Мина базе бакӏгӏаги кьолебани…

Гьонодаса Нурудиновазул хъизамалда буго 10 лъимер

Гъветӏ кьалбаз ккола. Амма гьеб берцинлъизеги, кӏудияб гӏезеги, гьелда тӏад пихъ базеги ккани, хӏажалъула гьелда хадуб гьабулеб хъулухъ. Гъуниб районалъул Гьонода росулъ гӏумру гьабун бугеб Нурудиновазул хъизамалъул «гъветӏин» абуни буго цӏакъго берцинаб ва тӏад гӏемераб пихъ бараб. Гьезул хъизамалда буго цоцазул адаб-хӏурмат гьабулеб, мадугьаллъиялъе кумекалъе хӏадураб, малъаралъе гӏедераб, исламалъул нух ккураб ва росдаего пайда бугеб 10 лъимер. Жеги 50 сонил ригьалде вахинчӏев Камилица абула щибаб лъимадехун жиндир хасаб рокьи бугин ва тӏадеги жубала жив жеги херлъун гьечӏиланги. Гьезул хъизамалда кинабго лъикӏ бугин абуни, мекъи букӏинаро. Гӏадада гурелъулха абулеб лъимал гӏемерал эбел-инсудаса талихӏал чагӏи ракьалда ратиларин. Амма цо гӏунгутӏиги буго: пачалихъалъул рахъалдаса хъизамалъе щолеб кинабгӏаги кумек гьечӏо. Камилица абула жив Аллагьас лъикӏ хьихьун вугин ва гьелъухъ Халикъасе щибаб какда хадуб шукруги гьабулин. Гьеб битӏарабги буго. Гьелдаго цадахъ нилъее хӏалалаб, законалда рекъон щвезе кколеб ризкъи тӏалаб гьаби исламалдаги какараб гьечӏелъулха…

«Дир буго 48 сон. Чӏужу ячана 27 сон бараб мехалда. Гьеб заманалда жаниб Аллагьас нижее кьуна 11 лъимер, анлъго васги щуго ясги. Цо вас къадаралде щвана. Бищун кӏудияй яс ригьнаде кьуна. Бищун гьитӏиналъин абуни бана щуго моцӏ. Хӏалтӏулев вуго школалда хъаравуллъун. Хъизан Патӏиматги хӏалтӏулей йиго ясли-ахалда богогьанлъун», — ан бицана Камилица.

«Бетӏербахъи гьабизе гӏураб харж щолищ, пачалихъалъул рахъалдаса кумекго бугищ?» — ан цӏехедал, Камилица абуна:

— Нижер магӏишат нужедаго бихьулеб буго, тӏасаборчӏараб гьечӏо, амма гьардезе вахъине ккараб хӏалалдаги гьечӏо. Диеги лъадуеги щолеб харж буго цӏакъго мукъсанаб. Гьединлъидал гьаризе ккола цогидал хӏалтӏабиги. Пачалихъалъул рахъалдаса цо нухалъ нижер хъизамалъе кьуна 300 азарго гъуруш. Тӏокӏаб кумек бихьичӏо. Лъималазеги пособие тун батӏияб жо бачӏунаро.

— Нужеца жаниб гӏумру гьабулеб мина бихьула къваридаб. Гьаб гӏолищ кӏудияб хъизам жаниб хӏебтӏизе?

— Гьаб мина ккола дир эбел-инсул, ай дунго бетӏергьанаб бакӏ гьечӏо. Мина базе бакӏ тӏалаб гьабун, чанго нухалъ щвана районалъул социалияб ра-

хъалъ гӏадамал цӏуниялъул управлениялде, администрациялде ва гьединго бакӏалъулаб администрациялде. Амма кумек гьабулев чи гьечӏо. Гьонода росулъ, хӏажалъи ккарасецин, кьезе ракьул бутӏа хутӏун гьечӏин абуна бегавуласги.

Камилил эбел Патӏиматги рахӏатхун йигоан васасул кӏудияб хъизан пачалихъалъ кӏвар гьабичӏого тун букӏиналъ. «Улкаялда гӏадамазул къадар цӏикӏкӏине, ай демографияб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабизе кколин ахӏи балел рагӏула хӏакимзаби телевизоралдасан. Гьединал хъизамазе кумек щайха гьабулареб? Гӏицӏго эбел-инсуде рехун течӏого, щай пачалихъалъ дагьабгӏаги кверчӏвай гьабизе бегьулареб? Ялъуни Дагъистан батӏияб улкайищ кколеб? Лъимал кӏодолъулел руго, ригьин-цӏа гьабизе гӏолел руго. Саламатаб, цебетӏураблъун рикӏкӏунеб пачали-хъалъ гьезие мина-рукъалдалъунгӏаги кумек гьабизе ккеларищ?» — ан абуна Патӏиматица.

Гьонода росдал гьоркьохъеб школалъул завуч Заира Мухӏамадовалъги лъикӏаб къимат кьуна Нурудиновазул хъизамалъе. «Школалъул гӏумруялъулъ хасаб бакӏ ккола Камилилги Патӏиматилги лъималаз. Щибаб тадбиралда гӏахьаллъула, кумекалъе хӏалае чӏола, цӏализеги хашал гьечӏо. Палхӏасил, щаклъи гьечӏо гьезул гӏумру талихӏаб букӏиналда. Гьаб захӏматаб, лъабго лъимерцин хьихьизе бажарулареб заманалда 10 лъимер гьабураб Нурудиновазул хъизамалъе баркалаги шапакъатги кьезе ккола пачалихъалъ», — ан абуна З. Мухӏамадовалъ.

Хӏакъикъаталдаги Дагъистаналда ва хӏатта тӏолабго улкаялдацин гӏемер гьечӏо гьединал хъизамал. Амма квеш ккараб жо буго гьел, кумек-кверчӏвайги гьабичӏого, рехун тун рукӏин. Гьайгьай, ракъун-къечон гьел хутӏиларо, амма росдалги районалъулги администрацияз жанир чӏезе бакӏалъегӏаги санагӏалъи гьабизе бегьилаан.

Темирхан Хӏасанов