялъул президентасул указалда ре-къон, республикаялда гӏуцӏана гӏурус мацӏалъул совет.

2007 соналъул 6 июлалда ДРя-лъул президентасул указалда рекъон, хӏукуматалда цебе гӏуцӏана диниял ишазул рахъалъ комитет.

2011 соналъул 27-28 июлалда Дагъистаналда тӏобитӏана тӏоцебесеб экономикияб форум.