1979 соналъул хаслихълъи букӏана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдал кьераб гордеги, тӏасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранда чвантида бараб тӏеренаб пиджакги ретӏун, тетрадгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегӏана.

Гвангъун щвараб бакъул къо букӏана. Данде кканщинав росуцояс махсаро-хочӏалда тӏовитӏун, отличниклъун вукӏине щулияб ниятгун, тӏоцебесеб партаялда нахъа гӏодов чӏана дун, амма гьеб дида ракӏалде ккараб гӏадаб бигьаяб масъала батичӏо гьеб отличниклъи. Дун квегӏаб квералъ хӏалтӏулев вукӏана, мугӏалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегӏаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазубуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букӏана захӏматаб масъала, суратал рахъизе махщел букӏинчӏо, хатӏ букӏана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутӏараб гьениб? Ай цӏалул байбихьи лъикӏаб букӏинчӏо.

Нижер классалда рукӏана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачӏана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукӏарав чи. Дица цӏакъ гӏажаиблъи гьабуна гьев вихьаравго. Цо моцӏалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чӏезабизецин кӏвелароан дида. Учительзабиги гӏоларого, гьарун букӏун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачӏайилан.

Учителас цӏакъ нижер тӏалаб гьабулаан, партаялда нахъа битӏун гӏодор чӏезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кӏвар кьун жиндихъ гӏенеккизе кколила, гӏемераб жо бицана гьев чияс. Лъикӏав чи вукӏана, мугӏалим хӏисабалдаги квешав вукӏинчӏо, махсаро-хочӏ гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захӏматго гурони бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Гьес бицунеб букӏана магӏарул болмацӏ. Ниж ругьунаб росдал тӏомуразул лугъат гуреб, тӏахьазда букӏунеб литературияб магӏарул мацӏ букӏана гьес бицунеб.

Гьеб мацӏ дида цо нухалда рагӏун букӏана, росулъе ретӏел-кун бичизе рачӏарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацӏалда ахӏулел кучӏдулги рагӏун рукӏана. Гьезда цадахъ ахӏизецин ахӏулаан, амма бащдабги магӏна бичӏчӏулароан.

Нижер мугӏрузда гӏурус мацӏ рагӏизего рагӏулароан, радиоялдасан рагӏани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гӏурус мацӏалда гаргадулев рагӏун вукӏана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукӏинчӏо. Лъималазул ясли-ахалги рукӏинчӏо. Гьеле гьеб лъаялъул нахъарателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагӏабигун «великий и могучий» гӏурус мацӏ лъазабизе.

Школалде ун чанго моцӏ аралдаса, цӏализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугӏалимас рокъоб рекӏехъе лъазабизе гӏурус мацӏалда кӏиго куплет бугеб кечӏ. Хӏалицаго гӏадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагӏатго кӏочонги тана… Гьеб нагӏана батаяб кечӏ сабаблъун гӏемер гӏакъуба бихьана. Чӏвараб магӏгӏадин — «Мун киналдго щуйил къиматазда цӏализе ккола», — ян абурал инсул рагӏабиги рукӏана гӏаданир рагъилел. Бищунго ургъел чӏвараб жо гьеб букӏана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечӏелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукӏинчӏо.

Заман унеб букӏана, цо мухъги ракӏалда чӏезабизе кӏолеб букӏинчӏо кечӏалъул. Цо нухалъ микьабилеб классалда цӏалулев кӏудияв вацас, цӏалун рекӏехъе кечӏги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тӏамулев вукӏана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букӏинчӏо. Гьев дида тӏад велъанхъулев вукӏана. Дун довгун къацандилев, гӏодилев, вагъулев вукӏана. Гӏодиялъ багӏарлъун бералгун, кодоб ккун букӏ-букӏараб тӏехьгун, печалъул хьибилалда гӏодов чӏун дун вукӏаго, тӏаде вачӏана эмен. Гьесда бихьана вачӏинахъего дир пашманлъи ва ахӏана аскӏове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битӏа-бишизабун, дун жиндаго аскӏов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тӏехьги къан, дица лъидаго рагӏиларедухъ гӏод-гӏодун биччан тана. Аскӏове вачӏун вацас бицана, гьесда кечӏ рекӏехъе лъазабун бажарулеб гьечӏилан. Инсуца тӏехьги рагьун? балагьана дир кечӏ ва цо-цоккун гьел рагӏабазул магӏна гьикъизе жувана. Бичӏчӏана дида цониги рагӏул магӏна бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Инсуца щибаб рагӏи дида бичӏчӏулеб мацӏалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочӏол магӏна бицана. Бащдаб сагӏаталда жаниб дида ракӏалда чӏана кечӏ ва гьале кӏикъогоялдасаги соналъ унаро ракӏалдаса, гьеб дир тӏоцебесеб кечӏ:

«…Я спрятала куклу,

Играть не хочу.

Не буду играть –

Я буквы учу!

Из буквы я сама

Составляю слова.

Сама прочитала:

«Трава и дрова.

Дрова на дворе

Трава на лугу».

Теперь, как большая,

Читать я могу…»

Гьечӏищха кутакаб кечӏ? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечӏ рекӏехъе лъазабурабилан. Киналго руцӏцӏун чӏана, дица хӏинкъадго квер борхана. Ахӏана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана, лъималаз гӏажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочӏол, гьоркьоб къотӏичӏого чваххун бачӏунеб гӏурус мацӏ рагӏун, хӏайранлъун букӏана классги, мугӏалимги. Тӏоцебесеб щуйилги босун, чӏухӏадго партаялда нахъа гӏодов чӏана дун.

Ана цӏалул соналъул тӏоцебесеб четверть. Эбел ун йикӏана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикӏана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукӏана. Учителас кьуна кьиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букӏана. «Чистописание» абураб предметги букӏана нижер. Дица кӏудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речӏчӏун бачӏана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гӏодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукӏаго, ракӏалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетӏ-гьетӏараб, цоцалъ чӏвараб хатӏалъ «Зугьра» йилан хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хӏал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатӏалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багӏарлъана ва босун кьабун бачӏана указка бетӏералда, бекулеб хӏалалъ.

«Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани? мун туснахъалде витӏула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхӏун рукӏана дида — гьитӏинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хӏинкъун вукӏана бищунго. Бицинчӏо. Лъикӏав чи ватана дир тӏоцевесев мугӏалим. Битӏараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугӏалимлъи цӏикӏкӏун букӏана зурмихъанлъиялдаса.

Мухӏамад Бисавгӏалиев

Сурат — Марина Львовалъул