Араб шамат къоялъ, ай 27 августалда, нижеца -ДРялъул батӏи-батӏиял басмабаздаса, радио-телевидениялдаса журналистазги машгьурал блогеразги — гӏахьаллъи гьабуна Буйнакск шагьаралъул бетӏер Исламудин Нургъудаевас гӏуцӏараб пресс-туралда.
Къогогӏан чи вукӏана нижеда цадахъ. Гьезда гьоркьор рукӏана ЦУРалъул нухмалъулев Султӏан Гӏабдуралимов, «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадов, блоггерал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи Шамиль Хадулаев, Рамазан Рабаданов, Яна Ваймер ва цогидал.
Сталин, Ермолов ва «Кавалер-Батарея»
Пресс-туралъул тӏоцебесеб бутӏаялда мэрас нижее шагьаралъул цо-цо бакӏазде экскурсия гьабуна.
Тӏоцере ниж щвана шагьаралъул краеведениялъул музеялде. Гьеб ккола Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб ДРялъул Миллияб музеялъул филиал. 1920 соналъул 13 ноябралда гьеб минаялъуб И. В. Сталиница Дагъистаналъе автономиялъул статус кьунин абураб игӏланги бугоан гьениб чӏван. Гьенибго цо заманалда Авар театрги букӏана.
Жибго музей гӏемер кӏудияб гьечӏониги, гӏемерал интересал тарихиял тӏагӏалабигун баянал ругоан гьенире ракӏарун. Сталиница нахъа хӏукму къотӏараб столгицин бугоан цӏунун. Рукӏана гьединго революционеразул гӏумруялда хурхарал баянал, гьезул рукӏарал тӏагӏалаби ва ярагъ.
Хадур ниж рачана цӏар рагӏарал революционерал Махӏач Дахӏадаев, Уллубий Буйнакский ва цогидал рукъараб паркалде. Гьениб нахъа бугоан Ермоловас жаниб гӏумру гьабун вукӏараб минаги. Гьенисанго бихьана «Кавалер-Батарея» абулеб кьуруги.
80 млн гъурущ
Щвана цебе сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазе сайигъат гьабураб паркалдеги. Цебе гӏала-гъважаялъул цӏун букӏараб бакӏалда гӏадамазе тира-сверизе ва хӏухьбахъиялъе саламатаб бакӏ лъугьинабун буго Исламудин Нургьудаевас гьениб.
Экскурсия гьабулаго, бетӏерас ва гьесул заместителас бицана шагьаралда регионалиял федералиял проектал кинаб къагӏидаялда гӏумруялде рахъинарулел ругелали.
Исана Буйнакск шагьар бергьун буго «Гьитӏинал шагьарал ва тарихиял росаби» абураб Тӏолгороссиялъул конкурсалда. Гьениса щвараб 80 млн гъурущ шагьаралъул архитектурияб рахъ лъикӏлъизабиялде биччазе бугин бицана мэрас.
«Дагъистаналъул цогидал шагьараздасагун районазда гьоркьоса тӏоцере ниж бергьана РФялъул строительствоялъул министерствоялъ тӏобитӏулеб гьеб конкурсалда. Гьениб нижеца бихьизабуна шагьаралъул ах къачӏазе бугин. Конкурсалда гӏахьаллъарал РФялъул 73 субъекталдаса 300 муниципалитеталда гьоркьоб нижер проект лъикӏаблъун рикӏкӏиналдаса ниж цӏакъ рохарал руго. Гьенисан щвараб гӏарцуца нижее шагьаралъул архитетурияб сипат лъикӏлъизабиялъе лъикӏаланго кумек гьабизе буго. Ах къачӏаялъул хӏалтӏаби гьанжеялдего байбихьун руго. Дир ракӏчӏола, шагьаралда ругел гӏадамазе гьенире хӏухьбахъи гьабизе рачӏине бокьизе букӏиналда», — ян бицана Нургьудаевас.
Сапаралъул ахирияб ва аслияб бутӏа букӏана «Чӏикӏаб-Буйнакск» лъелмухъ бачунеб бакӏалде щвей.
Шагьаралъул гӏадамазул гӏемерал соназ цӏакъ рахӏат хвезабулеб буго лъел суалалъ. Гӏаммаб къадаралда, тӏолабго шагьаралъе букӏине кколеб хӏалалда лъим щвезелъун цо сордо-къоялда жаниб кьабизе ккола 24-25 азарго куб.м. лъел. Цӏакъго гьеб иш хӏалуцуна лъалъадулеб ригь щведал — ихдал ва риидал. Гьеб заманалда чӏикӏасез тӏадран жидерго ахал лъалъазе байбихьула.
