Гьеб суалалдасан макъала байбихьани, цо–цоязда ккела хъвалев чиясул бетӏер сверун батилилан, газеталда къватӏибе бахъани ккела, редакторасул бетӏер сверун батилилан.

Халкъияй, дунялалда цӏар рагӏарай поэтесса. Республикаялъул журналалъул редактор. Рикӏкӏен лъаларел хъулухъал тӏуралей инсан. Кинаб гӏака?!

Гьелъулцин бицинаро, Дагъистаналдаги, цебе букӏараб СССРалдаги цониги ватиларо Фазу Гӏалиева лъаларев чи. Киназдаго лъала гьелъул килщазда рукӏунел баргъичал, гьелъул гӏинда даларал кӏилкӏал. Гьелъул сурат цебе чӏезабизе кӏоларев чи щив ватилев? Гьелъ гӏака кин бечӏчӏулеб?

Гьелъулги бицинаро, магӏарулазул цо хасаб гӏел буго Фазу Гӏалиевалъул цӏаралда цадахъ гӏураб! Гьеб гӏел школалада цӏалулеб мехалда Фазу Гӏалиевалъул хаслихълъиялде хъварал кучӏдул рекӏехъе лъазарулел рукӏана. Гьеб гӏелалъул ясал Фазу Гӏалиевалъухъего кучӏдул хъвазе лъугьана, гьелъул кучӏдузул тӏахьал данде гьаризе васал лъугьана. Гьеб гӏелалда Фазул гьумер телевизоралдасан кида паркъун аниги лъала, Фазул гьаракь Америкаялдасан рагӏаниги батӏа бахъизе лъала. Гьединай инсаналъулги гӏакдалги хурхен бугебищилан гьикъизе бегьилебищ?

Бегьула. Гьей йиго чӏужугӏадан.

Чӏужугӏадан. Фазу йиго Гиничукь росулъ гьаюрай магӏарулай. Фазу Гӏалиевалъ, ккани магьги баччула, къеда ракги чӏвала, гӏертӏида къвалги бала… Гьабизеги кинабго гьеб рикӏкӏунаго кечӏгун гьабула. Яги жиндирабго рикӏкӏунаго гьабула, яги батӏияв поэтасул рикӏкӏунаго гьабула. Гьелъие батӏалъи гьечӏо лъикӏаб кечӏ лъил букӏаниги.

Лъиданиги лъалеб батиларо Фазул гӏумруялъе кучӏдузищ чӏаголъи кьолеб, яги Фазул гӏамалалъ кучӏдулищ чӏаго гьарулелали. Гьелъул гӏумруялъулъ рессун кучӏдулги руго, кучӏдузулъ бессун гьелъул гӏумруги буго.

Бокьараб бакӏалда, бокьарав чиясе, бокьараб ахӏвал–хӏалалда гьелда кӏола гьеб бакӏалде данде кколел кочӏол рагӏаби рикӏкӏине. Бачӏинеги бачӏуна, гӏажаибго.

Цо сордоялъ кӏиго поэтги дунги щвана Фазу Гӏалиевалъул рокъоре. Мусаца нижер салам буссинабун бахъун букӏинчӏо, хӏалтӏудаса рокъое юссун ячӏана Фазу. Батӏияб чӏаголъиялъул цӏуна рукъ. Дида ккана рокъор ругел бакӏалги, шкафалги, тӏахьалги цадахъ кӏанцӏезе лъугьанилан. Ракӏалде щвана Фазул кочӏолъ ругел гьал рагӏаби:

Дица нужер къасдал, тӏолго анищал

Тӏуразе гьарила гьабсагӏаталда.

Гьабизеги гьабуна абухъего – «гьабсагӏаталда» – босун шишаги столалда лъуна, жийго богорокъое тӏерхьунги ана… рикӏкӏунаго цо кечӏгун. «Щиб хъвалевгӏаги мун вугев?» – илан Мусада гьикъун бахъун букӏинчӏо, тӏад юссун ниж ругеб рокъое ячӏана Фазу, кодоб ккун къакъалеб реччеб лъаларо, нисдал горо лъаларо – цо жоги буго, гурун рукьабиги руго, ботӏрода къан батӏияб кӏазги буго, гьанжеги рикӏкӏунел кочӏол рагӏабиги руго. Рагӏаби ракӏалда гьечӏо (хӏобода бухьараб гьоболасул чол хӏакъалъулъ букӏанилан ккола). Цойгиги кечӏги рикӏкӏунаго тӏад юссун добго богорокъоеги ана. «Хъван бахъунебгӏаги гьечӏищ?» – илан Мусада гьикъун бахъун букӏинчӏо – тӏад юссун ячӏана Фазу, рикӏкӏунаго кечӏгун (магӏида бараб ханжаралъул хӏакъалъулъ букӏанилан ккола) кодоб ккун нисдал пурщинагун. Дида гьединан хехго бежараб пурщина жеги бихьун букӏинчӏо. Тӏагӏам газеталъул кагътица къватӏибе кьоларо… Гьеб мехалда бичӏчӏана дида «гьабсагӏаталда» – ян абураб рагӏи кочӏолъе зодоса рештӏун бачӏараб гуреблъи.

