Бесдаллъарал кулаби
Умумузда цебе бугеб налъиги бичӏчӏун, заман щвечӏищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе?
Нилъер тарих, магӏишатиябгун рухӏияб кьучӏ-аслу тӏагӏин бащалъула нилъго тӏагӏиналда. Гьелъул хӏасилалда бесдаллъула ракь, мукъсанлъула пик-раби, жагъаллъула мустахӏикъаб букӏинеселъе лъолеб кьучӏ. Хӏалтӏи бокьулел, хӏалтӏизе лъалел, ракь хӏалтӏизабулел гӏадамал нилъер гьанир рукӏаго чара гьечӏого хӏажат буго кӏванагӏан хехго Европаялъул мисалалда гӏуцӏизе ва гӏумруялде бахъинабизе росаби ва кулаби цӏигьариялъул, лъикӏал нухал рахъиялъул пачали-
хъияб программа. Лъикӏаздаса лъикӏал хурухъабигун гӏи-боцӏухъабазе, хвезе течӏого росабигун кулабазе чӏаголъи кьолел гӏадатиял хӏалтӏухъабазе, Кремлялдеги ахӏун, кьезе ккола Россия цӏигьабиялъулъ ва цӏуниялъулъ лъолеб бутӏаялъухъ пачалихъиял премиял.
Тарихияб памятник
Баркала буго Мухӏамадов Гъазимухӏамадие, Ахӏмадов Рашидие, Мухӏамадов Шапивулае, Ахӏмадов Тӏагьирие, Каримов Каримие, Абакаров Мухӏамадие ва гӏемерал цогидалги гьакварисезе, Гьаквари росулъ «Бесдаллъарал кулабазе» памятник бая-
лъул пикру къабул гьабуралъухъ ва гьеб баралъухъ. Дица бетӏер къулула гьезда цебе. Гьеб ккола Дагъистаналъул мугӏрузул росабазул ва кулабазул цебесеб гӏумруялъеги, жакъа-себ къоялъе-ги, гьезул букӏинеселъеги социалияб, философияб, экономикияб ва тарихияб къимат кьолеб, гьеб киналдаго тӏад ургъизе тӏамулеб памятник. Гьеб буго гӏумру цебетӏеялда цадахъго нилъеда кӏочон, нилъеца кӏвар кьечӏого толеб бугеб нилъер тӏабигӏияб магӏишаталъе, рукӏа-рахъиналъе бугеб гӏадатияб памятник. Мугӏруз жидехъего цӏала, ахӏула Гӏумру, Эркенлъи ва Борхалъи бокьулел. Амма ахираб заманалда дие рахӏат толеб гьечӏо гьадинал пикрабаз. Нилъ ккечӏониги, нилъер наслуйищ ккезе бугеб магӏарухъ гӏумру гьабулеб ахирисеб гӏеллъун? Нилъ кӏвахӏаллъулел руго мугӏрузде рахъине, нилъеда кӏочонеб буго магӏарухъ хур бекьизе, хьон хьазе, бачӏин гӏезабизе ва бакӏаризе. Нилъ рикӏкӏалъулел руго тӏабигӏаталдаса, тӏабигӏияб квандаса, нилъ ругьунлъулел руго химиялдалъун хьезарураб кванде. Ганчӏаздаса нилъ руссана бетоналде, цӏуладаса — пластикаялде, чӏагояб, ракӏбащадаб хабар-кӏалалдаса чӏорогоял, чӏаголъи гьечӏел SMS-лъазабиязде. Бичӏчӏулеб бугищ нилъеда нилъеца нахъе тарабги, толеб бугебги, нилъ унеб ругебги бакӏ? Ургъулел ругищ нилъ гӏатӏидаб Россиялъул росабазулги рорхатал мугӏрузда ругел кулабазулги къисматалда тӏад? Щай щолел гьечӏел росабалъеги кулабаздеги кумекалъулал программабиги, гьебго мурадалда биччалеб гӏарацги? Чӏунтизе тун росабигун, рехун тун кулабигун кире нуж унел ругел, Россия ва Дагъистан? Кьибил гьечӏеб гъветӏ букӏунаро, кьучӏ гьечӏеб мина букӏунаро. Росаби гьечӏого тӏолабго Россияги, кулал гьечӏого Дагъистанги тей буго кӏудияб мунагь тӏаде боси ва стратегияб такъсир. Гъуруш, доллар ва шагьарал — гьебищ нилъер жакъасеб ва метерисеб бечелъи? Гуро. Гьедин букӏинаби ккола мугӏрузда ва гьениб гӏумру гьабун ругел гӏадамазда кьаби щвезаби. Ялъуни дир гьал пикраби гӏададиселлъунищ, кьучӏ гьечӏеллъунищ кколел? Букӏана заман Тӏасияб ва Гъоркьияб Гьаквариб сверухъ тӏадбан гӏумру унеб 100-гӏанасеб кули букӏарабги. Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Мадугьалихъ бугеб Чунч колода гӏуна машгьурав физиклъун вахъарав ва Жорес Алферовасулгун гьудуллъи ккарав Хандула Мухӏамадов. Гьениса рахъана гӏемерал бахӏарзал ва багьадурзаби. Гьел кулабахъ ункъо соналде рахарал лъималаз хьихьулаан гӏи-цӏцӏани ва бачал. Щуго лъагӏел бараз куцалаан барти-чу, лъедолаан гьалагал лъаразухъ, хьвадулаан кьурабазул парсазда тӏасан рачарал квараздасан. Гамачӏ рехулаан, чӏорбутӏ речӏчӏулаан, рагъулаан тӏоцебесеб къатӏра бидул тӏинкӏизегӏан, амма киданиги гӏодулароан ва гӏарз бахъун эбел-инсухъе унароан.
Гьезда гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъалаан гӏарзал рахъи, захӏмалъи хӏехьезе кӏунгутӏи, магӏу тӏей бихьинчиясул хасият гуреблъи. Нижер киназулго гуро гӏадатиябцин ретӏел-хьит букӏараб, рокъор-къватӏир рукӏинчӏо рехсезе гӏурал бигьалъиялъулал шартӏал, гӏорцӏизегӏан кваназе ресги кидаго гуро букӏараб. Амма нижехъ букӏана «спартанцазулаб» къвакӏиги къуркьи гьечӏеб вацлъи-гьудуллъиги, кьураб рагӏи кквейги. Гьеб макьу гуро, гьеб буго хӏакъикъат ва кигӏан абизе бокьичӏониги беразда цебе, дир кьерилазул гӏумруялда цадахъ гьеб унебги буго. Кулал тӏагӏиналда цадахъго тӏагӏунеб буго нилъер къадру-къиматалъул хӏубиги.
Лъица хвезабулеб бугеб Дагъистаналъул къадру?
Бегьулароан чорок гьаризе Ритӏухълъи, Намус ва Кьалбал. Рацӏцӏадаллъун хутӏизе кколаан нилъер квералги, ракӏги, хьулалги. Амма нилъеда кӏвечӏо гьедин чӏезе. Лъица сах гьабилеб лъукъ-лъукъараб Дагъистан? Нилъеда ратулел гьечӏо гьединал гӏадамал. Жиндирго тӏалабазул ургъелазда, нич тӏагӏун цӏогьодулеб бугеб нухмалъиялъ хвезабуна Дагъистаналъул къадру. Гьедин букӏиналъ гурищ Дагъистаналъул жавабчилъи дагъистаниязда божилъи гьабичӏого тарабги. Гьечӏо божилъи, разилъизе ккола хӏакъалда. Щиб лъугьараб нилъее, нилъер гьайбатаб Дагъистаналъе? Тӏокӏал рихьуларищ нилъеда цӏиял имам Шамилалги, Къоркъмасовалги, Данияловалги? Хӏинкъи лъаларел муридазул наслу жиндирго пикру гьечӏел чиновниказдейищ сверараб? Кида ва щай нилъ ккарал цӏукӏабилъун, кир нилъ ругьунлъарал нахъасан речӏчӏун гӏайибго гьечӏев чӏвазе? Щиб нилъехъ хутӏун бугеб умумузул ирсалдаса? Заман щун гьечӏищ лъалхъизе, ургъизе, хӏисаб гьабизе? Каспиялъул меседил салиги тун, щиб гьабизе нилъее Турциялъул ганчӏил цӏурал пляжал? Щиб гьабизе нилъее Мисриялъул пирамидаби, Дагъистаналъул мугӏрул гьездаса борхаталги тӏадегӏаналги ругеб мехалда? Умумузда цебе бугеб налъиги бичӏчӏун, заман щвечӏищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе? Цӏумада районалде щварав цӏар рагӏарав тохтур-ортопед Ариэль Аренбергица гьадин абуна: «Гьадинал захӏматал шартӏазда гӏумру гьабун рукӏиналъухъ, киналгӏаги налогалги росичӏого, пачалихъалъ гьал гӏадамазе кьезе ккола гӏарац», — абун.