Гӏемераб бакӏалде изну гьечӏого лъим бачиналъ ва лъим жанисан унеб рогӏоро тӏубан чӏунтӏун букӏиналъ, шагьаралде бачӏунеб гьекъолеб лъел къадар циндаго гӏодобе кколеб буго Буйнакскиялда. Лъел мухъ 80 проценталъ басралъун, чӏунтӏун буго.
Щулиял, хъазмил рогӏралги ругеб лъел мухъалъул гӏаркьел гьабуни, гьеб иш тӏубанго рукӏалиде бачӏине бугин абуна И. Нургьудаевас. Гьелъул халалъи букӏине буго 32 км.
«Гӏуцӏун буго проекталъул смета ва рагӏалде бахъана пачалихъияб экспертизаялъул хӏалтӏиги», — ян абуна мэрас.
Проект босун буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялде гъорлъе. Жакъасеб къоялде рагӏалде рахъун ругин абизе бегьула лъим бачиналда цебе шагьранух хасал къотӏелазде бикьиялда хурхарал геодезиял хӏалтӏаби.
Тӏадеялъул лъим щвела
«Тӏасияб соналъул октябрь моцӏалдаса байбихьун шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе сордо-къоялъ, чӏечӏого бацӏцӏадаб, гьекъолеб лъим бачӏине буго», — ян абуна И. Нургьудаевас.
Лъел мухъ бугеб бакӏалда гьабураб экскурсиялдаса хадур ниж рачана Чӏикӏаб хӏорил рагӏалда бугеб ахикье хӏухьбахъи гьабизе. Нигӏматаздалъун гьарзаяб столалда нахъа Исламудин Нургъудаевас бицана жакъа къоялда шагьаралда бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул.
«Жибго гьитӏинаб букӏаниги, бечедаб тарихалъул, цебе тахшагьарлъун букӏараб бакӏ ккола Буйнакск. Гьанир руго цӏакъ гӏажаибал, гьобол-гьудул хириял гӏадамалги. Дун къаси-къаси паркалде уна тира-сверизе. Гьенир дида дандчӏвала цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Цӏакъ бокьула дие гьезулгун гара-чӏвари гьабизе, гьезул дарсазухъ, малъа-хъваязухъ гӏенеккизе. Шагьаралда гьабизе ракӏалда бугеб бищун цебе гьезулгун дандбала дица», — ян бицана Исламудин Нургъудаевас.
Нижеда цадахъ столалда нахъа рукӏарал Буйнакскалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазги цӏакъ лъикӏаб къимат кьолеб бугоан шагьаралъул бетӏерас ва гьесул къокъаялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏуе. И. Нургъудаев бетӏерлъун вачӏаралдаса шагьаралъе лъалеб цебетӏей кканин абуна гьез.
Тӏагӏамаб къадеквандаса хадуб, хӏорида цебе, тӏабигӏаталда мэрасулгун пресс-конференцияги гьабуна. Гьенибги гьес гьабураб хӏалтӏул хӏасилал гьаруна.
Гьелдаса хадуб, катераздаги рекӏун, лъеда тӏасан свериги бахъана нижеца. Бакъанимех бугониги, бищун дагьалдасан 20 катер цӏурал туристазул къокъабиги дандчӏвана. Туристазе хӏухьбахъиялъе гьарурал бакӏазда лъикӏал шартӏалги ругоан чӏезарун гьенир. Цогидал бакӏазда чамалиго соналъ ралел гьечӏел хӏажатханал, нужер гьанир объект лъугӏилалдего, цебеккунго ран ругин махсаро гьабуна нижеда цадахъ вукӏарав Рабадан Рамазановас.
Къасиялдехун, рокъоре унаго, къасисеб Буйнакскалда свералабиги рахъана нижеца. Гӏемер гӏадамал ругоан парказдаги къватӏахъги тира-сверулел. Буйнакск рикӏкӏуна къватӏазда канлъи чӏезабиялъул рахъалъ бищунго хьезарурал муниципалитетазул цояблъунги.
Гьедин, лъикӏаб хӏухьбахъиги гьабун, тира-сверулаго, дагь-дагьккун нахъа тана нижеца къадги къасиги гвангъараб Буйнакск шагьар…
Мухӏамад Манапов