Цӏибил бакӏарулеб гваялде тахшагьаралъул хъулухъчагӏи рахъинаруна Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Дербент районалъул ОАО «ДЗИВ-2», ООО «Виноградарь» ва АО «Имени Наримана Алиева» магӏишатазул ракьазда тӏиритӏарал цӏолбол ахазукь радалго рещтӏана кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун, Дагъистаналъул министерствабазул ва цогидал тӏадегӏанал идарабазул вакилзаби. Гьезул цоцоял рачӏун рукӏана цадахъ жидерго лъималги рачун.
Ахазул хважаинзабаз щивасухъе кьолеб букӏана цӏибил бакӏариялъе хӏажатаб хӏалтӏул алатги. Рахӏатал кабинетазда ругьунал чагӏазе хӏургун бакъ гьарзаяб зодикь хӏалтӏи расги бигьалъунги батиларо. Суратал рахъун, хьим-хьилаго рагӏдукь рахчарулезда бичӏчӏизе гӏураб хӏалалъ Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас мухӏканго бицун букӏана байбихьудаго, рекӏелгъеялъе бухьараб сапар гьеб гуреблъи.
Гӏезегӏанго сонал руго Дербенталъул чогърол заводалъ (ОАО ДЗИВ), Геджухалъул ракьал ижараялъеги росун, гьенир цӏолбол ахал гӏезарулаго. Заводалъул директор, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏдулаевас гьалбадерида бицана жидерго магӏишаталъул гӏуцӏиялъул, бихьизабуна цӏибил бакӏариялъе, гъабу цокӏалго кӏуриялъе босараб багьаяб, Дагъистаналда жеги къанагӏатаб техника. Мисалалъе, цӏибил бакӏарулеб цо комбайналъ хисулев вуго нусго хӏалтӏухъан. Аза-азар гектаралда гӏезарулел цӏолбол ахазул щибаб гъабуялде хӏалтӏухъанасул кверзул мухӏканлъи щоларин, щун хӏалги кӏоларин бицунеб букӏана Сагӏдулаевас.
Щибдай гьазул бажари букӏинаян халккураб гӏадаб балагьи букӏана гьел магӏишатазда гӏемерсоназулаб захӏмат кьурал хӏалтӏухъабазул. Цо-цояз разилъи загьир гьабулеб букӏана цӏолбол ведраби чӏехьезе рачӏарал нижедаса: «Кигӏан кӏваниги лъикӏаб иш гьабулеб буго нужеца. Байрам гӏадин буго нижее жакъа гьалбал гӏемераб къо. Гьаб къагӏида щибаб соналъ бачӏин бакӏарулелъул гӏадатлъун билълъанхъизабизе лъикӏ букӏинаан», — ин абулеб букӏана гьез.
ОАО «ДЗИВ-2» хӏалтӏухъабазул цояв Геджухалдаса Низамудин Михрабовасин абуни ракӏалде щвезаруна жидерго бечедаб гӏаммаб магӏишаталъ хайир кьолеб советияб заман ва хадуб гьеб щущахъ биххараб заман: «Нижер Геджухалъул ракьал кидаго рукӏана хайир кьолел. СССР биххаралдаса нахъе чӏунтизе тун букӏана магӏишат, бетӏербахъиялъе гӏемерав чи къватӏивехун ине кколаан. Мухӏамад Сагӏдулаев гьаниве вачӏаралдаса нахъе цӏидасан чӏаголъана нижер ракь, гӏемерал гӏадамазе хӏалтӏиги гьанибго буго». Чӏунтун, тӏубанго рехун тун букӏараб цӏолбол магӏишат цӏидасанги хайир кьолеб мухъде бачунаго, Сагӏдулаевас гьабураб хӏалтӏул батӏаго бицине мустахӏикъаб букӏина.