Ватӏанилан ахӏула хӏинчӏалъги
Гьаквариб эхетараб памятник ккола дунялалда тӏадго тӏоцебесеб. Гьелъ нилъ ахӏулел руго цӏодорлъиялдеги жавабчилъиялдеги, гурони, 50-100 соналдасан хадусеб гӏелалъ жеги пашманаб, «Бесдаллъарал росаби» абураб памятник базе ккезе буго. Нилъеда бичӏчӏичӏони нилъерго къисмат ва цӏуничӏони миллиял мацӏалги, гӏадат-гӏамалги, тарихги, тӏабигӏатги, гьелде рачӏине рукӏиналда щаклъизе бакӏги гьечӏо. Жакъа нилъер мугӏрузда, мугӏрузул росабалъ буго нечезе ккараб мискинлъи ва киса-кибего буго хӏалтӏи гьечӏолъиялъул масъала. Гӏемерал росабалъе жакъа къоялъги гьечӏо машинадул нухал. Россиялъ бащдаб дунял хьезабун буго газалдалъун. Гьелдаго цадахъ кӏочон руго Дагъистаналъул мугӏрузда ругел росаби, хӏатта гьенибе газ бачиналъе риччарал миллиардазул бицана гӏемераб. Киб бугеб газ, кир ругел миллиардал? Дида кинго бичӏчӏизе кӏоларо Дагъистана-
лъул мугӏрузда ругел рагъулал частазде Россиялъул рикӏкӏадасел регионаздаса гьанги, рахьдал нигӏматалги, пихъ-овощалги раччиялъул магӏна. Гьебги кколарищ нилъер къадру цӏакъго гӏодобе гьабиялъул хӏужа? Нилъеца нилъерго къадру гӏодобегӏан гьаби кколарищ, тӏабигӏиял шартӏаздалъун бечедаб Дагъистан, Москваялдаса бачӏунеб гӏарцухъ балагьун букӏин? Дир хӏисабалда, ккола. Цӏакъго квеш ккараб жо буго Россиялъул ва Дагъистаналъул нухмалъулезе мугӏруздаса гӏемерго цӏикӏкӏун гӏодоблъиялда ругел «хинал» кабинетал рокьулел рукӏин. Дун божула росабиги кулабиги цӏилъиялда, «асфальталъулаб» гӏумруги чӏалгӏун, магӏарулал мугӏрузде руссине рукӏиналда. Гӏемераб заман буго гӏумру гьабун рикӏкӏадаб шагьаралда дун вугелдаса. Амма дир рекӏелъ кидаго буго Дагъистан. Ватӏаналде щола санайил, гьеб буго дир налъи, дир зиярат. Дица щивго чиги ахӏуларо хӏурият гьабизе ккеялде, рагъ-ракьалде, бокьун гьечӏо тӏадруссине дол балагьал, киса-кирего тушманзаби ралагьулел сонал. Дица ахӏулел руго дагъистаниял камилал, роцӏцӏарал пикрабазде ва Дагъистан цебетӏеялъе квербакъулеб хӏалтӏуде.
Мухӏамад Гӏабдулхабиров