Гьанжеги щиб ракӏгъанцӏизабулеб лъугьа-бахъиндай кканаян, телевизор биччазе яги интернеталде раккизе хӏинкъарабги нечарабги хӏал букӏунаан чанго соналъ цебегицин. Гьедин нилъер республикаялъе щун букӏана къойилго тӏоритӏулел КТОязулги, кверда синжралги ран, цересан туснахъ гьарулел хъулухъчагӏазулги рахъалъ кутакаб машгьурлъи.
Гьелде халкъ ругьунлъунцин букӏана. Гьединлъидал гӏемерисеб мехалда бичӏчӏулароан къватӏиса рачӏарал гьалбадерил гӏажаиблъи: гьадигӏан берцинаб тӏабигӏаталда гӏумру гьабулел нужеца туризм щайин цебетӏезабулареб, жиндир заманалда Турциялъ кинигин, гьелде кӏвар кьуни, нуж габунире рахун бечелъулин рагӏулаан абулеб. Релълъунеб жо букӏарабани, нилъер умумузги гьабилаанин гьеб, гьез гьабулеб батичӏелъул, жидееги щайилан, квер хьвагӏун толаан нилъецаги туризм. Яги нилъерго жоялъул къимат гьабунгутӏиниги батилаха гьеб.
Дагъистаниязул менталитет гурилан чӏаралги рукӏана байбихьуда – имам Шамилилги Хӏажимурадилги наслабаз гӏумруялъ гьабуларила туристазе хъулухъ. Гьабуниги, гьелъухъ гӏарац босизеги нечолила.
Амма гӏумру буго хиса-сверулеб жо. Гьединго гӏадамалгиха. Гьедин жакъа магӏарухъ хӏетӏе чӏезе бакӏ букӏунаро туристазул гӏемерлъиялъ. Масала, цохӏо Гьитӏинаб Гьоцӏалъгицин буго хасав чи бетӏергьанаб, 60-ниги номералъул гостиница. Гьебги цӏун, рукъ-рукъалъурги къабул гьарула гӏадамаз улкаялъул киналго регионаздаса рачӏарал туристал. Гьебго ахӏвал-хӏал буго цогидал росабалъги.
Гьабсагӏаталда туристазе бищунго рокьулел руго Дагъистаналъул мугӏрул. Гьелъин гьел магӏарухъеги хьвадулел ругел. Амма нилъер буго жеги ралъадги. Гьединин гьал къоязда республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас загьир гьабураб Гъаякент районалда ралъдал рагӏалда курортги базе кколин абураб пикру. Гьев гьедин кӏалъана гьал къоязда Владивостокалда тӏобитӏараб экономикияб форумалда (ВЭФ). Россиялъул президент Владимир Путиницаги рахъккуна гьелъул.
60 улкаялдаса гӏезегӏан машгьурал эксперталги, бизнесменалги, гӏалимзабиги, политикалги гӏахьаллъараб гьелда инфраструктураялъулги мастер-планированиялъулги рахъалъ семинар бачине тӏадкъан букӏана нилъер республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасда. Курортин абуниги, гӏицӏго гьеб бан тезеги ракӏалда гьечӏо. Проекталда рекъон, Сочиялда релълъараб шагьар лъугьинехъин буго гьениб лъимал сах гьариялъул центрги, экспо-площадкаги, гостиницабиги рани. Гьелъул хӏакъалъулъ Ашахан Юсуповас хъвараб макъала нужеда батила кӏиабилеб гьумералда. Улкаялдаго рагӏун гьеб проекталъулго гӏадин, Дагъистан дунялалда машгьур гьабурав кӏиявго магӏаруласулги бицунеб буго гьал къоязда. Цӏадаса Расулги Генуса Шамилги ккола гьел. Расулил «Хъахӏал къункърабаз» Дагъистаналде вакӏарун вуго чанго нус-нус чи, рикӏкӏунел руго шагӏирасул кучӏдул, республикаялъул нухмалъиялъул минаялда жаниса бахъарал, кисакирго чӏван руго гьесул суратал.
Бернард Шоуцайищ, Генрих Гётецайищали ракӏалда гьечӏо, рагӏун букӏана гьезул цояс санайилго дунялалда чанго миллион чи кваназавулилан («поэт кормит несколько млн человек» абураб магӏнаялда). Чӏаго вугеб мехалдаги, хведалги Расулил баракат щвана гӏезегӏан чиясе.
Дагъистаналъул брендлъунги лъугьана гьесул цӏар. Амма гьелдаго цадахъ рахӏатхвезабула шагӏирасул асарал гьанже къанагӏатги магӏарулалъ рахъунгутӏиялъ. Гьединлъидал хьул буго Расулил юбилеялде пачалихъалъ биччараб 8 млрд гъурщида гьоркьоса дагьа-макъаб къадаргӏаги магӏарул мацӏалда гьесул тӏахьал рахъиялъеги биччалин абун. Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялде хӏадурлъиги буго тӏадбан унеб. Кватӏичӏого Авартеатралда кӏудияб тадбир гьабизе буго гьелда хурхун. Гьединго гьаб газета типографиялде кьезе сагӏтал хутӏидал, Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Шамил имамасул 500 кагъат» абураб тӏехьалъул кӏиябго томалъул презентацияги. Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасда цадахъго гьел кагътал ралагьизе, гӏарабалдаса руссинаризе квербакъана магӏарул миллаталъул чӏухӏилъун кколел гӏолохъанал тарихчагӏи – Мухӏамад Шайхмухӏамадовас, Шагӏбан Хӏапизовас, Рамазан Гӏабдулмажидовас, Жамалудин Маламухӏамадовас, Гӏабдурахӏман Мухӏамадовас, Мухӏамадгӏарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.
Гьел кагътазулъ Кӏудияв имам цевечӏолев вуго инсан, рагъухъан, муъминзабазул амир, гӏалимчи хӏисабалда (презентациялдаса макъала хадусеб номералда кьела). Амма гьесул хъвавулаб ирс ва Кавказалъул рагъул тарих цо бакӏалдеги бакӏарун, букӏине кколедухъ цӏех-рех гьабун лъугӏун гьечӏо. Гьединлъидал гьел тӏахьал ратаги гьелъие лъолеб байбихьилъун.
Зульфия Хӏажиева