Пачаясул заманалъги, советиял соназги улкаялда машгьураб букӏана Геджухалъул цӏибилгун чагъир. Гьанже Дербент районалъул чанго магӏишаталъ цӏакъ тӏадчӏун цебетӏезабулеб буго гьеб рахъ.
— Хъизан хьихьизе гӏураб харж букӏунищ? — ан абураб суал кьуна дица цӏибил баччулеб КамАЗалда хӏалтӏулев Элдар Сагӏидовасе. – Кӏвахӏаллъичӏого хӏалтӏарав чиясе лъикӏаб харж щола. Риидал моцӏрое 30-40 азаргоялдеги рахуна, хасало кӏиго нухалъ дагьлъулаха. Кьиндал хӏалтӏиги гӏемераб букӏунарелъулха,- ян жаваб гьабуна гӏолохъанчияс.
Лъимерлъудасаго росдал гӏумру, яшав лъалев чиясда росдал магӏишаталъул кӏварги бичӏчӏулеб батила. Росдал захӏматчагӏазде, халкъалъего пайдаяб магӏишат гӏуцӏулезде бугеб хӏурмат ишаздалъун, хӏукуматалъул тӏалабалдалъун бихьизабулеб Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. «Алжанул гӏаркьел гӏадаб, магӏишатяшавалъе чанги ресал ругеб нилъер республикаялда рехун тарал ахал, чӏунтарал кулаби, гӏи-боцӏи гьечӏого чӏороголъарал мучӏдул, рекьичӏел хурзал рихьидал, ракӏ унтичӏого хутӏуларо. Гьеб кинабго чӏаголъизабиялъе нилъер пачалихъалъ ресал ратиялда хьулги бижула гьадинал къояз», — ин абуна, гъотӏол рагӏдукьги чӏун, тӏаде рачӏарал гьалбадерихъ балагьарав цо ригь арав чияс. Хӏалтӏуца кӏвекӏиялъ кӏодолъарал гьесул кверазухъ балагьун намуслъана дунгоцин.
Хӏургун кӏкӏуй бетарал пихъил ахал
Магӏарухъе — нахъе хьвадулелъул нижерго ахикь ругониги, Юждагъалъул ракьалда «Хӏакъикъат» гьоболлъухъ букӏана. Гьоболасдаги лъикӏабквешаб халлъичӏого хутӏуларелъулха. Дербент районалде унаго нухлул кӏиябго рахъалъ гӏолел цӏолбол ва цогидаб пихъил ахал рихьун ракӏ бохула. Загьирго бечелъун, цебетӏолеб буго республикаялъул гьеб рахъ. Аммаха, хӏургун кӏкӏуй тӏад бетараб пихъ бихьидалги ракӏунтула (тохтурзабазги заралияблъун бихьизабулелъул цӏикӏкӏун машинаби хьвадулеб шагьранухлул гӏагарлъухъ гӏураб нигӏмат). Гӏажаиблъи гурищ, гӏорлъун машинаби чвахулеб нухлул рагӏаллъабазда, ахалгун хурзал заралияб кӏкӏуйдаса цӏуниялъе, рохьил мухъ (лесополоса) гьечӏолъи! Бугебги бакӏазда гьеб релълъуна чӏунтелал хутӏараб некӏсияб росдада, ракъварал, рекарал гъутӏби цӏикӏкӏун ругоан рагӏад кьолездаса.
Тӏубараб республикаялъего гӏаммаб унти бугин гьебин абуни мекъиги ккеларо. Лъицадай гӏезаризе ккола нухлул рагӏаллъабазда рохьил мухъал, щивдай гьелъул жавабиявин суалги бижичӏого хутӏуларо. Цӏи чӏаралги гъутӏби ракъвала хадубккун лъалъан, тӏалаб гьабичӏолъиялъ. Цогидал регионазде, улкабазде щун, гьенир нухлул рагӏаллъабазда бугеб мухӏканлъи бихьидал, гьелго суалал рижула.
Гьабги батила батӏаго борханиги бегьулеб суал.
Патӏимат Гьитӏинова