Дида гуребги бичӏчӏун бугоан гьеб рагӏи зодоса рештӏараб гуреблъи.

Цӏакъ гӏемерав чи данд чӏвана дида Фазу Гӏалиевалъухъе унев вугилан. Цоясе къваригӏун букӏуна машинаялъе «запчастал», цойгидасул дагӏба–къец букӏуна ракьал рикьулеб бакӏалда, лъабабилев вачӏуна жиндир лъимер больницаялда лъеян, анцӏабилев вачӏуна Москваялде билетилан, къоло щуабилев вачӏуна квенги макьуги тун хъвараб рокьул кечӏ бугин цо–кӏиго сагӏаталъ жиндихъ гӏенеккейилан. Киназдаго лъала «гьабсагӏаталда» – йилан абураб рагӏи.

Гьединай йиго Фазу. Чӏужугӏадан.

Юбилеялда хурхинабун хъвалеб макъалаги бугелъул, тӏадехун абураб тасдикъ гьабулеб, Фазудасан бицунеб «анекдот» гӏадаб жоги рехселин.

Нагагьлъун Фазу Гӏалиевалда аскӏоре рачӏани: «Фазу, цӏакъ хӏажат ккун буго, бегьилеблъун батани цо нусазарго гъурущ кье» – ян, Фазуца абулебила: «Вабабай, вададай, щибдай гьабила ункъоялда анцӏила ичӏазарго гурони гьечӏеб дихъги…» – илан. Щибниги гьечӏеб бакӏалда махсаро бижуларо – хӏакъикъаталдаги Фазуда гьеб «кьезе кӏолареб азарго гъурщил» ургъел чӏвала.

Гьей магӏарулалъулъ, гьей чӏужугӏаданалъулъ буго сверухъе бугебщинаб жо багъа-башаризабулеб гӏажаибаб къартӏги, гьимиги, босулеб кверги, абулеб рагӏиги, гӏажаибго щибав чиясда батӏа бахъизе лъалеб гьаракьги. Щиб бугониги жо Фазуда бицунеб бугони «агьа, агьа, агьа», – илан йикӏуна, гӏенеккунцин гьечӏей гьалъие гьаб бицун дие щайин букӏарабилан бухӏун бахъун уна чехь – дудасаго лъикӏ бичӏчӏунги батула, дудаго бичӏчӏуларого бугеб тӏадеги жубала. Бицунеб жоялъул добе анибе свериги букӏунаро, цӏулалъ кьабураб магӏгӏадин, чӏванкъотӏун, мухӏканго, щаклъи кколареб къагӏидаялъ абула.

Гьелъул гӏаданлъиялъ вачӏарав чи хисизавула, жиндехунго вуссинавула. Пашманго бортун унеб гъоркьияб кӏветӏги кодоб ккун вачӏани, чӏинкьа–кӏитӏизавун витӏула, чӏинкьа–кӏитӏун вачӏани, жиндаса талихӏав чи ракьалда ватиларилан ракӏчӏезеги гьабун къватӏиве витӏула. Бакьулъа гӏебеде бачунеб, гьоркьохъеб хӏалалда гьабулеб жоги щибниги букӏунаро. Гӏинда кӏиликӏ базе ккани бала жибго–жибго квешезе гӏадин, рагӏи абизе ккани абула лъабго зани цадахъ бегулеб хӏалалда, столалда зар базе ккани бала кӏиябго цадахъ.

Фазул буго цо гьадинан байбихьулеб кечӏ:

Дида цо лахӏзаталъ цебе бачӏана

Тӏолабго дуниял дунго гьечӏого.

Кинабха Фазуда батараб жийго гьечӏеб дуниял? Гьадинаб батанилан хъвалеб буго гьелъ:

Мугӏрул, нуж цӏорорал ганчӏаллъун руго,

Каранда тӏегь гьечӏо, тӏогьиб цӏер гьечӏо.

Кибниги чӏаголъи, гӏадамал гьечӏо,

Гӏодоб биччараб сас…

Гьел рагӏабаздаса хадуб Фазуца мухӏканаб чӏванкъотӏараб хӏасилги гьабулеб буго:

…гьаб дунял гуро!

Гьедин абизе ихтиярги буго Фазул.

Гьединай йиго Фазу. Гьединай йикӏинчӏейани гьей Гиничукьа Фазу Гӏалиеваги йикӏунароан.

Киданиги кӏоченаро Фазулгун тӏоцебесеб лъай–хъвай ккараб къо. Доб букӏана щуго–анлъго соналъ цебе, Фазул творчествоялъе ревизия гьабизе «критикал» лъугьараб заман. Хасго гурхӏел тун бухулеб букӏана «Комисар» – илан абулеб цо поэма. Цоял чӏун рукӏана гьеб поэмаялда «хъарахъ» – илан хъвазе кколеб бакӏалда «гъветӏ» – илан хъван бугилан. Валлагь гурин, «гъветӏ» – илан хъвазе кколеб бакӏалда «хъарахъ» илан хъван бугилан чӏун рукӏана цойгидал. Гьоркьоб чӏван цо «гӏинтӏи» – ян абураб рагӏиги букӏана. Газет–журналаздаги Фазулги гӏинтӏиялъулги гурони бицунеб жого букӏинчӏо. Гьедин йикӏана Фазу Гӏалиева.

Цо гучав хъвадарухъан вахъине нигаталда, кӏиго хабарги босун дун щвана «Магӏарулай» журналалде. Дунялалда цӏар рагӏарай поэтессаялъухъе уневги вугелъул хъахӏаб гордеги ретӏана, щокъроре щвезегӏан гьелъул маргъалалги рахана, мухӏканлъизе тӏасан галстукги бухьана. Гьелъул творчествоялде тӏаделъун ругелъул ццидатӏа, кеп гьечӏого ятилинха гьейилан ракӏги букӏана. Фазуда гьадингояв чи вугин дунгоян ккечӏого букӏине, поэзиялъул бицине къачӏанги вукӏана.

Данде яхъун ячӏана Фазу.

– Вабабай, – илан абуна гьелъ, дир чӏужу лезгияй йикӏарайлъи кисан лъан букӏарабали, –гӏайиб гурищха гьадинав вас лезгиялъухъе ккезе…

Гьородахъ босун ана ботӏролъ букӏанщинаб поэзияги, прозаги, гӏинтӏиялъул хӏакъалъулъ бицинехъин букӏанщинаб хабарги.

Дида «Магӏарулай» журналалъул редакторлъун ятичӏо я халкъияй поэтесса, я гӏемерал цӏарал щварай магӏарулазул прозаик ва орденал медалал росарай дунялалда цӏар рагӏарай Фазу Гӏалиева. Дида гьений ятана чӏужугӏадан.

Гьединабго чӏужугӏаданлъи буго гьелъул творчествоялъулъги. Цо хабаралда Фазу Гӏалиевалъ, цӏцӏадукь эхетарай ясалъул хӏакъалъулъ, хъвалеб буго гьадинан: «…гъалал бакӏлъана…». Цониги бихьинчиясул ботӏролъе киданиги рештӏунаро гьединан мухӏканго сурат цебе чӏезабизе кӏолеб рагӏи. Щибаб кочӏолъ, щибаб рагӏулъ, щибаб мухъалъулъ Фазу бищунго цее йиго чӏужугӏаданлъун. Гьаниб халат гьабун бицине бегьилаан Афганистаналъулги…

Гьединай йиго Фазу.

Гьал къоязда гьелда къан бугеб Дагъистаналдаго лъалеб чохтӏо гӏеларищ!

Нилъер магӏарулазул хаду–хадурги поэталги, хъвадарухъабиги рижизе Аллагьас хъван батани, зама–заманалдасан Фазу Гӏалиевалъул хӏакъалъулъ хъвараб рагӏи нилъеда данд чӏвазе буго. Фазу йиго. Киназего гуро рес щолеб гьелда юбилей баркизе. Гьединлъидал дица «гьабсагӏаталда» баркила.

Фазу, баркула дуда анцӏила микьго сон тӏубай!

Хӏурматгун, адабгун Гъазимухӏамад ГЪАЛБАЦӏОВ.

05.12.92