Анлъабилеб сентябралда «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана республикаялъул гӏолилазул ишазул рахъалъ министр Камил Сагӏидов.

Гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб бугин министерствоялъ гӏолилазул хӏаракатчилъи цебетӏеялъе, гьезул цӏи-цӏиял гьунарал загьир гьаризеян бицана Камил Сагӏидовас. Мисалалъе, гьал гӏагарал къоязда рагӏалде бахъанин нилъер гьаниб тӏобитӏараб «Россиялъулгун Египеталъул гӏолилазул форум». Цӏакъ пайда цӏикӏкӏараб тадбир лъугьанин гьелъулилан абуна министрас.

Гьединго К. Сагӏидовас бицана дагьаб цебе «Россия — моя история» абураб тарихияб паркалда тӏобитӏараб акциялъулги. «Бергьенлъиялъул диктант» хъвана гьениб гӏезегӏан чиги гӏахьаллъун.

— Нижеда ракӏалда букӏаралдасаги цӏикӏкӏун чи вачӏана исана гьениве. 110 батӏияб бакӏалда тӏобитӏана нижеца диктант хъваялъул тадбирги. Гӏадамазул гӏемерлъиялъ, гӏодор чӏезе бакӏал гӏоларогоцин рукӏана. 15 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс хъвана исана диктант. Гьеб хӏакъикъаталдаги рохизе ккараб иш буго. Гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ щулалъулеб буго тарихалдеги, умумузул бахӏарчияб гӏумру лъазабиялдеги къасд. Кӏиабизе, нужеца гьикъизе бегьула, 9 маялда цебе гуреб, 3 сентябралда гьеб тадбир тӏобитӏиялъул мурад щиб букӏарабилан. Бергьенлъиялъул къоялда цебе гьеб тӏобитӏизе санагӏалъи ккечӏо, пандемиялъул асар жеги лъугӏун букӏинчӏо. Гьединлъидал пикру ккана тадбир Кӏиабилеб Дунялалъул рагъ лъугӏараб къоялде данде ккезабун тӏобитӏизе. Гьедин гьаби лъикӏги ккана. Щайин абуни, жакъа чанги пачалихъал лъугьун руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб улкаялъ лъураб бутӏаги гьелъул халкъалъ бихьизабураб бахӏарчилъиги тарихалда гьоркьоса нахъе хъвагӏазе. Хӏатта нилъеца босараб бергьенлъицин цогидазе насиб гьабизе лъугьун руго гьел. Мисалалъе, США гӏадал къуватал пачалихъал сабаблъун кӏванин дунял фашизмалдаса бацӏцӏад гьабизеян абураб пикру тӏибитӏизабулеб буго. Гӏададисел хьулал. Гьезул гьодорал, щибниги кьучӏ гьечӏел гьагал мурадазгун хитӏабаз тарих хисуларо. Гьеб буго нилъер умумуз бидулъги ччун хъвараб тарих. Гьединлъидал цӏакъ лъикӏ ккана нижеца диктант хъваялъул тадбир исана 3 сентябралда тӏобитӏи. Рохизе ккараб иш буго гьеб хъвазе къватӏисел пачалихъалъул гӏадамалги гьоркьоре журай, — илан бицана К. Сагӏидовас. Гьелдаса хадуб министрас бицана 12-17 сентябралда республикаялда тӏобитӏизе бугин «Каспий — 2022» абураб цӏаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул форумги. Гьанжеялдаго гьелда гӏахьаллъизе бокьаразул 2000 гӏарза къабул гьабун буго. Амма форумалда гӏахьаллъизе ругин тӏаса рищарал гӏолилалин бицана министрас.

— Исанасеб форумалда цӏияб жолъун ккола гьениб аслияб темабазул цояб ватӏан бокьиялъул мисал, умумуздаса чӏухӏи гӏадал ишазде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе букӏин, — илан абуна министрас. – Гьабсагӏат Украинаялда хасаб операция унеб заманалда гьединал мисалаздалъун гӏолилал куцай кӏвар бугеб масъала буго. Гьелдаго цадахъ тӏуразаризе руго цогидалги проектал. Гьел хурхарал рукӏине руго гӏумруялъул батӏибатӏиял рахъазда: бизнесалда, социалиял масъалабазда, рукӏарахъиналъул суалазда ва цогидалдаги. Бергьаразе щвезе буго гранталъулаб кумекги. Исана 80 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ биччан буго гьелъие. Гьеб киналъего нухмалъи гьабулеб буго Ростуризмалъ. Грантазул суалазде гъорлъе лъугьине нижер, министерствоялъул ихтияр гьечӏо.

Амма кин гьеб хӏалтӏизабулеб бугебали лъазабизелъун кьварараб хъаравуллъи букӏине бугеблъи хӏакъаб буго. Жидеего бокьараб бакӏалде гӏарац харж гьабизе грант щварасул ихтияр букӏунаро. Гьеб харж гьабизе ккола хас гьабун конкурсалда бергьараб проект гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда.